МагъчIваялъе рес

"Балъгояб" экономика - "рохьилазул" къваталда байрам


Шималияб Кавказалда ругел изну гьечIого яргъид гIуцIаразе гIарац бичалеб буго къватIисел пачалихъазул хасал хъулухъазилан абуна гьал къоязда ИТАР-ТАСС агентствоялда тIобитIараб пресс-конференциялда Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас.

«Исламалъул тIалабал цIунулел ругин жал илан абулел чагIи гIемерлъун руго. Россиялде данде къеркьолел хасал хъулухъаздаса гIарац щолел гIемер чагIиги руго гьезда гъорлъ. Россиягун къацандулел улкабазе Чечнялъулги Дагъистаналъулги интерес батиларо. Гьел улкаби Россиялде дандекъеркьолел руго. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразде данде къеркьолеб мехалда бичIизе ккола, улка цIуниялъе гIоло къеркьолел рукIин», - ян абуна ГIабдулатIиповас.

Дагъистаналъул президентасул пикруялда рекъон, хIакимазда гъорлъги ратулел руго боевиказе кумек гьарулел чагIи. «Балъгояб экономикаялда данде къеркьолаго батана гьадинаб хIужжа: балъгояб экономикаялъул къадар цIикIкIанагIан, боевиказе щолеб кумекги цIикIкIунеб буго. ХIакимаз гьезие кумек гьабулеб буго. Республикаялъул экономика цебетIолеб гьечIо гIемерисала экономика балъгояб букIун», - ян абуна ГIабдулатиповас.

Изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъ ругел чагIиги батIи-батIиял ругилан рикIкIунеб буго ГIабдулатIиповас. «ГIакъубаби къуваталъулаз кьун лъутарал чагIиги руго гьезда гъорлъ, руго къанунал хIалтIулел гьечIолъиги бихьун рохьилазде гъорлъе аралги. Гьез рохьазда къисас балагьулеб буго. Амма гьел чагIи боевиказда гъорлъ гIемер ругилан абизе бегьуларо. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъ руго гIемер фанатикалги. Гьезда жо бичIизабизе кIоларо. Рохьилазда гъорлъ руго рэкетиралги. Диналъул тIалабал тIуралел ругиланги абун гьез бизнес гьабулеб буго», - ян абуна ГIабдулатIиповас.

Гьесул рагIабазда рекъон, Дагъистаналхул хIукумат къеркьолеб буго боевиказда данде ярагъ ва къуват хIалтIизабун гуребги. 40 чи рохьилазул кьердаса ракълилаб гIумруялде вуссинавуна республикаялда ахирисеб заманаялда ян бицана ГIабдулатIиповас.

Дагъистаналъул нухмалъулес гуребги бицунеб букIана гьаб анкьалда Шималияб Кавказалда ругел боевиказе финансирование щвеялъул. Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул Шималияб Кавказалъул федералияб бутIаялда бугеб бетIераб идараялъул нухмалъулев Сергей Ченчикица «Россиялъул газеталъе» бицана боевиказе гIарац чанги батIиял бакIаздаса щолилан. «Миллиял, радикалияб диналъул, экстремизмиял бербалагьаби гIадатиял чагIазулги рохьилазулги данде колел руго. Гьелдалъун боевиказе гIарац кьолел чагIи гIемер руго Шималияб Кавказалда. Гьединал чагIазаул сияхгIи буго низам цIунулезухъ кодоб. Оперативияб гьеб сияхIалда аза-азар цIар буго. Буго цогидаб интересаб нух – боевикасул гIагарав чи пачалихъияб хъулухъалде хIалтIизе тIамулев вуго. Гьелдалъун рохьилазухъе кодобе щолеб буго бюджет гуребги, политикияб ресурсги», - ян бицана Ченчикица.

Гьесул рагIабазда рекъон, Дагъистаналда пачалихъиял хъулухъазда руго хIалтIулел нус-нус чи ва гьезул гIагарал чагIи рохьазда руго. Мисаллъун Ченчикица бачунеб буго Унсоколо мухъ. Гьес абуралда рекъон, энергетикияб пачалихъалъул кIиго компаниялъул нухмалъулеллъун хIалтIулел руго 20 марталда хасаб операциялда чIварав Ибрагьим ХIажидадаевасул гIагарал. Гьединго Унсоколо мухъалда муниципалиял идарабазда хIалтIулел руго рохьилазул гIагарал чагIи ва гьезда гьоркьосан цонигияс хIаракат бахъулеб гьечIо рохьазда ругел вац яги вас ракълилаб гIумруялде тIадруссинариялъе илан абуна Ченчикица.

Гьесул рагIабазда рекъон, Генуб тоннель бахъулаго хIакимаз бикъараб гIарцул кIудияб бутIа щун буго изну гьечIого яргъид гIуцIцIаразухъеги. Ченчикица бицана гьединго флешкабазулги. Бизнес Дагъистаналдаса нахъе унеб буго флешкаби сабаблъун илан абуна гьес.

ЖамгIияв хIаракатчи Максим Шевченкоца абуралда рекъон, гьесда бичIулеб гьечIо щай Дагъисатанлъул хIукуматалдаса нахъе гъолел гьечIел боевкалгун бухьенал ругел чагIи.

Максим Шевченко: «Буго информация, гьеб буго Дагъистаналдаги, цо-цо политикиял авторитетазул бухьенал ругин изну гьечIого яргъи гIуцIаралгун. Дида бичIулеб гьечIо, гьединал чагIи щай хIукумуталдаса ратIа гьаруларел. Добго МВДялъул хIалтIухъабазулги руго гьединал бухьенал. Гьединал такъсириял бухьенал рукIинегIан хутIизе буго Дагъистаналда бичIулареб ахIвал-хIалги. Гьединго, балъгояб экономикаялъул бицунаго абулеб гьечIо пуланал хIакимазул кин баккарабали лъалареб бизнес букIин».

Гьединго Шевченкоца тIаде жубана, жив-жив хIакимазда хурхун цIех-рех гьабизе ккараб хIалалде щун бугилан Дагъистан.
XS
SM
MD
LG