МагъчIваялъе рес

Хъвай-хъвагIай гьечIел халкъазулги руго хазинаби


3 июналда миллияб политикаялъул министерлъиялде ракIарун рукIана хъвай-хъвагIай гьечIел мацIазул вакилзаби.

Масала, гьединал чагIазда гъорлъе уна гIахьвалал, бежтIал, балъхъал, чIамалал, гIандал ва цогидал. Амма гIаммаб куцалда гьел рикIкIуна магIарулаллъун. Киназдаго бицуна болмацIги. Гьединалго гIиси-гIисинал мацIал руго, масала, дарги миллаталда гъорлъги. Масала, кубачиял, цIадахIарисел ва цогидал. Гьел мацIазда гьечIо хъвай-хъвагIай – газетал, журналал, радио-телевидение.

Гьединлъидал гьел вакилзабазул кидагосеб дагIба букIана жал жалго жидедаго чIараб миллатлъун рикIкIеян абун. Зама-заманалдасан гьеб суалалдаса пайда босула политикиял къуватазги. Гьез дол гIисинал халкъазул вакилзабазул кIалдиб лъола миллат хIисабалда рикIкIани, нужее хIукуматалда лъикIал хъулухъал щолин, щайин абуни жеги-жеги буго Дагъистаналда гIадат хIукуматалда хъулухъал миллатазухъ балагьун кьолеб.

Хъвай-хъвагIай гьечIел мацIазул вакилзабаз, хас гьабун абуни, кIаралаз, жидер мацIал цIуниялъе шартIал гIуцIизе къваригIун бугилан «Дагестанская правда» газеталдасан республикаялъул нухмалъиялде хитIаб гьабуна.

Миллияб политикаялъул министерлъиялда тIобитIулеб данделъиялда балъхъадерил вакил Муртуз ХIасанхIажиевас абуна магIарулаз жал кIиабилеб даражаялъул магIарулаллъун гурони рикIкIунарилан. Амма хIукуматалъул вакилзабаз гьелда дагIба балеб букIана.

ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Муртуз ХIасанхIажиевас абуна жив болъихъев кколин, гьеб бугин жибго жиндаго чIараб миллат.

Муртуз ХIасанхIажиев: «МагIарулазда гьоркьор руго балъхъалги, баголалги, чIамалалги, гIандалги, цогидалги. Тарихалда кидаго гьедин букIана».

ЭР: «Цо-цоязул пикру бугоха гьел дуца рикIкIанщинал вакилзабазе, миллат абунги чIун, хIукуматалда хъулухъал къваригIун ругилан».

Муртуз ХIасанхIажиев: «Кинал хъулухъал нижее щолел? Дида бичIчIулеб бакIалъа гIебеде, жидеего данде кколарел жал гьаб нилъер пачалихъалъ буссинабула экстремизмалде, пачалихъ биххизабиялда данде, гьединго абула гъозие хъулухъал къваригIун ругилан. ТIалъиялъул чагIазул пикру политикаялдехун сверун букIунеб буго. Жакъа нилъ ккезарун ругеб бакI бихьун, тIалъиялде квешаб гурони рагIиги гьечIо абизе. Абу-абураб жоялда данде пачалихъ биххизабизе къваригIун бугиланищ абизе кколеб? Гьеб буго халкъалда кIалъазе аргументал гьечIолъиялъул хIасил. Гьанив къватIиве вачIиндал вуго цо кIудияб хъулухъалда вугев чи абулев жинда лъаларила этносалдаги нациялдаги гьоркьоб бугеб батIалъи. Щай лъалареб? Дида гIезегIан лъикI лъала Америкаялъул нациялда жанир батIи-батIиял этносал рукIин».

Цебехун бицен гьабураб «Дагестанская правда» газеталдасан республикаялъул нухмалъиялде гьабураб хитIабалда гъоркь букIана Халидова Рашидатил цIарги. Гьей ккола ДГПУялъул кафедраялъул нухмалъулей.

Халидова Рашидат: «Гьел хъулухъалги политикаги дие къваригIун гьечIо. Дие къваригIун буго кIаралазул мацI бицунел чагIи рукIине, нижер лъималазда гьебги лъикI лъазе. Гьелъие гIоло щиб гьабизе кколеб? Эбел-инсуца рокъоб лъималазда бицине ккола жидерго мацI. Дие къваригIун буго кIаралазул маргьабиги абиялги гIурус мацIалда гурел, нижерго мацIалда цIунун хутIизе. Дида гьанжеги ракIалда буго гьитIинаб мехалда эбелалъ нижее бицунеб букIараб маргьу. Гьанже дица гьеб лъималазул лъимералда бицуна».
ДГУялъул социалияб факультеталъул декан Иляс МухIамадсултIанов ккола ГIахьвахъ мухъалъул ГIарчоса. Гьесулги буго болмацIалдаса батIияб мацI. Амма кIаралазул мацIалда тIадеги магIарулги, гIурусги, цогидал мацIал лъаялъул жиндие бугеб зарал щибдила, зарал бугила гьел лъаларев чиясеян абуна ЭР-ялъе Иляс МухIамадсултIановас.

Иляс МухIамадсултIанов: «ЮНЕСКОялъул хIисабалда рекъон, щибаб соналъ дунялалдаса тIагIунеб буго анлънусгогIанасеб мацI. Гьанже щуазаралда хадуб мацI хутIун буго. ТIагIананиги, гъоб мацIалъул хаслъиги цогидабги хадусел гIелазда лъазе хIалтIи гьабизе ккола.

Доле Япониялдаса аспирант вуго МахIачхъалалде вачIунев – Хисанари. МагIарулайги ячун, магIарул мацIги лъазабун вуго гьев. ГIадада жо гьабулел чагIи гуро япониял.

Амма мацI цIунизеянги абун жидеего хъулухъалги пачалихъалъул гIарацги тIалаб гьабизе лъугьине бегьуларо. МацI цIунизе ккола ракIунтун мацIалда хадув лъугьарав чияс».

Дагьаб заманаялъгIаги хъвай-хъвагIай гьечIел мацIал цIунун хутIиялъе шартIазда тIад ургъулаго, гьеб данделъиялда хIукму ккана рахьдал мацIазул мугIалимзабазе пачалихъиял грантал кьезе, фестивалал тIоритIизе, пачалихъияб хъулухъалде лъугьунелъул рахьдал мацIалъул экзамен кьезабизе, РГВК, ГТРКялдасан кьолел рахьдал мацIазул передачабазе заман цIикIкIинабизе.
XS
SM
MD
LG