МагъчIваялъе рес

"Г" - блокалъул туснахъасул ишалда проблемаби руго


АсхIабгIали Заирбеков
АсхIабгIали Заирбеков

Гъизилюрт мухъалъул жанисел ишазул идараялъул полициялъулазда тIаса рагьараб такъсир гьабиялъул ишалъул материалал прокуратураялъ цIидасан диваналде ритIана.

Гъизлюрт мухъалъул полициялъул идараялъул хIалтIухъабазда тIаса такъсир гьабиялъул иш рагьана 2013-леб соналда. ЦIех-рех бачунаго низам цIунулез араб соналда ккуна такъсирал гьариялда щаклъи бугел полициялъул цойги хIалтIухъаби ва гIаммаб къагIидаялъ уголовияб иш рагьун букIана щуго чиясда тIад. Гьелги, Гъизилюрт мухъалъул ОВДялъул нухмалъулевлъун вукIарав АсхIабгIали Заирбеков ва гьесул нухмалъиялда гъорлъ хIалтIулел рукIарал МахIмуд ХIайбулаев, МухIамад Пираев, Гъазияв Жамаладинов ва ГIабдулмуслим МухIамадов.

ЦIех-рехалъул материалазда рекъон, Заирбековас жиндирго хIалтIухъабигун цадахъ 2012-леб соналда гIуцIана такъсиралъулаб къукъа. Прокуратураялъ лъазабухъе, гьеб къукъаялъ бизнесменазухъа гIарац бахъулеб букIана. Мисалалъе, 2012-леб соналъул августалда камуфляжалъулаб ретIелги ретIун, Гъарабудахкент мухъалда гьез Лаваша мухъалдаса бизнесменазул автомобиль чIезабуна. Салоналда жанир рукIарал гьез рачун руго Буйнакск мухъалда ва гьенир рухун-хIинкъизарун гьезухъа гъурщил 43 млн бахъун буго.

Гьединго цIех-рех чагIазул материалазда рехсон руго Заирбековасул къукъаялъ гьаруралин абулел цогидал такъсиралги. Полициялъул хIалтIухъабазда тIаса такъсир гьабиялъул иш рагьана ТамихIалъул кодексалъул анкьго бутIаялдалъун. Гьезда гъорлъ, мисалалъе, руго гьадинал бутIаби: къануназда рекъечIого ярагъ тIибитIизаби, чи викъи, чияр магIишаталъе зарал ккезаби ва гь.ц.

Дагъистаналъул тIадегIанаб диванханаялда хал гьабулеб букIана гьеб ишалъул, амма диванчагIаз ахир-къад гьеб иш прокуратураялде нахъе битIана. ГIайиб гIунтIизабиялъул материалазда ратарал гъалатIал ритIизареян тIадкъана диванчагIаз. Гьал къоязда Дагъистаналъул прокуратураялъ лъазабуна уголовияб иш цIидасан диваналде битIизе жал хIадурун ругилан. Амма гьеб ишалъул хал гьабизе буго гьанже Шималияб-Кавказалъул Федералияб мухъалъул рагъулаб диванханаялда.

МухIамад Пираевасул адвокат Салимат Къадировалъ нижер радиоялъе кьураб интервьюялда бицана жинца ихтиярал цIунулесе эркенлъи тIалаб гьабулеб бугин. «Прокуратураялде щай нахъ буссинабураб уголовияб иш? Щайгурелъул диванчагIазул кколегиялда гьеб ишалъул материалазда цоцада дандекколарел эпизодал ратана», - ян бицана адвокаталъ. Гьелъ тIаде жубана, гIайиб гIунтIизариялъул материалазда мухIканлъизабун букIинчIин такъсир гьабулеб мехалда кина-кинал ишал гьаруралали Жамалудиновас, Пираевас ва МухIамадовас.

Прокуратураялъ цIех-рехалъул материалазда хиса-басиял гьаруна, амма гIунтIизарулел гIайибал хисизарун гьечIин, лъазабуна адвокат Къадировалъ. «Мисалалъе, гIадамал рикъиялъул къанун нахъ чIван гьечIо, амма гьединаб хIужжа букIанин чIезабунги гьечIо цIех-рех чагIаз. Гьеб къанун букIинчIебани диваналъул процессалда гьа баразул коллегия хIахьаллъизе бегьулаан, амма низам цIунулезе гьединаб диван щаялиго бокьун гьечIо», - ян загьир гьабуна жиндирго пикру адвокаталъ.

«Эркенлъи» радиоялъе гьелъ абухъе цIех-рех чагIаз такъсир гьабураллъун полициялъул хIалтIухъаби рикIкIунел руго ХIайбулавас кьураб баяналда рекъон.

Салимат Къадирова: «Пираевас гьел такъсиразда гIахьаллъи гьабичIо. Гьесул гIайиб чIезабулел материалал ракIарана цIех-рех чагIаз гIакъубабигун хIинкъаби кьун. 2013-леб соналда ккуна гьев. Чанги моцI ун букIана гьев вугев бакIги лъачIого, Дагъистан тун къватIиве, Карачаево-Черкесиялде, вачун ватана гьев. Вухун-кьабун, ток биччан тIамулев вукIун вуго гьев гьаричIел такъсиразе мукIурлъизе. ТIадежоялъе адвокатал риччалел рукIичIо гьесухъе, «багIарав» адвокат вихьизавун вуго гьесие низам цIунулез. ЦохIо гьел хIужжаби гIезе рукIана диванчIагIазе Пираевасул гIайиб гьечIолъи чIезабизе. Амма щаялиго гьел хIужжаби гьезда рихьулел гьечIо кигIан бокьани материалал кьуниги.

Къадирова: «Заирбеговасда тIаса соравал кьезе тIамулел руго полициялъул хIалтIухъаби».

ЦIех-рех чагIазул материалазда рехсон буго ХIайбулаевасухъа босараб сорав. Гьев ХIайбулаев Сербскиясул институталъ гьабулеб жо лъаялда гьечIев чилъун вугин чIезавуна экспертиза гьабун хадуб. Амма ХIайбулаевас кьурал баянал гIайиб-гIунтIизабиялъул материалазда гъорлъе рачиналъе гьеб экспертиза квекIенлъун щаялиго бихьун гьечIо цIех-рех чагIазда. Къануназда рекъон, ХIайбулаевасухъа баянал росизе бегьуларо гьесда хадув хал кквезе вихьизавурав чи гьечIого. Амма цIех-рех чагIаз гьебги хIисабалде босун гьечIо. Гьедин гьесухъа босараб сорав бихьизабун буго Пираевасулги такъсир гьабураллъун рикIкIунел цогидазулги гIайиб чIезабулеб материаллъун».

Цогидазул адвокатазги тIалаб гьабулеб буго цIех-рех чагIазухъа оперативиял цIиял тадбирал гьари. Мисалалъе, гIайибаллъун рикIкIунезда тIаса баянал кьурал фигуранталгун очниял ставкаби гьареян гIарзаби ритIун руго адвокатаз прокуратураялде. Жаваб жеги щун гьечIо.

Пираевасул адвокат Къадировалъ цебе бицун букIана «Эркенлъиялъе», Заирбеков туснахъ гьавизе бокьун бугин МВДялъул системаялдаса хIакимазе ва гьелдалъун гьез байбихьанин уголовияб гьеб иш. «Заирбеговасда тIаса соравал кьезе тIамулел руго полициялъул хIалтIухъаби», - илан абуна Къадировалъ.

Живго Заирбеков Дагъистаналда лъалаан "Робин Гуд" тIокIцIаралдалъун. Зама-заманалдасан интернеталдасан «рохьилаздехун» хитIабал гьарулел рукIана гьес. Республикаялда гIезегIан ахIи-хIур бахъинабун букIана Гъизилюрт мухъалъул амирлъун жив вугин абурав Темирбекиде гьабун букIараб хитIабалъ.

Заирбековасул адвокатазул гIарзаби ругоан, гьевгун дандчIвазе жал риччалел гьечIин. МахIачхъалаялъул СИЗОялъул хасаб «Г»-блокалда вуго Заирбеков. Инсанасул ихтиярал цIунулезул рагIабазда рекъон, гьеб блокалъул камерабазда руго батIи-батIиял такъсирал гьарураллъун рикIкIунел республикаялъул хIакимал, низам цIунулел, изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабазде гъорлъе унел.

XS
SM
MD
LG