МагъчIваялъе рес

Росабазул клубал къазе рес буго


​Гьал къоязда Хунзахъ мухъалъул культураялъул хIалтIухъабаз прессаялдасан тIибитIизабуна жидер дора культураялъул идараби къалел ругилан абурал гIарзал.

Масала, министралъухъе хъвараб хитIаб гьадинаб буго:

«2012 соналъ киналго росдал культураялъул идарабиги цолъизарун гIуцIана «Межнаселенческий центральный культурно-досуговый центр». Росабазул клубал рукIана гьелъул филиалаллъун. Гьеб лъикIаб хIалтIи бугилан ккун букIана нижеда. Амма ахирал соназда росабазул культураялъул рукъзабазе бачIунеб гIарац тIубанго къотIана. КъваригIараб-таралъе харж гьабизеги, хIажатаб къайи-цIа босизеги щибниги гIарац кьолеб букIинчIо. МоцIрол харж кьолеб букIана цин районалъул нухмалъиялъ, цин росдал администрациялъ. Къокъго абуни, нижедехун бербалагьи букIана щибниги мунпагIат гьечIел хIалтIухъабазде гIадин. Гьелъухъ балагьичIого, ниж ракIбацIцIадго хIалтIулел рукIана. Нижерго бугеб бажариялда рекъон культураялъул рукъзабазул тIалабги гьабулеб букIана.

2014 сон тIолабго республикаялда лъазабун букIана культураялъул сонлъун. Амма нижер районалъул культурялъул хIалтIухъабазе гьелдалъун щибниги пайда щвечIо. Абун букIана дагь-дагьккун харж цIикIкIинабизе бугилан, стимуляциялъе абулеб гIарацги кьезе бугилан. Нижер берда кепек бихьичIо».

Хадубги хъвалеб буго гьелго культураялъул хIалтIухъабаз исана 12 январалда жидер мухъалъул нухмалъиялъ хIукму гьабунила киналго росабазул культураялъул идараби къазе. Райадминистрациялъул постановлениялда рекъон, росабазул администрациялъул нухмалъулездаса тIалаб гьабулеб букIана росабалъ культураялъул рукъзабазул хIалтIухъаби цIидасан хIалтIудалъун хьезаризе. Амма росабазул администрациялъул гьединаб гIарац гьечIо, гьезул жидерго руго гIунгутIаби. ГIемерисел росабазул бегавулзабаз инкар гьабулеб буго гьел хIалтIуде росизе ва культураялъул рукъалъе гIарац биччазе. Ниж хутIун руго щиб гьабилебали лъаларого. Нижер мухъалъул прокурорасде гьелъул гIарза бахъани, щибниги хIасил гьелъул ккезе гьечIо, щайгурелъул мухъалъул нухмалъиялъ гьабураб хIукму ритIухъаб бугилан рикIкIине бугелъул гьес. Ниж тIамулел нижеего бокьун хIалтIудаса нахъе унел ругилан гIарза хъвазе, щайгурелъул батIияб нух гьезда батулеб гьечIо, гьедин гьабуни гурони. Амма нижер мухъалда чIухIарал банкеталги, дандеруссиналги гIуцIизе, 15 азарго гъурущги кьун кьурдухъаби ахIизе гьезда гIарац батулеб буго».

Гьединаб буго Хунзахъ мухъалъул культураялъул хIалтIухъабазул гIарз.

Гьезул цо-цояз гьадин тасдикъ гьабулеб буго ЭР-гун гара-чIвариялда гьеб хIужа.

ГIайшат: «Нужеего бокьун хIалтIудаса унел ругилан гIарзал хъвайилан лъазабун буго нижеа. Хъванги руго нижеца эл. 30 чияс хъван буго эб. Росабазул администрацияз росизе ругила ниж хIалтIуде. Амма гьезги абулеб буго жидер бюджеталда нужее бихьизабураб гIарац гьечIилан абулеб буго. Гьедин ниж «гьаваялдаса» гIебеде руго. Ахирисел моцIазул харжалги кьолел гьечIо нижее, хIалтIулел рукIаниги. Гьеб жо гьабулеб буго нижее. Росабазул бутIрузда абун буго цо-кIиго моцIалъ харжги кьейин эзие, цинги гIарац гьечIиланги абун нужецаги нахъе рехейилан. Культураялъул министерлъиялда лъалеб жо бугодай гьелъулалиха? Цин абураб жоги гьабун чIелин рукIана ниж. Амма хадуб цIакъго квеш букIине лъугьана нижеда гьеб. Киналго руго гьеб жо гьедин тезе бегьуларилан».

ПатIимат: «Гьаб нижее кьолеб гIарцухъ щив хIалтIулевин гьикъизе бокьун букIанаха нижее (5-6 азарго гъурущ – ЭР). Нужеца малъараб жо гьабуларогойищин бугеб нижеца, нужеца нижее кьураб аппаратурайищин бугеб… Нижеего щолел кепказда тIасан босула хIалтIуе къваригIараб-тараб. Гьединго газетал-журналалгицин нижерго гIарцухъ хъванаха нижеца. Гьал росбаазул бутIрулги руго жидеца кисайила нужее гIарац бахъилеб? Бокьаралъуса бахъейин долги (мухъалъул нухмалъулел – ЭР) руго».

Амма гьел культураялъул хIалтIухъабаз цIакъго гьорозабун бицунеб лъазабуна ЭР-ялъе Хунзахъ мухъалъул культураялъул бутIаялъул нухймалъулей Ирайгьанат МухIамадовалъ.

Ирайгьанат МухIамадова: «Росабазул бегавулзабазда лъазабун буго культураялъул рукъзабазул хIалтIухъаби цIидасан хIалтIуде росейин. Нагагьлъун жидее кьолеб харжалда рекъараб куцалда гьел хIалтIулел гьечIони, нахъеги рехейин.

Гьединаб ихтияр кьун буго бегавулзабазе. Гурони, лъида лъалареб росабалъ (нижер районалда гуребги) культураялъул рукъзабазул иш кин бугебали? Рахан клубалгун чIарал гIечIого, бегавулзабигун, нухмалъулелгунги къацандула гьел, хIалтIизе бокьичIого. Амма гьанжеялдаса хадуб иш батIайисан букIине буго. ХIалтIулел чагIаздехун бербалагьи кигIан кIваниги лъикIаб буго СагIид Юсуповасул (мухъалъул бетIер – «М»). Масала, Сивухъ клубалда хIалтIулел чагIи ригь арал рукIаниги, хIалтIул хIасилал лъикIал рукIиналъ, жинца гьезие кIвараб кумек гьабилин абулеб буго нижер бетIерас. ДагIба балев чи ватани, бихьизабеха исана гьабизесеб хIалтIул планги гъоркьисала гьабураб хIалтIул хIасилалги.

Росабазул балансалде росун хадур культураялъул хIалтIухъабаздехун мекъи балагьулел, харжидалъун яги цогидалдалъун гьел къварид гьарулел бегавулзабазе гIадлу районалъул прокурорас гьабизе бугин лъазабуна СагIид Юсуповас».

ЭР: «Рагьизецин рагьуларел клубал ругелищ гьенир?».

Ирайгьанат МухIамадова: «Руго. Масала, ЦIалкIитIе ун рукIана ниж дагьалъ цере. Ран кIулалгун батана гьениб клуб. Гьеб росулъа чияс телефоналдасан ахIана клубалъул хIалтIухъаналъухъе. Бащадаб сагIаталдаса цIикIкIун мех бана гьелъ ячIунарого. Цинги довго чияс цIидасан ахIана гьелухъе хал гьабизе Хунзахъа чагIи рачIун ругин гьанире. РачIине риччайин жаваб кьуна долъ. Цинги гьединан гурони хIалтIуларел чагIи рукIине ккеларищха гIарзахъдулел».

ЭР-ялъ бухьен гьабуна республикаялъул культураялъул министр хисулев Мурад ХIажиевасулгун. Гьесул рагIабазда рекъон, 131 абилеб федералияб къануналда рекъон, гьел росабазул культураялъул рукъзал церего кьезе кколаанила росабазул балансалде.

Амма жалгоцин хьихьизе рес гьечIел бегавулзабаз тIаде культураялъул хIалтIухъабиги кин хьихьизе ругелали бичIчIулеб гьечIин абураб пикру буго бакIалъул гIадамазул.

XS
SM
MD
LG