МагъчIваялъе рес

Цоязе къанун, Жириновскиясе - бокьа-бокьараб...


Кавказалъул халкъал инжит гьарулеб магIнаялъул кIалъай гьабун хадуб дандерижиял загьирлъизе заман бачIо. Пачалихъияб Думаялъул вице-спикерас рикIкIунеб буго улкаялда такъсирчилъи дагьлъизе ккани Шималияб Кавказалъул регионазда лъимал гьариялъул къадар дагьлъизабизе кколилан. Гьел рагIабазе гIоло Жириновскиясда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьи тIалаб гьабулеб буго политологазгун жамгIиял хIаракатчагIаз.

Пачалихъияб Думаялъул вице-спикер Владимир Жириновскияс гьал къоязда
Къоло цоабилеб октябралда Волгоградалда гьабураб теракталъ иргадулаб нухалда рес кьуна Дагъистанги дагъистаниялги цогин нухалъ Россиялъул миллатчагIазда цере инжилъун рихьизе. Октябаралъул къоло ункъабилеб къоялъ Владимир Соловьевасул «Поединок» абураб телепередачаялда гьоркьоб лъураб аслияб сал букIана кинан Россилда чIезабилеб такъсирчилъи.

Пачалихъияб думаялул Вице-спикер, миллатчиялиялде гьоркьобе ракьа рехизабулел кIалъаяладлъун цевеккунги машгьурлъарав Владимир Жирниновскияс тIубанго зани бегизабураб кIалъай гьабуна гьениб. Шималияб Кавказалъул регионазда, хас гьабун абуни Дагъистаналда Чачаналда ва Гъалгъаязул республикабазда лъимал гьариялъул рахъалъ гIурхъи чIвазе кколилан.

Жириновский Владимир: «Мисалалъе, бай нилъеца кибехуниги цо кинаб букIаниги магIишаталъул бутIа, кье гьезие хIалтIизе бакIги. Амма гьезул хадурги жегиги цIикIкIун ратула лъимал, 5, 10, 15 лъимал. ТIабараб россия хIалтIизе кколеб буго цохIо кавказалъулазе. Гьа, нилъ ракъаца хвезейищ чIезе кколел. Кколаро! Гьезги гьарейин абе цогидаз гьарулел къадаралда рекъон кIигоялдасаги цIикIкIун гьечIел лъимал. Лъабабилевги гьавуни гIакIа къотIизе буго! Бокьун гьечIищ гьедин, гIурхъи чIазе буго, зазххараб маххул хьуриялъ сверун кквезе буго Кавказ! Гьединго бокьун гьечIищ, чIезарила! Жидерго 10 ги 15 лъимал жидецаго хьихьеян абе бокьадухъе!».

Студиялда Жириновскиясда данде бахIсалде ахIун вукIана миллатазда гьоркьосел суалазул рахъалъ Президентасда цебе гIуцIараб шураялъул вакил, политолог Максим Шевченко. Гъваридаб магIнаялъул кIалъаялда гьес кIвар буссинабуна Жириновскиясул калам тIубанго релълъунин Гилтерил фашизмалъул заманалъулаб пропагандаялда.Жакъа гIажаиблъии аьбизе бачIунеб бугин тIубараб пачалихъалъул Думаялъул вице-спикерилан вугев чияс гьединал экстремистиялъул магIнаял кIалъаял гьарурел рукIиналда.

СагIатги хадубгиялъ халат бахъараб гьеб данделъиялда рукIана боркьарал бахIсал. Жириновскияс загьир гьарулел пикраби мекъи рукIиналде кIвар буссинабулеб букIана гьениб цогидалги экспертаз. Дагъистаналъул рахъалдаса гьесдехун кьварараб калам гьабуна Мосвкаялда вугев политолог Къурбанов Русланица.

ХутIарал политикиял хIаракатчагIазул пикруги кватIичIо къватIибе загьирлъизе. Гьал къоязда Чачаналда бугеб ЛДПР партиялъул вакиллъиялъ лъазабуна регионалда бугеб жидерго хIракатчилъи лъугизе теялъул, ай Ччачаналда бегубе ЛДПР партиялъул бутIа жибго жинцаго къалеб бугилан лъазабуна гьез. Пачалихъияб Думаялда Дагъистаналъул рахъалдаса депутат СафаргIалиев ХIажиметица. Жириновскияс гьабураб калам кIвар кьечIого тезе гьечIин жидецаялъ лъазабуна депутатас.

Талат къоялъ жиндица бухьен гьабизе бугин Генерелияб прокуратураялъулгун, къануналда рекъон Жириновскияс гьабураб калам экстремизмалъулаб хIаракатчилъиялде гъоркье кколеб бугони, гьесда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьичIого жив чIезе гьечIилан абулеб буго ХIажиметица.
Гьединабго магIнаялъул гIарза Генпрокуратураялдегун улкаялъул президентасул цIаралда битIун буго «Союз партиотических сил» абураб багъа-бачариялъул вакилРаслуов Русланица. Жирнивскиясул кваказалъул халкъал инжит гьабураб калам жаваб кьечIого тезе бегьуларилан абуна гьес «Эркенлъи» радиоялъулун кIалъаялда.

Амма я Халкъияб мажлисалъул депутатазул цонигияз, я Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница.Гьеб гIажаибли гьабизе ккараб хIужа гьечIилан абуна гьелда тIасанги Расулов Русланица. Халкъияб Мажлисалъул цIикIкIарасеб бутIа жидехъ бугел Цогояб Россия партиялъул вакилзабазул цониги халкъалъул ургъел бугев чи гьечIилан риIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчияс.

Расулов Руслан: «Дица цебеги абулеб букIна гьел депутатал халкъалъ рищарал гурилан. Халкъалъ рищарал рукIаралани гьезул гьабулеб хIалтIиги халкъалде гIагараб букIинаан. Единая роосиялъул вакилзаби рукIана тIоцере жиринвоскис гIадалаб кIалхай рагIидал гьелъие жаваб гьабизе колел чагIи. Амма гьезул рахъалдаса щибниги жо бачIинчIо къватIибе. Гьелдасан кинаб хIасил гьабизе бегьелб нилъеца. ХIасил буго гьеб партиялъе я миллиял суалазул, я халкъалъул гьезие ургъел гьечIеблъи. Гьединго щибниги жо рагIичIо президентасги абулеб. Щай гьеб гьечIеб. Дида бичIчIолеб бакIалдаса гIебеде гьел депутатазул цонигиязда унтун гьечIо жидерго халкъалда хIунсулеб рагIи абурав ЛДПР партиялъул вакиласул калам».

Лъалеб букIахъе Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалда гьечIо цониги ЛДПР партиялъул вакил. Гьезул регионалияб вакиллъи буго МахIачахъалаялда. Амма гьезул рахъалдаса цониги чиясулгун бухьен гьабизе щвечIо нижер программаялъе.
XS
SM
MD
LG