МагъчIваялъе рес

ГIадамазда бихьулеб буго шагьаралда хважаин гьечIолъи


МахIачхъалаялъул администрациялъ 120 гIарза битIун буго диванчагIазухъе хасаб изнуги гьечIого ралел минабазе хIукму къотIейин. ГIемер тIалаял минаби ралел компаниязулгун рагъ буго бакIал раялда хадуб халкколеб пачалихъияб бутIаялъулги. Гьез диванчагIазухъе битIун буго 140 гIарза. Изну гьечIого ралел минабазул къадар ахираб заманалда цIакъго гIемерлъун руго.

Гьедин бицана 2 апрелалда МахIачхъалаялъул мэриялда букIараб данделъиялда мэрасул ишал тIуразарулев вукIарав МуртазагIали Рабадановас. Гьеб данделъиялда бицана республикаялъул тахшагьаралъул генералияб план гьечIолъиялъулги. Ахирисеб нухалда гьеб бахъун букIун буго 1990 соналда, гьелда рекъон хIалтIулел руго жакъа къоялдаги. Амма гьедин иш данде кколеб гьечIо.

Гъоркьисала ноябралда байбихьун буго гьеб цIи гьабиялда тIад хIалтIизе. Гьеб хIадурун бахъарабго лъазабизе буго минаби ралел гIуцIабазда гьоркьоб конкурсги. Гьедин шагьаразда Генералияб план гьечIолъиялъ гьабсагIаталда МахIачхъалаялда кIудияб гIунгутIи буго школал, ясли-ахал, шагьранухал гIунгутIиялъул. Гьезул бакIалдайин абуни гIезегIан руго шагьаралда бокьа-бокьаралъур рарал минабиги, тукабиги, транспорталъе цIатари бичулел станциялги (хIакъикъаталда абуни шагьаралда жанир разецин бегьуларин гьелин абула). Руго цо-цо къватIал гIадамазе рилълъанхъизе нухги течIого раралги. Руго гIадамаз гIумру гьабулел гIемертIалаял минабазда цереги цIан гьарурал, хIанчIи бусаби гIадал, рукъзалги. Гьелда щибго дагIба гьечIо тахшагьаралъул бакIал ралеб бутIаялъул хIалтIухъабазул.

Гьедин Дагъистаналъул тахшагьар кутакалда сурукълъизабун бугин, гьелъул кинабгIаги архитектураялъул хаслъи абураб жо гьечIилан гьарулел бадирчIваял гIемерлъидал лъугьуна тахшагьаралъул хъулухъчагIи цо-цо бакIазда рарал тукаби, минаби риххизаризе. Масала, чанго къоялъ цебе Леваневскиясул къотIноб диваналъул приставал абурал чагIиги рачIун тукен биххизабулеб букIана. Гьеб мехалда тIаде бензинги тIун жинцаго живго вухIулев вукIана Камиль ХIасанов абурав чи. Чанго нухалда лъазаби гьабуниги, биххизабичIин гьес тукен, гьединлъидал пачалихъияб хъулухъалъул рес букIинчIин гьеб биххизабичIогоян абулеб бугоан диваналъул приставал абурал чагIаз. Гьел ккола диваналъул хIукмаби рагIалде рахъинаризе ритIулел чагIи руго. Диваналъул хIукмуялда рекъон, гьеб букIана базе бегьулареб бакIалда бараб тукен. Амма гьедин батани, шагьаралъул хъулухъаз щайин гьеб базе изну кьурабин абураб суал бачIунеб буго.

Официалияб куцалда изну кьурабани, гьел бакIал лъицаниги риххизарулароанин, гьединлъидал гIемерисеб мехалда гьел кколин жалго лъикIал лъугьун, бергьун гIадамаз ккурал ракьазда рарал объекталин рикIкIунеб буго Сиражудин Къасумовас. Гьев ккола бакIал раялда хадуб халкколеб пачалихъияб бутIаялъул хIалтIухъан. Кин букIаниги, гали бахъа-бахъаралъур ришватал кьечIого къанагIатги тIуралареб республикаялда гьел минабазе изнуги ришваталъухъ бичун босун букIине рес бугин ЭР-ялъ кьураб суалалъе гьадин жаваб кьолеб буго Сиражудин Къасумовас.

Сиражудин Къасумов: «ГIарац кьурабищ кьечIебищали… гьеб жоялъул хал гьабизеги бегьула. ГIарац кьолаха бакI базе изну кьурав чиясе, амма цин гIарацги босун, хадуб нахъисеб къоялъ биххизабеян абулеб жо букIунарелъулха. Кьунищ изну, тIокIаб кIалъазе бакI букIунаро гьениб. Гьаб нилъеца бицунеб жо ккола кинабгIаги ихтиярги гьечIого ракьги ккун чIей».

ЭР: «Гьадинал хIужаби кида цIикIкIарал – ахираб заманалъищ яги церегIангойищ?»

Сиражудин Къасумов: «Гьал хIужаби исана цIакъго цIикIкIана. Цебе букIараб жо гуро гьаб. ГIадамаз исана байбихьана нич тун ракьал кквезе, изнуги босичIого, гIицIго ракьул приватизация бихьизабулеб «гIурччинаб» кагътида рекъон гьенир бакIал разе. Гьезда бичIчIулеб буго шагьаралда хважаин гьечIолъи».

ЭР: «ГIадамазда кколеб батилаха СагIид Амировги (цевехун МахIачхъалаялъул вукIарав мэр – ред.) туснахъ гьавунин, гьанже лъицайин аб шагьаралъул тIалаб гьабилеб».

Сиражудин Къасумов: «Унха, гьедин буго. Гьанже цIияв мэрги тана, гьес гьелъул гIадлуги гьабила».

Сиражудин Къасумов хIалтIулеб пачалихъияб идараялъ диванчагIазухъе битIун ун буго МахIачхъалаялда ралел ругел щутIалаял минабазда хурхун хъвараб 140 гIарза. Гьанже гIадатлъун лъугьун буго дагьабниги кодоб-хъатикь гIарац бугев чияс бичун босун цо гьитIинабго ракьул кесекгун гьелда тIад гIемертIалаял минаби ралеб, цинги кIудияб багьаялде гьел ричулеб. Сиражудин Къасумовас бицухъе, гьезул гIемерисезул букIунаро гьениб объект базе щвараб хасаб изну, гьез гьеб бала гIицIго гьеб ракьул бетIергьанлъи бихьизабураб документалда рекъон. Гьедин диваналде битIараб 140 гIарзаялда гьоркьоса гьабсагIаталда бергьун буго 4 гIарза, лъабго гIарзаялъейин абуни гьел къун руго.
XS
SM
MD
LG