МагъчIваялъе рес

КТО ва хасал операцияби кIочене толел гьечIо


Талат къо Дагъистаналда такъсириял ишазул рахъалъ гьарзаяб букIанин, тIубараб моцIица республикаялда лъугьинчIебщинаб такъсир гьабунила гьеб къоялъин лъазабулеб буго республикаялъул къуваталъул идарабаз.

Гьедин 19 августалъул бакъанида МахIачхъалаялъул ГIумаровасул къотIноб бугеб гIемертIалаяб минаялъуб къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз тIобитIана хасаб операция. Къуваталъул идарабаз кьурал баяназда рекъон цIех-рехалъул заманалда тIатун буго ГIумаровасул къотIноб бугеб минаялъуб изнугьечIого яргъидгIуцIарал рахчун рукIин. Хасаб операция байбихьилалде цебе гьезулгун гара-чIвариги тIобитIун буго, амма гьез кверде рачIине инкар гьабун буго ва низамцIунулезде кьвагьдон руго. Гьелдаса хадуб къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз байбихьарал хасал тадбиразул хIасилалда чIван вуго гьезул кIиго чи.

Россиялъул миллияб терроризмалде дандечIараб идараялъ кьурал баяназда рекъон гьел чIварал кколел руго «МахIачхъалаялъулабилан» абулеб изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялда гъорлъе унел 25 сон барав ГIабдулаев Асад ва 26 сон барав Юнусов МухIамад. Гьел кIиялго изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъабазул жигарал гIахьалчагIилъун кIиго моцIица цере лъугьун руго. Гьелде щвезегIан «рохьилазе» траспорталъул рахъалъ кумек гьабун гурони цониги гьезул ишалда гъорлъ рукIун гьечIо гьел чIварал гIолохъаби.

ГIабдулаев Асад лъалев йикIарай ИсхIакъова Хадижатица «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьев диналдехун хурхен бугев чиго вукIинчIила. Къокъаб заманалда жаниб хиса-сверун лъугьун, киназдасаго тIун цо батIаго чIун вукIанила гьев, амма рохьилазул кьерулъ гьев вукIанин абураб жоялда жий жеги божизе ячIуней гьечIила.

ИсхIакъова Хадижат: «Дида гьев жеги студентлъун вугев мехалдаса нахъего лъалаан. Гьесул вацгIал вукIана дир гьалмагъ, ниж цадахъ цIалулелги рукIана. Гьесда цадахъа нижер университеталде вачIун, кидаго нижгун вукIунаан гьев. ГIемерисезда нижер студентиланцин кколаан гьев. Университеталда щиб тадбир бугониги гьелъул гIахьалчагIи рукIана ниж, Асадги вукIунаан гьенивго. Чанги нижер КВНалъул коммандаялдаги, кьурди-хъаталдаги гIахьаллъана гьев. ЛъикIал эбел инсул, рес бугеб хъизамалдаса, щиб бокьаниги бугев вас вукIана гьев. ЦIалулеб мехалдаго автомобильги букIана гьесул. Диналъулгун кинабгIаги гьоркьоблъи бугев чиги вукIинчIо гьев. Нижер васал рузманалде унеб мехалда, ясазда аскIов вукIанаан гьев, мажгиталдеги инчIого. Кидаго кеп-гIоркьалда, рестораназда квана-гьекъон, сверун руччабиги лъугьинарун вукIарав гьесул динияв чи лъугьинин абун киданиги ккелароан. Ахираб цо соналда жанив хисана гьев, бащадаб лъагIалицаниги вихьун вукIинчIо дида гьев. Кисан, щиб гьабун Асад гьеб къваригIел гьечIеб нухде лъугьаравали дида лъаларо. Цо заманалъ Россиялда вукIана гьев, гьенисан хисизавун вачIанин ккола дидани гьев».

Гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялда ГIумаровасул къотIноб букIараб хасаб операциялъул хIасилалда чIварав ГIабдулаев Асад лъалей йикIарай ИсхIакъова Хадижатица.

Гьединго 19 августалъул бакъанида Гъарабудахкент мухъалъул Губден росдада аскIор щалали чIезаризе кIвечIел чагIи кьвагьдон руго полициялъул хIалтIухъабазде. ТIадекIанциялъул хIасилалда лъиениги зарал ккун гьечIо. НизамцIунулезде кьвагьдарал чагIи ралагьизе Гъарабудахкент мухъалда терроризмалде данде чIараб низамги лъазабун къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз цIех-рехалъулал тадбирал тIоритIулел руго.

Гьебго талат къоялъ Хасавюрталда щалали лъаларел чагIи кьвагьдана Федералияб хIинкъигьечIолъи букIинабулеб идараялъул 33 сон барав хIалтIухъанасде. Гьеб тIадекIанциялъул хIасилалда хасал идарабазул хIалтIухъанги гьесда цадахъ вукIарав гIадатияв чиги лъукъана. Талат къоялъул сардилъ гьев чи азарханаялда хун вуго, федералияб хIинкъигьечIолъи букIинабиялъул идараялъул хIалтIухъанасул ботIролъги гъажалдаги щун буго гулла. Тохтурзабазул баяназда рекъон гьев захIматаб хIалалда вукIаниги, гьесул гIумруялъе хIинкъи гьечIо. Къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз гьеб тIадекIанцIи гьабурал чагIи ралагьулел руго, гьезул баяназда рекъон такъсиргьабурал чагIи изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъа кколел руго.

ИзнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьеразул гIахьалчагIи рукIиналъул ва гьединазе кумек гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулел рукIарал Унсоколо мухъалъул Майданское росулъа 4 чи туснахъ гьавизе хIукму къотIана диваналъ гьебго 19 августалда.

25 сон барав МухIамадова Мухтарги, 32 сон барав ГIабдулаев Сайгидги, I9 сон барав МухIамадгIалиев Мурадги ва 30 сон барав Устаров Ризванги диваналъул хIукмуялда рекъон лъагIелгун бащадалдаса бахъараб кIиго лъагIалиде щвезегIан туснахъалда тIамизе руго. Гьел киналго къуваталъул идарабаз ккун рукIана исана май моцIалда Майданское росулъ хасал тадбирал тIоритIулеб мехалда. Гьезда гьоркьов вугев Устаров Ризван ккола Майданское росдал вукIарав имам.

ЦIех-рехчагIазул баяналда рекъон церехун рехсарал ункъалго 20I3 соналъго изнугьечIого яргъидгIуцIаразе кумек гьабизе лъугьун рукIун руго. Балахьунисезул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул бетIерасда гьеб мухъалда киса-кирехун низамцIунулел хьвадулелали лъазабулеб букIун буго гьез.

XS
SM
MD
LG