МагъчIваялъе рес

5300 хIалтIухъанасе харж щун гьечIо февралалда


Пачалихъияб Статистикаялъул официалияб сайталда кьурал баяназда рекъон, февраль моцIалде щвезегIанги харжал щун гьечIо Дагъистаналда щуазаралда лъабнусидаса цIикIкIун чиясе.

Гьоркьохъеб куцалда щивасе щвезе кколеб буго 10 аза-азар гъурущ. ГIаммаб куцалда босани, мухьдал налъи 57 млн-са цIикIкIун гъурщиде бахун буго. Гьеб ккола республикаялъул ва бакIалъул бюджетаздасан кьезе кколеб букIараб гIарац.

Мухь щвечIезул цIикIкIанисел ккола мугIалимзаби. Хадусеб иргаялда руго электроэнергиялъул, бухIарабгун цIорораб лъим ва газ кьеялъул хIалтIи гьабулел чагIи, бакIал ралел, гьединго росдал магIишаталда хIалтIулел гIадамал.

Гъизилюрт шагьаралъул лъабго школалъул мугIалимзабазе кьун батичIо 5 млн-лде гIагарун гъурущ. Гьел ккола гъоркьисала декабралъул мухь щвечIел № 1, 5, 7 школазул мугIалимзаби.

Гъизилюрталдаго гIадаб ахIвал-хIал Гъаякенталдаги, Дербенталдаги, Хьаргабиги букIун, кIиго моцIалъ цебе прокуратураялде гIарза хъван букIун буго республикаялъул мугIалимзабазул махщалилаб цолъиялъ. Гьелъул нухмалъулев Амиродинов МухIамадица ЭР-ялъе бицана гьал къоязда байбихьанин Гъизилюрталда мугIалимзабазе налъи бецIизе. Амма жиндир заманалда республикаялъул бюджеталдасан муниципалиял гIуцIабазде битIулеб гьеб гIарац щай хъулухъчагIазе кьоларебани бугин жидеда бичIчIизе кIвечIеб жоян абуна гьес.

МухIамад Амиродинов: «Жидеего, администрациялъе, харж щвечIилан жеги рагIани дуда?»

ЭР: «РагIичIо».

МухIамад Амиродинов: «Гьелеха дуе жаваб. Жидеего бищун тIоцебе босула гурищ гIарац. Жидеего тIадеги хъулухъалги рагьун руго гьел. МугIалимзабазе гIарац щунгутIиялъул гIайиб буго администрациязда. ТIокIаб лъиданиги гьечIо».

Заманалда харж бачIине кватIани, гIадамазул цо къокъаялъ чара гьечIого гIайиб гьабула республикаялъул бетIерасде. Амма Амиродиновасул пикру батIияб буго.

МухIамад Амиродинов: «ГIайиб рехизе чи валагьулев вуго аз. Щай аз гIайиб гьабулареб жидерго мухъалъул, шагьаралъул администрациялъул бетIерасде? Сметаялда рекъон, щибаб шагьаралъе, мухъалъе мухь кьезе хIажалъулеб гIарац биччала бюджеталдасан. Цинги жидехъего щведал, администрациязул бутIруз гьеб биччалеб буго жидерго къваригIелазе, яги федералияб стандарталда рихьизаричIел хъулухъазе. Масала, Гъаякент мухъалда цо школалда ватана директор хисулев микьго чи. Гьезул харжалги руго гIезегIан кIудиял. Гьединлъидал мугIалимзабазе гIелищ бюджеталдасан бачIунеб гIарац? ГIоларо. Федералияб программаялда рекъон, школазеги ясли-ахазеги батIаго биччала гIарац. Руго лъай кьеялъул идарабазул хIалтIухъаби мухъазул бюджеталдасан гIарац щолел, республикаялъул бюджеталдасан щолел. Цо-цоязе къваригIун буго гIарац республикаялъул бюджеталдасан кьезе. Гьенисан гьеб кьола гIицIго федералияб стандартазда рихьизарурал мугIалимзабазеги тарбиячагIазеги гурони. ХутIаразе (тIадеги лъай кьолел (дополнительные) идарабазеги) кьола бакIалъул бюджеталдаса».

Республикаялъул прокуратураялъул баяназда рекъон, 12 млн-са цIикIкIун гъурщил налъи батун бугоан дагьалъ цебегIан Избербаш шагьаралъул радиозаводалдаги. Гьебго шагьаралъул «Горводоканал» абураб идараялъги 4 млн гъурщил къадаралда налъи гьабун батана харжалги кьечIого. Гьединабго налъи тIатинабун букIана гъоркьисала прокуратураялъ «ЧIикIабГЭСстрой» абураб гIуцIиялдаги – гьелъул щунусиде гIагарун хIалтIухъанасе 66 млн гъурщил къадаралда мухь бецIун батIичIо.

Россиялъул улка-цIуниялъе ярагъ хIадурулеб «Дагдизель» заводалдаги хIалтIухъабазе харжал кьезе рес гьечIолъи лъугьун бугин лъазабун букIана гьал къоязда Дагъистаналде вачIиндал Россиялъул хIукуматалъул вице-премьер Дмитрий Рогозиница.

XS
SM
MD
LG