МагъчIваялъе рес

Полициялда къурбанал цIикIкIунел руго


МахΙачхъалаялда полициялъулазде кьвагьдун руго щалали лъаларел. Хун вуго кΙигояв, цояв лъукъунги вуго. Гьеб ва цогидал криминалиял лъугьа-бахъиназде кΙвар буссинабуна арбагΙ къоялда информалатаз. Гъоркьанго дандечΙей гьабулел къокъабазул хΙаракатчи регионалда цΙидаса жигарлъун бугин рикΙкΙунеб буго гьезул цояз.

АрабагI къоялъ Дагъистаналъул тахшагьар МухIачхъалаялда полициялъул хIалтIухъабазде кьвагьдон руго щалали лъазе кIвечIел чагIи. Гьелъул хIасилалда кIиго полициялъулав чIван цо лъукъун вуго. Гьединго чIван вуго цо изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялдаса чиги. Цебесеб къоялъ Хасавюрт мухъалъул Эндирей росулъ рохалила данделъаби тIоритIулеб рукъалъул кIалтIа кьвагьун буго 8 кг тротилалъул къуват бугеб кьвагьул алат. Лъиениги зарал ккун гьечIо.

Араб анкьидаго гIадин гьаб анкьидаги цоцада хадур гIадин чанго криминалияб лъугьа-бахъин ккана Дагъистаналда. Октябралъул ичIабилеб къоялъ МахIачхъалаялъул Шамилил цIар лъураб къотIноб полициялъул хIалтIухъабазде кьвагьдон руго щалали лъазе кIвечIел чагIи. Документазул хал гьабун жибго автомобилалъулги хал гьабизе къасд гьабидал гьеб бачунев вукIарав бахъун къватIибе таманчагун кьвагьдон вуго. КIиго полициялъулав гьеб бакIалдаго хун вуго цогидав полициялъулав лъукъун вуго. Полициялъулазде тIадекIанцIи гьабуразул вукIун вуго лъабго чи. Гьезул цоявги чIван вуго кьвагьа-гIанхъиялда гьоркьов.

Цебесеб къоялъ Хасавюрт мухъалъул Эндирей росулъ рохалилал данделъаби тIоритIулеб рукъалъул кIалтIа ккана кьвагьи. Кьвагьул алаталъул къуват букIун буго 8 кг тротилалъул. Лъиениги зарал ккун гьечIо.

КIиябго анкьида жанир Дагъистаналда полициялъул хIалтIухъабазде гьужум гьаби терроралъулаб режим цIакъго хIалуцун букIиналъул гIаламат кколарилан рикIкIунеб журналист, «Новое Дело» газеталъул вукIарав обозреватель ГIабдурашидов МухIамадица. Гьанже гьев вуго МахIачхъала шагьаралъул нухмалъиялъул информациялъулаб политикаялъул ва пресс-хъулухъалъул нухмалъулев. ГIабдурашидовас рикIкIунеб буго гьел такъсириял лъугьа-бахъинал ругин Сочиялда Олимпиадаялда цере ургъунго гьарулел тадбиралилан.

ГIабдурашидов МухIамад: «Криминалияб хIалуцин цIикIкIун бугилан абизе бегьулаан цо хас гьабун лъил бугониги цIаралда гьабураб такъсир букIарабани. Гьанибин абуни полициялъул хIалтIухъабаз хал гьабизелъун чIезабураб автомобилалъусан кьвагьдон руго гьезде. Криминалияб ахIвал-хIал роцIцIинабизелъун хIалтIи гьабулеб буго республикаялда, амма гьеб жеги швалде щвараб гьечIо. Бищунго кIудияб балагьлъун ва гIунгутIилъун дица рикIкIуна жакъа халкъалъухъ кодоб ярагъ букIин. Ярагъ кодоб бугони гьеб кида-къадги кьвагьичIого хутIуларо. Гьединго республикаялда политикияб рукIа-рахъиналъулъ ккараб хиса-басиялъги асар гьабун батула такъсирал цIикIкIиналъе, амма цIакъго хIалуцараб хIал бугилан дица абиларо».

2013 соналда жаниб Россиялда гьабун буго 144 терроралъулаб такъсир гьезда гьоркьоса 120 ккун буго Дагъистаналда. Гьединаб баян кьуна гьал къоязда Терроралда дандечIараб миллияб комитеталъул ва хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул нухмалъулев Бортников Александрица.
XS
SM
MD
LG