МагъчIваялъе рес

40 соналъул тарих суратаздалъун


Гьал къоязда Дагъистаналда рагьана «Энергия Наследия» абураб ЧIикIаб ГЭСалъ 40 сон баялда хурхун тIобитIулеб выставка. Гьенир рихьизарун руго гьеб ГЭС балеб мехалда рахъарал суратал, гьанжесеб ГЭС бихьизабулеб видео.

ЧIикIаб ГЭСалъул юбилеялде жеги киданиги кибниги гьабичIебгIадаб проект ургъун буго дагъистаналъул художниказ. Муса Гайворонскияс, ПатIимат ХIусеновалъ, МухIамад Дибировас ва Тимур Мусаев-Каганица Дагъистаналъе хасиятал батIи-батIиял суратал ва накъищал рахъун руго гьеб ГЭСалъул къадазда ва сангаралда. Гьеб проекталъул ва Каспийскалда бугеб ТIоцебесеб Галереялъул нухмалъулей Дагирова Джамиляца бицухъе Дагъистаналъул. бечедаб тарих ва маданият бихьизабулеб буго ГЭСалда рахъарал суратаз. Гьединаблъун лъугьинеги къваригIун букIанин жидее гьебилан бицана гьелъ выставка рагьулаго.

Дагирова Джамиля: «Нилъер халкъияб маданияталъулъ буго нилъер къуват. Гьеб цIуниялъе хIаракат бахъи щивав чиясда тIадаблъун букIинеги ккола. Гьединлъидал РусГидро Компаниялъ ЧIикIаб ГЭСалъ 40 сон баялда хурхун цо кинаб букIаниги проект ургъейин абураб мехалда нижеда ракIалде ккана гьелъул къадал къачIазе. ГIемерисел чагIазда бихьулареб бакI бугониги гьеб ГЭСалде рачIун гIемерал гьалбал, бокьун букIана гьезда ГЭСалъул къадаздаги нилъер маданияталъул кескал рихьизе. ЦIикIкIунисел гьел руго нилъер республикаялда тарихчагIазда ратарал некIсиял тIагIалабазул, тIанса-салмагазда рессулел рукIарал накъищазул, гIарцул тIагIалаби гьарулелъул гьезда тIад рахъулел рукIарал накъищазул суратал. Бокьарав чиясе гьел рихьизе рес гьечIолъиялда бан нижеца гьениб гьабураб кинабго хIалтIул суратал рахъана. Гьезул лъабкъого сурат буго жакъа выставкаялда бихьизабулеб».

Гьединго выставкаялда рихьизабулел руго ГЭС балеб мехалда кидаго гьелъул хъвалев вукIарав, гьединго суратал рахъулев вукIарав журналист Олег Санаевасул сураталги. 30 сураталда бихьулеб буго кин гьеб ЧIикIаб ГЭС балеб букIарабали. ГамачI-цIул баччулел чагIаздаса бахъараб чанго нус-нус метралъул борхалъулда бугеб ГЭСалъул сангар балел чагIазде гIунтIун бахъун буго Санаевас.

ЧIикIаб ГЭС гьоркьобе унеб Русгидро Компаниялъул пресс-службаялъул бетIер ХIайбулаева ПатIиматица выставкаялда кIалъалаго абуна гьеб проекталъ ГЭСалда цIияб гIумру лъунин абизе бегьулилан. Гьеб бугила цадахъго тарихияби гьанжесеб заманалъулги проект. Гьелъ гIадамал жидерго тарих ракIалде щвезабизе тIамулила, маданияталдехунги гьезул бербалагьи хисизабулила. Жеги кибниги цониги ГЭСалда гьабун букIинчIила гьединаб къачIа-кIатIай, амма гьелдаса хадуб Дагъистаналъул цойгидал ГЭСаздаги гьединабго яги цойги батIияб къагIидаялъ къачIазе бокьун бугин жидеейилан бицана ХIайбулаева ПатIиматица.

Выставкаялде ячIарай искусстволъазабулей Шамадаева Вагидатица абуна ГЭСалъул къадазда рахъарал гIадал суратал шагьаразул къадаздагун нухаздаги рахъани лъикI букIинаанила. Чорокал, махIцарал, къачIачIел шагьаралъул беркIал чурарабгIадаб жо лъугьинаанила гьелъул къадаздагун минабазда гьел суратал рахъанийилан бицана Вагидатица.

Вагидат Шамадаева: «Гьел суратал рихьаралго дун йиххун хутIана. Гьеб буго кутакаб проект. Гьелъул кIваралъул бицун бахъинаро жакъа. Цо-цоязда кколеб батила гьебгIаги щибизе къваригIараб жойин, лъиданиги бихьулареб бакIалда рахъарал суратаз щибин кьезе бугебилан. Гьезха унго-унгояб лъикIаб хIасил кьезе бугеб. ГЭСалде рачIунел чагIи гIемерисел рукIуна батIиял бакIаздаса гIадамал, нилъер гьалбал. Гьезда бихьизе буго нилъер гIадамал къватIабакьун кьурдизе гурониги цойгидаб иш-пишаялъе гьунар бугел гIадамал рукIин. Гьезда гьединго бихьизе буго нилъер бугеб некIсияб тарих, нилъер бугеб бечедаб, батIи-батIияб, лъиданиги релълъинчIеб маданият. Кинаб рес щваниги, гьебги хIалтIизабун киса-кибего нилъер халкъалъул лъикIал рахъал рихьизаризе ккола дида. Гьединлъидал гьеб проект гьелдалъун лъугIизе тезеги бегьуларо. Дицани гьал художниказе пикру кьелаан гьединал суратал шагьаразул къватIаздаги рахъейин абун. Гьез шагьар цIигьабизе буго».

ГЭСалда суратал рахъулелъул нахъе хутIарал релъалаби гIадада течIего цойги щиб бугониги шагьаралдаги гьабизе бокьун букIанин жидее художниказ. Гьединлъидал гьезул пикру ккун буго Каспийскалъул ахикь тIоцIебесеб галереялда цебе гIодоб тIанса бахъизе. I4 художникги т Iаделъун цо къоялда жаниб лъугIизабун буго гьеб 300 квадратный метр бугеб сурат. ТIадебалагьун букIунебго дагъистаналъул тIансаялда релълъун лъугьунги буго гьеб.

Выставка халат бахъине буго 10 ноябралдалъагIан.

XS
SM
MD
LG