МагъчIваялъе рес

"Роспотребнадзоралъе" бокьун буго Дагъогниялъул азарханаялъул бутIа къазе


Дагъогни шагьаралъул аслияб азарханаялда санитариял шартIал хвезариялда бан чанго отделения заманаялъ къазе гIарза кьун буго диваналде Роспотребнадзоралъ. Азарханаялъул нухмалъиялъул рагIабазда гIарац биччалеб гьечIолъи кколеб буго гIилла азарханаялда бугеб ахIвал-хIалалъе, гьениб ремонт гьабичIелдаса 10 соналдасаги заман бан буго.

Дагъогниялда шагьаралъулаб аслияб азарханаялда планалда рекъон тIоритIулел халгьабиязул хIасилалда санитариял шартIал хвезариялъул хIужаби ратанин лъазабулеб буго Дагъистаналда бугеб Роспотребнадзоралъул нухмалъиялъ. Инфекциялъулаб бутIаялда, лабараториялда, руччабазул консультациялда ва чIахIиязул поликлиникаялда тIубан тIагIел-алат хисун ремонт гьабизе хIажалъи бугила, гьенир рич-ричал арал къадал, мокърукь ва къадазда чIвараб ккалги регьелги бугила, гьелда тIадеги я бухIараб лъим я цогидаб квегIенли гьечIила. Унтаразе квен гьабизе росарал нигIматазул кинабгIаги документ батичIила гьенибилан баян гьабулеб буго Роспотребнадзоралъул пресс-хъулухъалъ. ГьабсагIат гьел бутIаби заманаялъ къазе гIарза диваналде кьун азарханаялъул нухмалъиялда 250 азарго гъурщил гIакIа лъун бугила.

Азарханаялъул аслияв тохтур МухIамадсалам ГIабдусамадовас баян гьабухъе, гьел бутIабазда хIакъикъаталдаги хIажат руго цIигьариялъул хIалтIаби, амма гьел хIалтIаби гьаризе биччалеб гIарац гьечIолъиялъ хутIун руго гьедин. Жакъа къоялде гIарац биччан бугила гIицIго чIахIиязул поликлиника цIигьабизе, амма инфекциялъул ва цогидал бутIабазе биччараб сурсат гьечIиила. Гьединлъидал, унтарал ритIизе ккезе ругила Дебенталъул азарханаялде.

Инфекциялъул бутIаялда ремонт гьабун букIанин 2004 соналъ, амма гьеб мехалъцин халгьабулеб комиссиялъ гьеб ремонт къабул гьабун букIинчIин санитариял шартIазда данде кколареб букIиналъин абулеб буго инфекциялъул бутIаялъул хIалтIухъан Мирзакеримова ТIавусица.

Мирзабекова Тавус: «КигIан нижеца хIаракат бахъаниги ккал тIагIинабизе кIвечIо нижеда. Азарханаялъул минаялъул кьучI батизе буго жагъалаб, гьелъ къадада кидаго регьел букIуна ва гьел кьватI-кьватун руго Щибаб анкьие гIадин хлоралъ чурулаан нижеца гьел къадал, гьездасанги унти ккезе рес букIиналъ. Нижерго гIарац харж гьабун цо-цо квегIенлъи гьабуниги бажурулеб хIал гьениб букIинчIо хIакъикъаталдаги. Камураб бухIараб лъел бицинчIониги, ккал чIвалеб букIин ккола аслияб хIинкъи, гьелдасан инфекция багъаризе рес букIиналъ».

ХIалтIухъаналъ тIаде жубана, хинаб мехалда цIикIкIун бугила хIинкъи нахъеги Гепатит А-ялъул инфекция багъарилин шагьаралда, гьединлъидал аслияб кIвар бугеб бутIа кколила гьеб.

Гьаниб абизе ккола нусго гIанасев чи гьеб вирусалъ унтун ккун рукIанин азарханаялде апрель моцIалда. Ахираб заманалда, кколел санитариял шартIал чIезаричIолъиялъул хIасилалда тIолго Россиялдаго батIи-батIиял инфекцияби рагъарулел руго. Гьедин, лагералда хIухьбахъи гьабулел рукIарал лъимал кванил нигIматаздасан чехь унти лъугьун, ккун руго азарханаялде. Гьединго Шималияб Осетиялда 200 цIикIкIун чи ккун вуго азарханаялде гьекъолеб лъим сабаблъун.

Дагъистаналда ругел азарханабазда киса-кирегоги ратулин санитариял шартIал хвезариялъул хIужабийин абулеб буго Роспотребнадзоралъул вакил Милана ГIалиевалъ. Гьединал хIужабазда хурхун гIадамаз ахIизе рагьун бугила телефоналъул линия. 2015 соналда, аслияб куцалъ, шагьаразул азарханаяздасан рачIунила гIарзал.

Абизе ккола, Роспотребнадзоралъ санитариял шартIал чIезаричIолъиялъул гIиллабазда диваналдасан тIалаб гьабун тIубан къан буго Буйнакск шагьаралда букIараб мухъазда гьоркьосеб хехаб кумекалъул станция. Гьединго гIакIа бахъун букIана Избербаш шагьаралъул аслияб азарханаялдасаги, лъималазул бутIаялда санитариял ва гигиенаялъул шартIал чIезарун ратичIолъиялда бан.

XS
SM
MD
LG