МагъчIваялъе рес

Къварилъи ккаразул ургъелалгун


Сириялдаса жидерго умумузул ракьалде рачIунел абхазал.
Сириялдаса жидерго умумузул ракьалде рачIунел абхазал.

Шамалда рагъ байбихьаралдаса нахъе гьоркьоса къотIичIого бицунеб буго гьениб гIумру гьабулел ракьцоял Россиялде тIадруссинариялъул хIакъалъулъ. Амма гьеб иш рагIалде бахъунеб гьечIо. Дагьалъ цебе Интернет-алатаз баян кьуна РФялъул Пачалихъияб Думаялда ругел депутатаз гьабураб хитIабалда рекъон къабул гьарурал хIукмабазул. Гьелда рекъон, Шамалде гочун рук\арал россиялъулал, гьездаго гьоркьор дагъистаниялги, умумузул ракьалде тIадруссинариялъул суал тIубазабизе захIматаб масъала рагIула. Щайгурелъул, гьел кколила араб гIасруялда, ай Кавказалъул рагъ лъугIун хадуб, жидеего бокьун Россиялдаса гочун арал гIадамал ва Россиялъул гражданаллъун рукIине гьез киданиги тIалаб гьабулебги букIинчIила.

Кин бугониги, Россиялъул регионазда ракьцоял тIадруссинариялъе тадбирал гIуцIун руго. Северияб Кавказалъул республикабазул бутIрул гьеб масъала тIубазабиялде тIаделъун рукIиналъе нугIлъи гьабула СМИяздасан кьолел баяназ. Кинаб ахIвал-хIал бугеб гьеб рахъалъ Дагъистаналда?

Баянлъана Дагъистаналда ругел гIемерисел жамгIиял гIуцIаби ва хIаракатчагIи, хIатта пачалихъиял хъулухъчагIи гьеб суалалде регIун гьечIеблъи.

ГьабсагIаталда Шамалда гIумру гьабулеб буго ичIазаргогIанасев дагъистанияс. ТIолабго улкаялда тIиритIун ругел гьел данде ракIари ва ватIаналде тIадруссиналъе тадбирал гьари захIматаб масъала бугин бицана журналист ХΙасанов Темирханица.

ХΙасанов Темирхан: «БацΙцΙадаб ракΙ» абураб гурхΙел-рахΙмуялъулаб фондалъ хΙаракат бахъулеб буго гьеб суал тΙубазабизе. Амма тΙалъиялъ кумек гьабулеб гьечΙолъиялъ, абизегΙанасеб хΙасил кколеб гьечΙо. Дида лъала Гъарачазулгун Черкессиялде, Адигеялде, Чачаналде тIадруссунел руго гIадамал. Жидер ракьцоязулгун гIагарлъи букIин чIезабурал дагъистаниялцин къабул гьарулел руго гьез. Эрменияз ракьцоязе кьун руго Карабахалда ругел ракьал, гьенир минаби ралел руго. Дагъистаналъ къабул гьарулел гьечIони, нилъер ракьцоязеги гьенир бакIал кьезе хIадурго руго гьел».

Шамалдаса рачIине ругел гIадамазул статус чIезабизе ва ракьцоял къабул гьариялъул хIакъалъулъ хIукму гьабизе ккола ДРялъул тIалъиялъ. Пачалихъалъул рахъалдасан гьелъие квербакъеян гьарун президентасул ишал тIуразарулев Рамазан ГIабдулатIиповасде, хIукуматалъул нухмалъулесде ва цогидалги жавабиял идарабазде кагътал ритIанин бицана «Бац1ц1адаб рак1» абураб фондалъул менеджер Мух1амадов МухIамадица. Амма жеги жаваб щвечIила.

Тарихчи Гьиматил Камилица бицана Кавказалда гIумру гьабулел гIадамазе хасиятаблъун букIанила къварилъи ккараб мехалда цоцазе кумекалъе хIалае рахъин.

Гьиматил Камил: «КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда Ленинградалдаса Кавказалде рачунел рукIарал лъималазда хадур лъугьун рукIана фашистал. Адигеялъул ракьалде щварал гьел, бакIалъулаб жамагIаталъ рокъо-рокъореги рачун, цIунана. Гьедин гIезарурал лъималаз бахIарчияб халкъалъе хадубккун памятник бана ва жидерго къисматалъул хIакъалъулъ тIехь хъвана».

Тарихчи Гьиматил Камилица бицухъе, Чачан республикаялъул гIорхъода гIумру гьабулел магIарулаз, 1943 соналъ, Казахстаналде чачанал гочинарулеб заманалда, гьезул г1иссинал лъимал рачана жидехъего хьихьизе. Гьедин хвасар гьарурал чачаназ магIарулазе баркала загьир гьабулила жакъаги. Амма гьабсаг1аталда нилъеца бицен гьабулеб буго нилъерго ракьцоял-лъимал хвасар гьариялъул хIакъалъулъ. РФялъул къануналда рекъон, Россиялъул гражданинлъи гьезул батич\онигицин, Шамил имамасул къеркьеялдаса хадуб къватIисел улкабазде гочарал умумузул наслаби нилъер ракьцоял кколеллъи киназдаго лъала.
XS
SM
MD
LG