МагъчIваялъе рес

"Тамахаб" депортация букIана хвалил нух


Чияр ракьалда
Чияр ракьалда

1944 соналъ, МахIачхъалаялдаса ва КъахIиб мухъалдаса хIакимзабиги рачIун Ракьуб росдал жамагIаталда лъазабула нуж Чачаналде гочинарулел ругин. ХIинкъараб заман букIиналъ, цо чиясда данде рагIи абизе кIоларо щай ниж гьенире гочинарулелилан.

ГIемерисел бихьиналги рагъда рукIун, гьедин данде рагIи абулев чиги щивха вукIинев, хIакимзабаз абураб рагIудаса кьуризе рес гьечIеб заманги доб букIиндал. Амма Ракьуб росулъа ГIайшат абулей гIаданалъ гьединаб суал кьедал, гьелъул рагIи лъицаго гIадахъ босуларо, гьей бигьаяй гIаданилан тIаса йихьизаюла. Гьедин, къокъабго заманалда жаниб регьекьдерил жамагIаталда росу бахинабула. Гьеб мехалда ХIайбула вукIана кIиго сон барав чи. Чачаналда щиб ккезе бугебали лъидаго лъалеб букIинчIелъул, нухдаги доре щвараб мехалдаги кваназе цадахъ баччун букIана кIварас кIвараб магIишат. ХIайбулайин абуни, эбелалъ цебе къотIараб гIакдада тIад къан вукIана.

Дагъистаналъул цо-цо росабазул жамагIатго гIадин Ракьуб росдал жамагIатги гочинабиялъе ккараб гIилла рехсолаго, Авартеатралъул режиссерлъун хIалтIулев, депортациялъул кьогIлъи бихьарав ГIабдулгъапуров ХIайбулагьица бицана Сталинил указ букIанин жидеего бокьарал гурони гочинаричIого тезе. Гьединго, гочинаризе кколин мегIер-гIалах гьечIел, гIумру гьабиялъе захIматал шартIал ругел росабазул гIадамалги. Амма росдал хIакимзабазул бажари гIечIолъиялъул хIасилалда регьекьги гочинарун руго цадахъго.

ГIабдулгъапуров ХIайбула, Авартеатралъул режиссер
ГIабдулгъапуров ХIайбула, Авартеатралъул режиссер
ГIабдулгъапуров ХIайбула: «Аваргъойсуялъул рагIалда бугеб Ахилакь абулеб бакIалдеги рачIун, чанго гьокоялда хIакимзабаз жидерго хъизан-кулпат рикIинабун буго, хутIарал хIамузда ва лъелго рахъине ккун руго къватIире. Шураре щвелалде кIиго-лъабго чи хун вуго. Гьенисан поездалдаги рекIунрачун руго Хасавюрталде. Хасавюрталдасан лъелго рачун руго Чачаналде. Ракукаджи абулеб бакIалде щун руго росдал гIадамал. Гьениб букIараб гьава-бакъ рекъечIогиги, бихьараб гIакъуба-захIмат баччизе кIвечIогиги хун буго 72 цIараки. Бихьиналги армиялда рукIун хварал рукъизе чи гьечIого, гьединаб захIмалъиялда рукIана».

ГIабдулгъапуров ХIайбулагьица бицухъе, депортациялъул асаралде гIемерисел росаби ккун руго бакIалъулал хIакимзабазул хIалихьалъиялда бан. Гьедин гочинарурал росабазул ракьазда тIад кверщел гьабун букIун буго аскIор ругел росабазул жамагIатаз. I957 соналъ гочинарурал тIадруссун рачIиндал, гьезул боцIи кваназе бакIцин тун батичIилан бицунаан депортациялъул кьогIлъи бихьараз.

ГIабдулгъапуров ХIайбула: «Росулъ гIагарлъиги рукъзалги гьечIел Стальскиялде, МахIачхъалаялде, Каспийскиялде доре-гьанире щущана. ЦохIо Стальскиялда ватила нижер росдал 200-300 чи».
Депортациялде ккаразе пачалихъалъ кумек гьабулеб букIиналъул гIемер бицуна. Амма жидеего букIине кколеб кумек гьабичIин ва гьелда хадур лъугьун битIахъе сваканги ругин бицуна гочинарураз. Масала, ГIабдулгъапуров ХIайбулаца бицухъе, депортациялде ккаразул мурадал цIунун тIобитIараб съездалда борхун букIун буго гьеб суал.

ГIабдулгъапуров ХIайбула: «ГIемер борхула гьеб суал. Амма хIукуматалъул даражаялда гьеб суал тIубазабун бажаричIо. Гьеб масъала борхизелъун гIуцIараб жамгIиятги гьечIо. Гьеб суалги, щибго гьабураб жоги гьечIого гьедин хутIун буго».

Долдаса нахъе 70 сон свераниги, департациялде ккаразул масъала хутIун буго тIубазабизе кIолареблъун. Доб заманалдайин абуни, Дагъистаналдаса гочинарун рукIана 2I мухъалдаса I00-гIанасеб росдал гIадамал.

Дида кинго ракIалдаса унаро чанго соналъ цебе ЦIунтIа мухъалъул Хьонохъ росулъа Нажмудин абурав цо херав чияс бицунеб букIараб хабар. «Ниж, битIахъе, такъсир гьабурал чагIи гIадин, аскарияз цереги къотIун гочинарулел рукIана. Веденоре щвезе чанго къо бана нухда. Гьел къоязда жанир чангиял хвана ва хварал нухаздаго рукъулаан. Гьеб захIмалъи баччизе кIвечIого цо росуцояс хIалбихьана лъутизе, ай тIадвуссун ине. Ниж цIунун ритIарал аскариязул цояс мугъзалъ туманкIги речIчIун чIвана гьев. Нижин абуни, гьев вукъизегицин риччачIо».
XS
SM
MD
LG