МагъчIваялъе рес

Динияб хIаракатчилъи - хвалил гIилла


15 сентябралда Гъизляралда ГIабдула Гаппаев чIваялъе аслияб гIилла гьев «Союз справедливых» абураб жамгIияб гIуцIиялъул гIахьалчи вукIин бугилан рикIкIунеб буго гьесул сверухълъиялъ. ГьатIан къоялъул сардилъ Гъизляралда жиндирго рукъалда аскIове щолелъуб щалали лъаларел чагIаз чIвана 37 сон барав ГIабдула Гаппаев.

ЧIварасул гьалмагъ Билал МухIамадовас «Эркенлъи» радиоялъе бицана Гапаевасул чорходаса 25 автоматалъул гулла бахъанилан, гьесда тIадекIанцIи гьабуралги лъиданиги рихьичIого тIурун рорчIун ругилан.

Билал МухIамадов: «Гьев чIвана гьатIан къоялъул сардилъ II тIубалеб гIадаб мехалда. Гьаракь рагIун къватIирехун рахъарал гIадамазда гьев минабазда гьоркьосан бугеб цIакъ чIедераб бакIалда ватун вуго. Нижер пикруялда рекъон кIиго чияс цебесанги нахъасангицин речIчIун батизе бегьула гьесда гьеб бакIалда гьоркьовги къазавун. Ургьи-мес тIу-тIун балел гулби хIалтIизарун рукIун ратилин ккола дида такъсирчагIаз, щай гурелъул гьесул рукIана цIакъго-цIакъ чIахIиял ругънал. ЧIаго хутIулареблъи бичIчIулеб букIана. АхIун хадуб хехго тIаде щвараб хехаб кумекалъул автомобилалъ азарханаялде вачун щун вахъиналде хвана гьев. Лъица гьев чIваравалиги щибха лъалеб. Гьеб кватIараб ригьалда къватIир гIадамалги рукIун гьечIо, кьвагьи рагIун тIаде щвараздаги лъица речIчIарабали бихьун гьечIо»

ГIабдула Гаппаевасул сверухълъиялъ бицухъе гьев вукIун вуго лъикIав исламияв гIалимчи. Гьесухъе кумек гьарун, малъа-хъваязда хадурги гIемерчи хьвадуанин, гIадамазда гьоркьов къадру бугев чи вукIанин гьевилан абулеб буго гьалмагъзабаз. Гьезул рагIабазда рекъон Гаппаев чIваялъе аслияб гIиллалъун буго гьесул динияб ва жамгIияб хIаракатчилъи. ЧIварав вукIун вуго бусурбабазул ихтиярал цIунулеб ва гьезие кумек гьабулеб «Союз Справедливых» абураб жамгIияб гIуцIиялъул бетIерасул гьудуллъун, кумекчилъун ва гIакълучилъун.

Билал МухIамадов: «Гьес цIакъ кIудияб кумек гьабулаан «Союз справедливых» абураб нижер жамгIияб гIуцIиялъе. Гьанже туснахъ гьавун вугев гьеб гIуцIиялъул нухмалъулев МухIамад Карташовасулги цIакъ кIудияв гьудулги вукIана гьев. Гьев чIваялъе гIилла цохIо нижер жамгIияб идараялъе гьабулеб кумекги гьесул хIаракатчилъиги гурони дида бихьуларо. Ниж данде кколарезул тIубараб армия бугелъулха. Киназго адаб гьабулев гIадамаз гIинтIамулев, лъикIаб гIелму бугев чилъун рикIкIунаан ГIабдула. Гьес киданиги изнугьечIого яргъид гIуцIаразул рахъ кколароан. Кидаго ислам яргъица тIибитIизабуларин вукIунаан бицунев. Ракълидалъун тIуразаризе кколин киналго дандеккунгутIиялин бицунаан, малъулаан гьес.

Гьедин букIаниги дида гьес чанцIулго бицун букIана жив къуваталъул идарабаз гьоркьоса къотIичIого ахIулев вугин. Рокъоре рачIунги рахIат толеб гьечIин гьезилан. Хасго гIемер ахIи-хIур бахъинабураб исламалъул байрахъалги рорхун Гъизляралда букIараб бертадаса хадуб цIакъго гIемер рахIат хвей гьабулеб бугин жиндие къуваталъул идарабазилан абун букIана гьес. БатIи-батIияб къагIидаялъ хIинкъалаби кьолел ругин гьез жиндие. Доб берталъ ккараб ахIи-хIуралъул хIасилалда нижер гIолохъаби рухун, инжит гьарун вукIана, къуваталъул идарабазул вакилзабаз. Чангиял туснахъги гьаруна. Гьеб кинабго нижеда данде ургъунго гьабун букIинги лъала. Гьедин гьел хIинкъун рукIун ратилана ниж рецIел босизе лъугьинилан. ГIабдуладаги абулеб букIун буго гьел къуваталъул идарабазул вакилзабаз нуж рецIел босизе лъугьани, киналго тIагIинаризе ругин, бищун цебе дудасанги байбихьилилан»

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ ГIабдула Гапаев чIваялда хурхун рагьун буго такъсиргьабиялъул иш. «Эркенлъи» радиоялъе кьурал баяназда рекъон гьев чIваялъе гIайибиял ралагьизе хасал цIе-рехалъул тадбирал тIоритIулел руго. ЧIварасе хIинкъалаби кьолел рукIанин къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазин абураб информацияги мекъи бугин лъазабулеб буго гьез.
XS
SM
MD
LG