МагъчIваялъе рес

Дербенталъул хъала

Росиялъул бищунго некІсияб хъала буго улкаялъул бищунго жанубияб шагьар Дербенталда. Гьеб ккола тІолабго щулалъиязул система. Гьелъул къедал цо рахъалъан щолеб буго ралъдалъе. Цогидаб раххъалдаса - унеб буго мугІрузде. Дербенталъул хъала бан буго гІага-шагарго щуабилеб гІасруялда ираналъул сасанидаз. Амма сасанидазул заманалда цебеги гьениб букІун буго гІуцІараб щулалъи. Гьеб хъалаялъ Цебесеб Азия цІунулеб букІун буго шималияб рахъалъул гочардухъабаздаса. Дербенталъул хъала босун буго Дунялалъул хазинабазул ЮНЕСКОялъул сияхІалде. Нижер мухбир Зульфия ХIажиевалъ Нарин-хъалаялда рахъарал суратал.

Цойги

XS
SM
MD
LG