МагъчIваялъе рес

ХIинкъизе ккелищ шапакъатал кьолеб хIукуматалдаса?


Гьал къоязда Россиялъул хIукуматалъ премияздалъун кIодо гьаруна халкъиял информ алатазул бищунго церетIурал 10 чи. Гьезда гьоркьор руго Дагъистаналъул Черновик газеталъул лъабго хIалтIухъанги. Жиб гIуцIаралдаса нахъе тIалъиялде дандечIараб газета хIисабалда машгьурлъараб басма кин мустIахIикълъараб гьединаб кIудияб шапакъаталъе абураб суал хутIулеб бугин абизе бегьула гIемерисезе балъгояблъун.

Россиялъул тIасавищарав 10 журналистасда гьоркьов «Черновик» газеталъул лъабго чиясда цIар чIвай гьеб кIудияб лъугьа-бахъинлъун къабул гьабуна Дагъистаналда информ. алатазул вакилзабаз ва гьел гурел цогидазги.

«Черновик» газета 2003 соналъ гьеб гIуцIаралдаса нахъе гIемерисезда лъала республикаялъул тIалъиялда дандечIараб оппозициялъулаб газета хIисабалда. Гьеб сабаблъун гIемераб тIадецуй гьабуна газеталде жиндир заманалъ. БукIана заман республикаялда гьеб бахъизе гьукъарабги, бугониги газеталъ жиндирго позиция щула гьабуна къватIибе бачIаралдаса нахъе. Гьединабго пикру загьир гьабулеб буго экспертаз ва гIадатиял цIалдолезги.

Черновикалда рахъарал макъалаби сабалъун газеталде критика гьабун букIана дагьаб цебегIан ГIабдулатIипов Рамазаницаги. Республикаялда цIикIкIунел ругел чIвай-хъвеязул хIакъалъулъ баян кьолеб мехалъ ГIабдулатIиповас абун бугин киналго такъсирчагIи цадахъ гIурухъе рехизе кколилан абун букIана «Черновикалъ». Гьелъ квешго ццим бахъун букIана республикаялъул нухмалъулесул. Жиндица гьабураб калам цIакъго сверизабун кьун бугин гьеб газеталъ, гьединаб баян кьоелб газеталъе гIадлу гьабичIого тезе гьечIилан абун букIана гьес доб мехалда.

Гьединлъидал цIивищарав Дагъистаналъул нухмалъулесулгун рагIи дандекколареб газеталъе Россиялъул хIукуматалъ премия кьеялъул магIна кинабдай букIине бегьулеб абулеб суалалъ эргъезе тIамуна гIемерал чагIи соц.сетазда.

Гьеб суал нижеца кьуна «Регнум» агентлъиялъул нухмалъулев Казенин Константиние.

БитIараб бицани жинда бичIчIулеб гьечIин щибги хIисабалде босун Москваялъ гьедин къиматалда дагъистаналъул журналистал кIодо гьаруралалиян мукIурлъана гьев. Кинанса гьеб батаниги «Черновик» гьеб премиялъе мустIахIикълъанилан рикIкIунеб буго гьес.

Казенин Константин: «Жиндир заманалъ газеталъ нахъа тана гIезегIан захIматаб нух. Гьениса къватIире арал журналистал киналго гуро цого даражялъул рукIарал. Амма гIемерисел рахъана лъикIаб махщелалъул журналистал. Дие абизе бокьун буго хас гьабун гьел премия щварал МухIамад МухIамадовги Агаев Маирбекги церего мустIахIикълъанин гьелъиеян. РакI-ракIалъ баркула гьезда гьеб шапакъат».

КигIан критикиял макъалаби «Черновикалъ» хъван ратаниги гьеб цебетIураб газета букIин хIисабалде босун бугин Москваялъилан абуна гьелда тIасан жиндирго пикру загьир гьабулаго МахIачхъалаялъул админстрациялда информациялъулаб политикялъул нухмалъулев ГIабдурашидов МухIамадица. Жинда бичIчIулеб бакIалдаса гIебеде гьеб премиялъул магIна кколин тIалъиялъ халкъалдехун ва информалатаздехун гьабулеб бербалагьи лъикIаб букIинилан абулеб буго гьесги.

ТIоцебесеб иргаялда Москваялъ гьединаб кIудияб къиматалдалъун «Черновикалъул» хIалтIухъаби кIодо гьариялъе сабаблъун кканин гьеб газета гIуцIарав мунагьал чураяв Камалов ХIажимурадил хвелилан абуна гьелда тIасан «Миллат» газеталъул редактор БисавгIалиев МухIамадица. Федералияб даражаялда газеталъул цIар рагIизе жиндирго рухI кьунин гьелъул хважаинас.

БисавгIалиев МухIамад: «Махщалилаб даражаялъул рахъалъ щаклъи гьечIого жакъа «Черновик» буго Россиялъул информация кьолел алатазда гьоркьоб бищунго лъикIал басмабазул цояблъун. ТIалъиялдаса хIинкъичIого бадибе рагIи абулеб газета. Байбихьудаса гьединаб даражаялда хутIуледухъ, кинал редакторал гьелъул нухмалъулеллъун рачIаниги батIияб куцалда рагIи абулареб газеталъун гьеб хутIулеб хIал гьабуна мунагьал чураяв ХIажимурадица. Гьединлъидал дир хIисабалда Россиялъул хIукуматалъ «Черновикалъул лъабго хIалтIухъанасе кьураб премия буго мустIахIикъаб шапакъат. БатIияб пикруялъе гьаниб бакI батулеб гьечIо дида».

«Черновикалъул» мухбирзаби МухIамад МухIамадовасе, Маирбек Агаевасе ва бетIерав редактор Камалов Магьдие гьеб премия кьун буго коррупциялде ва такъсирчилъиялде данде гьабулеб къеркьеялъул хIакъалъулъ гIатIидго бицарал макъалаби хъваялъухъ. Гьезул шивасе щун буго цо-цо миллион гъурущ.
XS
SM
MD
LG