МагъчIваялъе рес

Экстремистияллъун рикIкIунел вэб-сайтазул цIарал рехсолел гьечIо


Дагъистаналъул печаталъул министерлъиялъ тIатинабун буго республикаялда экстремизмалъул магIнаялъул баянал тIиритIизарулеб сайт. Гьанже гьезулгун хIалтIи гьабизе буго прокуратураялъ. Амма интернеталъулгун хIалтIи гьабулез абулеб буго киналго Дагъистаналда ругел интернет сайтал рикIкIине бегьулин гьединаллъун.

Экстремизмалулаб пропаганда гьабулеб 33 батIияб сайт тIатинабунин нижеца ва гьезул хIакъалъулъ баян прокуратураялде кьунилан абулеб буго Дагъистаналъул печаталъулгун информациялъулаб политикаязул рахъалъ министр Аджиев Азнаурица. Гьедин гьес бицана «Итар-Тасс» агентлъиялъулгун букIараб гара-чIвариялда. Амма щиб сайт гьебали гьелда щибаб цIар-цIарккун гьес гьениб рехсолеб гьечIо. Гьелъие гIилла бугин цин диванханаялъ гьелъул щибалъул хал гьабичIого гьезул цебеккун бицине бегьулареблъиян бицана «Эркенлъи» радиоялъе интернет сурсатазда хурхун халтIи гьабулев МахIачхъалаялдаса Тимур ХIайдаровас. Гьеб цо кIиабизе бугони жакъа бокьараб Дагъистаналда бугеб интернеталдаса информация тIибитIизабулеб сайталъул хал гьабуни гьезул бокьаралда цIар чIвазе бегьулин экстремистазул сайт бугин гьебилан абун. Мисалалъе босани «Черновик» газеталъул сайт, гьединго «Кавказская Политика» «Кавказ пресс» ва гьел гурел цогидалги. Амма гьез бицунеб бугеб экстремистияблъун рикIкIунеб 33 гIанасеб сайт интернеталъул гьурмадаса бачахъун гьезухъе киданиги бажаруларилан рикIкIунеб буго гьес.

ХIайдаров Тимур: «Цо заманалда къан букIана «Кавказ-пресс» абураб сайт. ТIолабго Дагъистан гьеб сайт рагьун бажарулеб гьечIилан зигардулел ругеб мехалда дун паракъат гьеб сайтги рагьун вукIана. Кин гьебилан гьикъулеб батани, интернеталда буго хасаб программа гьелъул кумекалдалъун кIола бокьараб сайтги рагьун гьеб хIалтIизабизе. Гьеб программаялъ бихьизабула мун мисалалъе къватIиса хIукуматалда вугилан».

Амма печаталъул министр хисулев Зубайру Зубайруев тIуванго рази гьечIо гьел сайтал къан бажаруларин абураб хIужаялда. Федералияб информалат хIисабалда хъвай-хъвагIай гьабураб сайт гьеб батани кIолин Россиялда гьеб гьукъизе.

Зубайру Зубайруев: «БатIияб иш буго къватIиса пачалихъазда серверал ругел сайтал гьел рукIунтун захIмалъизе бегьула гьел гьукъизе, техникиял тIалабазухъ балагьун. Дунги гьеб масъалаялда жаниб кIудияб бичIчIи бугев чи кколаро. ЧIванкъотIунги абизе кIоларо»

«Эркенлъи» радиоялъ дагьаб цебегIан бицун букIана гьаб соналде хIадурун бахъине бугин экстремизмалде данде гIуцIараб хасаб стратегия.

Стратегиялда тIад хIалтIулеб буго Россиялъул жанисел ишазул министерлъи. Улкаялда экстремизм тIибитIиялъе кумек интернеталъ гьабулин абулеб буго гьениб. Гьединлъидал гьеб документ гIуцIаразда ракIалда буго интернеталдасан гьарулел гьужумазде нухал къазе. Гьелда данде рахъинаризехъин руго блогералги, журналисталги, гIадатиял гIадамалги, интернет-провайдералги. Экстремизмалъул хIакъалъулъ макъалаби кин хIадурилелали хасаб лъай кьезехъин буго гIолохъанал журналистазеги.

Амма инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ президентасда цебе гIуцIараб шураялъул вакилзабазул цо-цоял ракIрекъолеб гьечIо гьеб стратегиялда. Гьелъулъ цо чIванкъотIи гьечIилан.

Шималияб Кавказалда экстремизм тIибитIунгутIиялъе нухал къазелъун хIукуматалъ бюджеталдаса хвезарулин санайил нус-нус миллиардал гъурущилан бицунеб букIана чанго моцIалъ цебе МахIачхъалаялда тIобитIараб данделъиялда печаталъул министр Азнаур Аджиевас. Гьеб данделъиялда цояз абулеб букIана гьукъараб информация бугел сайтазде нух щвеларедухъ нухал къварилъизаризе кколин.

Амма блогеразул пикруялда рекъон Рссиялъул хасал хъулухъалда бажаруларо гьеб гьукъун, щайгурелъул чIахIиял сайтазул серверал ругел къватIиса хIукуматалдаса гьезие гIемераб гIарац щолелъул.

XS
SM
MD
LG