МагъчIваялъе рес

Къануназул хъаравулзабаз къанун хвезабулеб буго


ИзнугьечIого ярагъ цIуниялъул гIайибги гIунтIизабун туснахъ гьавун вугев МахIачхъалаялъул Котровасул къотноб бугеб мажгиталъул имам хисулев Къурбан Аскандаров къанунги хвезабун жанив тIамун тун вугилан лъазабулеб буго гьесул рахъккураз. Чи ккун хадуб 10 къоялда жаниб гьесде гIайиб гIунтIизабичIони къануналда рекъон гьев эркен гьавизе кколев вуго. Аскандаровасде гIайиб жеги гIунтIизабун гьечIо.

Къанунги инсанасул ихтияралги хвезарун туснахъ гьавун вугин МахIачхъалаялъул Котровасул къотIноб бугеб мажгиталъул имамхисулев Аскандаров Къурбанилан лъазабулеб буго гьесул адвокатас. 27 маялда ккун вукIарав Аскандаровасде жеги кинаб букIаниги гIайиб гIунтIизабун гьечIо. АнцIго къоялда жаниб чиясде гIайиб гIунтIизабун гьечIони гьев туснахъалъув тей къанун хвезаби бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Аскандаровасул адвокат МухIамадов Шамилица.

МухIамадов Шамил: «Гьев микьабилеб июналъго къватIиве виччазе кколаан, щай гурелъул чи ккун хадуб гьев вукIуна цин такъсиргьабиялда щаклъи бугевлъун хадуб гьесде гIунтIизабула гIайиб. Россиялъул къануналъул 100 бутIаялда рекъон такъсиргьабиялда щаклъи букIун, заманалъ туснахъ гьавурав чиясде 10 сордо-къоялда жаниб гIайиб гIунтIизабизе ккола. Амма Къурбаниде жеги кинаб букIаниги гIайибги гIунтIизабун гьечIо, щай гьеб иш гьедин тун бугебали нижее кинабгIаги баянги кьолеб гьечIо. Гьедин тIубараб анкьица къанунги хвезабун жанив тIамун вуго гьев. Кколеб заманалда гIайиб гIунтIизабичIони къануналда рекъон гьев эркен гьавизе ккола».

Гьединго адвокатас бицана Къурбан Аскандаров къанунги хвезабун жанив тIамун вугин, гьеб ишалъе букIине кколеб къимат кьейин абун тIалаб гьабун жиндица 15 июналъ республикаялъул прокуратураялде гIарза хъван букIанилан. Амма жеги гьеб гIарзаялъе кинабгIаги жаваб щун гьечIо гьесие.

Аскандаров ккун хадуб гьесухъе ун рукIарал туснахъазда хадуб халкколеб жамгIияб комииссиялъул вакилзабазги гьесул ихтиярал хвезарулел ругин абун гIарз хъван букIун буго Дагъистаналъул прокуратураялде, амма гьеб гIарзаги жаваб щвечIого хутIун буго.

Гьединго адвокатас лъазабулеб буго гьев имамхисулев къанунги хвезабун ккун вугин, гьес гьаричIел такъсирал тIад къотIизе къваригIун бугин къуваталъул идарабазейилан. Гьелда хурхунги адвокатас диваналде гIарза хъван букIана, амма гьесул рахъкквечIо диваналъ.

Гьединго адвокатас бицана жиндие хIалтIизеги квекIенал гьарулел рукIанила къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазилан. Аскандаров ккун хадусала ункъабилеб къоялъ гурони виччачIила жив гьевгун дандчIвазе, гьеб заманалда жаниб низам цIунулез лъикI тIадецуй гьабун бугила Къурбанидейилан.

МухIамадов Шамил: «Къурбан вуго гIодове виччарав, кинабниги такъсиралда хурхенго гьечIев рукъалъул вас.Жиндирго диналде вуссун вукIин гурони кинабгIаги къануналъ гьукъараб иш гьабулев чи гуро гьев. Низам цIунулез гьесул сурав босун буго чанцIулго, щибаб нухалда гьесде тIадецуй гьабун, хIинкъизавизе хIаракат бахъун буго. Жидеца дуда жеги чанги гIайибал тIадчIезаризе ругин, мун берцинго жидеца малъарабги гьабун чIечIонийилан. Гьединго гьес журналистазда, инсанасул ихтиярал цIунулезда ва туснахъазда хадуб халкколеб жамгIияб комиссиялъул вакилзабазда кинабго лъазабуниланги рахIатхвезабун буго Къурбанил низам цIунулез. МухIканал гурел дихъе щварал баяназда рекъон къанунцIунулезе къваригIун рагIула гьев гIадамал экстремизмалде ахIулев чилъун вихьизавизе».

ГIадамал экстремизмалде ахIулеб букIиналъул гIайиб тIадчIезабизе захIмалъулила. Хасго кьучIгогьечIого гьединаб гIайиб тIад чIезабизе ккани гIемераб хIалтIи гьабизе кколилеб буго. Гьединлъидал къуваталъул идарабаз жидеего бигьаяб нух балагьулила жидецаго ярагъ яги наркотикалги реххун ккун рачунила гIадамалин бицана «Экренлъи» радиоялъе адвокатас.

Исана 14 апрелалда ккурав гьебго МахIачхъалаялъул Котровасул къотIноб бугеб мажгиталъул имамасул кумекчи ГIибадула Наботов ккуралго цIех-рехалъул хIалтIухъабаз ккун вуго Аскандаровги. Наботовги изну гьечIого ярагъ цIуниялъул гIайибги гIунтIизабун заманалъ туснахъ гьавун вуго. Ккураб мехалда гьесул кодоб гранатаги наркотикалги ратанилан лъазабун букIана хасал идарабазул вакилзабаз.

Аскандаровасул ишалда хурхун Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул рахъалдасан кинаб букIаниги баян щвечIо «Экренлъи» радиоялъе.

XS
SM
MD
LG