МагъчIваялъе рес

"Кагътил" инвестпроектал яги хIиллаялъул анатомия


Дагъистаналда бугеб кьишни-къулалъул гIадлу гьабизе, иргадулаб нухалда, тIаде босана компанияp. Гьезул нухмалъулелгун дандчIвана Дагъистаналъул бетIер. Гьединал харбал рицунелдаса гIезегIан сонал ругониги, щаялиго, рагIалде бахъараб инвестициязул проектал республикаялда къанагIат гурони гIумруялде рахъинарун бажаруларо.

Дагъистаналъул нухмалъулесул официалияб сайталда кьурал баяназда рекъон, республикаялда 200 азарго тонна кьищни-къулалъул хIалтIизабун бажарулеб завод базе рагIи кьолеб буго «Газстрой», «Финпроматом» ва «Мадала» компаниязул нухмалъулез. Гьелде тIадеги, гьеб проект гIумруялде бахъинабиялъе сурсаталги инвестораз жидедего тIаде росулел ругин хъвалеб буго рехсараб сайталда. ЦохIо кьищни-къул хIалтIизабиялда бан гуребги, батIи-батIиял проектал гIумруялде рахъинариялъул мурадалда, Дагъистаналъул бетIер гIемер дандчIвала батIи-батIиял цIаразда гъоркь загьирлъулел инвесторалгун. Бицуна хабар, дандрала суалал, ва амма щаялиго, гьабураб хIалтIул хIасил, гIемерисеб мехалда, бихьуларо.

Гьединабго куцалда, ай батIи-батIиял бакIаздаса, хIатта къватIисел улкабаздаса рачIарал инвесторазулгун гIезегIан дандчIваял тIоритIулаан республикаялъул президенталлъун ГIалиев МухIу ва МухIамадов МухIамадсалам ругеб заманалдаги. Амма щаялиго, заманалдасан, «гьороца хъамурал» киннигин гьел инвесторал тIагIунаан ва киназго кIалдиб хIацIу ккун бицунел рукIарал инвестпроекталги «балъголъиялъул» мугьруялъ рахчизарулаан. Щайха гьедин кколеб? Щиб гьелъул магIна?

Инвестициялъулаб проект гIумруялде бахъинабизе ккани, тIоцебесеб щартI буго гьелъие шартIал чIезариян бицана экономист Мусаев ТIайгибица.

Мусаев ТIайгиб: «ГIарац букIун гIоларо, гьениб щартIал чIезаризе хIукуматалъ кумекги гьабизе ккола. ТIоцебесеб иргаялда ракьул суал тIубазе ккола. Гьединго, гьеб бакIалде бачине ккола газ, ток, лъим, ай инвесторасе санагIалъи гьабизе ккола. ГIемерисел проектал рагIалде рахъунаро ракьалъул суал тIубазабизе кIвечIолъиялда бан. Гьедин, ай ракьул масъала тIубазабизе кIвечIолъиялда бан, рагIалде бахъинабизе кIвечIо «Немецкая деревня» абураб проект. ГIемер рукIуна хIадур гьаричIел проекталги. Масала, Хасавюрталда чакар гьабулеб завод базейилан букIана. Гьебги батана букIине кколедухъ хIадур гьабичIеб проект. ГIемерисел проектазе чиновниказ квалквал гьабулебги батула».

Экономист Мусаев ТIайгибица бицухъе, Сочиялдаса пуланал инвесторазе бокьун букIун буго Бабаюрталъул ракьалда цIибил гIезабулеб проект гIумруялде бахъинабизе. Амма ракьалъул масъала баккиялда бан, ай чиновниказухъа гьеб суал роцIинабизе кIвечIолъиялъул хIасилалда, гьебги гIумруялде бахъинабизе кIун гьечIо.

Ахираб заманалдайин абуни, Дагъистаналда гIемер бицунеб буго кьишни-къул хIалтIизабиялъул мурадалда завод базе букIиналъул. Гьеб базе жидеца тIаде босулин лъазабуна Рамазан ГIабдулатIиповасулгун букIараб дандчIваялда «Газстрой» рагьараб акциячагIазул жамгIияталъ, «Финпроматом» къараб акциячагIазул жамгIияталъ ва «Мадала» рагьараб акциячагIазул жамгIияталъ. Гьедин бугониги, чанго соналъ бицунеб бугеб кьишни хIалтIизабиялъул завод баялъул проект гIумруялде бахъине бугеблъиялда щаклъи загьир гьабуна журналист ва юрист МухIамадов Бияхъайица.

МухIамадов Бияхъай: «Гьел ва гьел гурел цогидалги фирмаби рачIана цереги Дагъистаналде ва гьез абулеб жо буго жидее кредитал кье, нижеца завод базе бугин. Гьединго рачIун рукIана къватIиса улкабаздасаги фирмаби. Гьез хIукуматалда цебе лъолеб шартI буго жидеда тIадги щула гьабун ракь кьейин ва хIукуматалъ къотIи хъвайин хIалтIизабураб кьишнадул килограмм рикIкIун гIарац кьезе бугин. Гьанже ругел фирмабаз абулеб буго завод жидеца балин, жидее къарзалъ гIарац кьейилан. Цониги гьединаб заводги бачIеб фирмаялъ кин гьеб базе бугебали бичIчIуларо».

МухIамадов Бияхъайица бицухъе, гIемерисел проектазда нахъа батулеб бугила жидеего ракь тIалаб гьаби мурад букIин. Гьедин, кинабалиго инвестициялъулал маргьабиги рицун жидеего ракь тIалаб гьабиялъул хIужаби кканила Хасавюрталдагун Гъизилюрталда, МахIачхъалаялда ва цогидалги бакIазда. Гьенир жидеего санагIатал предприятиялги ран ругила.

Кьишни хIалтIизабулеб завод базе бугин бицунел фирмабазул сайтаздеги раккана ниж. Гьезул сайтазда ругел мукъсаналго баяназдасан бичIчIулеб буго гьезул гьединаб завод баялъе хIалбихьиго гьечIеблъи. Гьединго, щибго баян кьун гьечIо жидерго бугеб буголъиялъулги. Гьединлъидал, кинго абизе кIоларо гьел хайиралда хIалтIулел гучал компаниябийищ яги кIалагъоркье чIван унелищали.
XS
SM
MD
LG