МагъчIваялъе рес

Ирга щвани щвела тохтурасул кумекги...


Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул Министерлъиялъ республикаялъул азарханабазда электронияб иргаялъул система хIалтIизе биччанин лъазабуралдаса кIиго соналдаса цIикIкIун заман бана, амма поликлиникабаздаса чIагоял иргаби лъугIулел гьечIо.

Пайда босулищ гIадамаз тохтурасухъе электронияб иргаялда хъваялдасаяли цIех-рех тIобитIана «Эркенлъи» радияолъ

Радал, сагIат 8 тIубарабго щванин жий азарханаялде, амма талон босизе щвечIин, гьел лъугIун ратидалин абулеб буго МахIачхъалаялдаса Къураева Суанатица. Дагъистаналъул диагностикияб централде ирга кквезе гIадамал рачIунел руго рогьалидаго, гьенир талонал рукIунин рихьизарурал, цеве ккарасе гурого щоларин гьелин бицунеб буго Санатица.

Къураева Суанат: «Радал микьгоялдаго щвана дун азарханаялде, амма хъвай-хъвагIай гьабулеб букIалда талонал лъугIун ратана. Дие хIажат букIараб кабинеталда цебе бугеб ирга лъугIизегIан чIанани, заман гIунани къабул гьаюлин абуна цо хIалтIухъаналъ, амма гьеб ирга бакъанида лъагIан лъугIицин щакаб буго. Хъвай-хъвагIай гьабулеб бакIалда буго хасаб горду, гьениб гIарац кьун, кагъат гьечIониги кьола талонал, амма гIарац кьун тохтурасухъе ине рес гьечIез щиб гьабизе кколебали лъаларо».

2014 соналъ гьабураб хIалтIул бицунеб хитIабалда жеги анцI-анцI азарханаяздаго гIадин республикаялъулаб Диагностикаялъул централдаги хIалтIулеб бугин электронияб иргаялъул системайилан лъазабулеб буго сахлъи цIуниялъул Министерлъиялъул сайталда, амма гьелдаса пайда босизе рес гьечIо, азарханаялъул сайталда гьеб хIалтIулеб гьечIо. Централъул хIалтIухъабаз гьеб хIалтIунгутIиялъе гIилла жидеда лъаларин, гIицIго талон босизе рачIун гурого тохтурасухъе ине рес гьечIин абулеб буго. Щибав тохтурасухъе букIунила бихьизабураб къадар талоназул - квота, гьединлъидал гIадамал кIванагIан цудунго рачIунила гьеб босизе букIине.

«Инсанасул капитал» абураб приоритет бугеб программаялда жаниб «Сахаб Дагъистан» абураб проект гIумруялде бахъинабулеб буго 2013 соналдаса байбихьун. Гьеб проекталда рекъон Республикаялъул азарханаязда хIалтIизе биччан буго электронияб иргаялъул система.

ГIаммаб куцалъ республикаялъул 116 азарханаялда хIалтIулеб бугин гьеб ва 2015 соналде щвезегIан 1, 7 млн. чи хъванин тохтурасухъе электронияб иргаялъул кумекалдалъунин лъазабулеб буго «РИА Дагъистан» сайталъ. Электронияб иргаялда хъвазе бегьула интернеталдаса гуребги азарханаялда бугеб инфоматазул кумеклдалъунги, амма гIемерисел бакIазда гьелги хIалтIулел гьечIо. Масала, МахIачхъалаялъул 7 поликлиникаялда инфомат лъуралдаса балеб буго 3 сон, гьедласа пайда босичIин жидецайин абулеб буго гьенире хьвадулел гIадамаз, цебего гIадин иргаялдаги чIун унила тохтурасухъе.

Электориняб иргаялдаса пайда босанищали цIехIана «Эркенлъи» радиоялъ МахIачхъалаялъул къватIазда дандчIварал гIадамаздаги. Гьезул гIемерисезда гьединаб жоялъул хабарго рагIун гьечIо.

Пенсионер Галина: «Цее дун телефоналдаса кIалъан хъвалаан дирго тохтуралъухъе. Гьанже ине кколей йиго иргаялда чIезе, пенсионер йигониги рачIунаро рокъореги. Гьеб электронияб ирга дида бихьичIо, чIахIиял чагIазда гьелдаса пайда босизе лъайги щакаб жо буго. Бищун тохтурасухъе хьвадулел гIадамал кколел ругел пенсионерал, гьезие щиб пайдаха букIинеб гьелдаса. Гьединлъидал, квешиш гьеб лъикIищали дида абизе кIоларо».

Шофер ГIусман: «Диспансеризация гьабулаго чанго къо унеб буго дир киналго тохтуразухъе хьвадулаго. Гьеб электронияб иргадул жоги дида рагIичIо,поликлиникаялдаса медикияб халгьаби тIобитIизе ахIана дун. Неврапатологасухъе 4 сагIаталдаса цIикIкIун заманаялъ иргаялда чIана, гIицIго кIиго чи гурого къабул гьавичIо, иргаби руго кIудиял».

Абакарова Майа: «Дица чанго нухалъ хIалбихьана электронияб иргаялдалъун азарханаялда тохтурасухъе хъвазе, амма интернеталдасан дида гьеб бажаричIо гьабун. ЧIагояб иргаялдаги чIун хьвадула тохтурасухъе, гIизагIан инеги ккола дун азарханаялде, ригь банагIан батIи-батIиял гIузради раккулел руго».

Лъималазул азарханаялда халатал иргаби рукIунин, цо-цо процедураби гьаризе чанго моцIалъ цереккун хъвалин иргаялдайин абулеб буго ХIаштихова ГIайнаца. Республикаялъул лъималазул азарханаялда лъагIадида жаниб чанго нухалъ гьабизе кколила бох унтарай ясалъе физиотерапия, гьеб гьабизе кIиго-лъабго моцIалъ цее хъвалила терепавтелъ иргаялда, электронияб иргаялъ кин гьеб сал тIубалеб букIараби жинда лъаларила, амма азарханаби ва тохтурал гIемерлъиялъ мухIканго лъугIилаанила иргаби.

Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул Министерлъиялъул сайталдаги буго гIадамал электронияб иргаялда хъвазе рес кьолеб бутIа, амма гьеб чIобого буго. Щай гьеб х1алтIулеб гьечебали мухIканлъи тIалаб гьабун «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна министерлъиялъигун, амма кинабгIаги жаваб гьезухъа щвечIо.

XS
SM
MD
LG