МагъчIваялъе рес

ЕГЭ: хIакъаб лъаялъе улбузул кумек къваригIунаро


Каспийскалъул цIалдохъаби унел руго экзаменалде
Каспийскалъул цIалдохъаби унел руго экзаменалде

Россиялъул киналго регионазда итни къоялъ унел рукIана цогояб пачалихъалъул экзамен кьеялъул тадбирал. Дагъистаналда жакъа гьеб экзамен кьолеб букIана 30 800 гIанасев гIолилал васаз ва ясаз. Церего гIадин гIемерисел эбел-эмен рази гьечIо цогояб пачалихъалъулаб экзамен тIобитIизе гьабураб хIукмуялда, амма жалго экзамен кьолез ва мугIалимзабаз абулеб буго гьелъул мунпагIатлъи цIикIкIараб бугин цIализе лъугьунел гIолилазеян. Республикаялда цогояб пачалихъалъулаб экзамен кьолеб куцалда хадуб халккуна «Эркенлъиялъ»

Цогояб Пачалихъалъулаб экзfмен кьун хадуб щвараб 36 балги гIолеб буго гьев чиясе гьоркьохъеб школа лъугIанилан абураб сертификат щвезе, амма гьес документал кьураб тIадегIанаб цIалул идараялъ жидецаго тIалаб гьабизе буго гьениве цIализе ворчIизе кигIанасеб бал хIажалъулебали. Гьединаб баян кьуна «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ.

Экзамен кьезе тIасабищараб шибаб предметалъул буго жиндирго гьединаб чIезабураб бал. Мисалалъе итни къоялъ республикаялъул тIолалго мактабазда унеб букIана гIурус мацIалъул цогояб пачалихъалъул экзамен. Гьеб кьун хадуб 36 бал щвани гIолеб буго гьев чияс гьоркьохъеб школа лъугIанилан абураб сертификат кьезе, амма цIализе лъугьунаго гьес тIасабищараб цIалул идараялъ гьесдаса тIалаб гьабизе бегьула гьенив цIализе ворчIизе хIажалъулебгIан къадаралъул бал. Щибаб цIалул идараялда гьел батIи-батIиял рукIунилан бичIчIизабуна лъай кьеялъул идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулелъ. Гьединал цIиял къагIидаби тIаде журан руго исана цогояб пачалихъалъулаб экзамен кьолеб мехалъ. Чара гьечIого кьезе кколеб кIиго экзамен добго буго: гIурус мацI ва математика. Лъабабилеб школа лъугIулес жинцаго тIаса бищизе ихтияр буго.

«Эркенлъи» радиоялъул мухбир щвана цогояб пачалихъалъул экзамен кьолел школазул цояб, Каспийскалъул анлъабилеб мактабалде.

Абизе ккола лъабго-ункъо соналъ гIадаб сурат букIинчIин гьенибилан. Кодор телефоналгун, экзамен кьолел жидерго лъималазухъе ахIизе щоларого школалъул мина сверун терелел эбел-эменги, экзменалъул масъала тIад хъвараб тIамач къватIибе бачIинабизе нух балагьулел, горда гъоркьа доре гьанире рекерулел щиб, гордухъе мали чIван щиб, гIала-гъважалде сверараб сурат букIана чанго соналъ цебе гьениб. Гьаб нухалъ гьединаб бихха-хочи букIинчIо гIадамазда гьоркьоб, жидерго лъимал къватIире рачIиналъухъ балагьун щколалъул азбар бахун къватIирехун чIун ругоан эбел-эмен, амма гьезул гьурмазда кингоги рахIатхвей букIана.

Каспийск. Экзаменал кьолел цIалдохъабазул рахъ кколел гIага-божарал школалда цере.
Каспийск. Экзаменал кьолел цIалдохъабазул рахъ кколел гIага-божарал школалда цере.

Гьезул гIемерисез гьанжеги бахчулеб гьечIоан цогояб пачалихъалъул экзамен тIобитIиялда жалго рази гьечIеблъи. Каспийскалдаса ГIабдулхIажиев ТIагьирил ясалъ меседил медалаладалъун лъугIулеб буго исана 11 класс. Амма инсуца кингоги ясалъе ЕГЭ кьезе бигьалъиялъе гIарцги кьун тIадеги цоги гIадан ялагьун йиго. ЯлагьичIого ясалъ жинцаго экзмен кьун бажарилилан ракIчIей букIинIин жиндирилан мукIурлъана гьев «Эркенлъи» радиоялъе.

ТIагьир ГIабдулхIажиев: «КIиго соналъ цеего ялагьана дица ясалъе репетитор, ялагьичIого рес букIинчIо. Школазда ругел мугIалимзабазе ургъел гьечIо дир ясалъ кин ЕГЭ кьуниги. 11 соналъ ясалъе школалда щвараб лъаялъул щибниги мукагIалъи гIечIеб хIисаб кколеб буго. ГурхIизе бачIунеб убго гьанежесел гIолилазда, дицаго школа лъугIулеб мехалъ эбел-инсуда гьелъул щибниги ургъел чIвазабичIо доб мехалъ, экзамен кьезейин дун арав яги цоги къваригIелалъищ аравалицин лъалеб букIинчIин доздаян абизе бегьула, гьанжеийн, гьанжйин абуни тIубараб хъизамго буго школалъул азбаралде бахъун чIун, лъиеха гьаб бетIер унти хIажат бугеб».

ТIагьирилгун гIахьалаб пикру загьир гьабуна нижее гьадинго цогидав гIолиласул эмен Къурбаницаги. ЛъикIал къиматаздалъун школа лъугIулеб бугониги васасе ЭГЭ кьезе кумек гьабизелъун гIарацги кьун чи валагьун вуго гьесги.

Къурбан: «Ункъил ва щуйил къиматазда лъугIулеб буго васа школа, амма дир ракIчей гьечIо жакъа гьес жинцаго экзмен кьезе кIвелин досдаян. КIийилазда цIаларалги руго жакъа дора, амма гьезул эбел-эмен цебего кколеб бакIалде гIарацги кьун паракъат рокъор руго, ниж гIадал талихIкъосал руго жакъа гьанире ракIарун. Гьединазул лъималазул цIалул хIасил лъазе гIемер заман баларо, унверститеталда цIалулаго тIоцебесеб сессияладаго гъоркь хутIула гьел».

Гьедин гIемерисел эбел-инсул цо пикру буго: жакъасел мактабазда дарсал кьолел мугIалимзабазухъа цогояб пачалихъалъул экзамен кьезе кIолеб даражаялда лъимал куцан бажарулеб гьечIилан. ТIоцебе ЕГЭ ургъарав, доб мехалъ Россиялъул лъай кьеялъул министрлъун вукIарав Фурсенко Анрейидеги бугоан гьезул кIудияб ццим. Амма мугIалимзаби рази гьечIо гьеб пикруялда. Школалда малъулелдаса батIияб щибниги жо тIалаб гьабуларин цогояб пачалихъалъул экзамен кьолеб мехалъилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Гъуниб мухъалъул КIогьориб росдал гIурус мацIалъул ва литератураялъул мугIалим Расулова Хадижатица. Жалго лъималги эбел-эменги ругьунлъун ругин цо пиркруялде: гIарацги кьун тIаса бихьизабизе кIолеб жо букIунин гьеб ЕГЭ янги абун квер хьвагIун толеб бугин гьез гьеб.

Расулова Хадижат: «ЛъикIал мисалал гIемерал рачине бегьула ЕГЭ-ялъул. Мисалалъе дида мадугьалихъ йикIарй яс лъугьана гъоркьисала гьелъул кумекалдалъун Дагъистаналъул пачалихъияб университеталде, гьейин абуни йикIана лъимал гIемераб хъизамалдаса яс, гьей жание лъугьинаюлаго гIарац кьезе рес букIинчIо гьелъул эбелалъул, гьейин абуни ЕГЭги кьун бигьаго йорчIана. Гьединал гIолилалин абуни гIемер руго мухъалда, руго хIатта мединституталдецин рорчIаралги, гьенибе кигIан гIарц кьезе кколебали нилъеда лъалаха, цо миллионцин гIолибищали… ЕГЭги кьун гьенире рорчIарал гIадамалин абуни чанго руго, чанго. Гьединго Москваялъул тIадегIанал цIалул идараялде рорчIаралги кканаха нижер росулъа лъабгониги, амма гъозие гьединаб рес щвезе букиIнчIоха ЕГЭ букIинчIебани».

ХIакъикъаталдаги экзамен кьун къватIире рачIарал гIолилалги мукIурлъулел рукIана гьедигIан захIматаб жо халлъичIин жидеда доба жанибилан. Жиндирго пикру гьадин
загьир гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Каспийскалдаса ГIалиев Исламица. Москваялъул инженерал хIадур гьарулеб тIадегIанаб цIалул идарялде лъугьине ракIалда буго гьесда.

ГIалиев Ислам: «Школалда лъикIал къиматазда цIалулев вугони щибниги захIмалъуларо ЕГЭ кьезе, кинабго бараб буго дур мугIалимасда, мун гьес хIадур гьавиялда, балатIа хIинкъиги камуларо киндай ккела, щибдай букIина абурал пикрабаз вас-васалде ккезавунги вукIуна, амма кIудияб захIмалъиги дандчIвачIоха дида».

Исана цогояб пачалихъалъулаб экзамен кьолеб буго Россиялда гIумру гьабун вугев 860 азарго гIолилал васаз ва ясаз. Гьезул 110 азаргоял ккола гъоркьисала кьун бажаричIого кIиабизеги ЕГЭ кьоел гIолилал.Итни къоялъ тIоцебсеб экзамен кьеялъул тадбиразде байбихьилалдего цересел къоязго интернеталъул гьурмазда халлъана гьанжеялдаго экзменалъе жаваб хIадурал хIалтIаби. Гьединал жавабал ратараб экзамен кьолезул хIалтIаби хIакъикъиял гуреллъун рикIкIине ругилан лъазабуна гьеб хIужаялда бан улкаялъул премьер-министр Дмиртий Медведевас.

XS
SM
MD
LG