МагъчIваялъе рес

Дур цIар къотIиларо, дур цIа свинаро…


МахIачхъалаялда ХIамзатил Расулие лъураб монумент, Сентябрь 2013
МахIачхъалаялда ХIамзатил Расулие лъураб монумент, Сентябрь 2013

Сентябралъул микьабилеб къоялдаса байбихьун Дагъистаналда унел руго КIудияв шагIир ХIамзатил Расул гьавуралдаса 90 сон тIубаялъул хIурматалда кIуди-кIудиял тадбирал. КъватIиса пачалихъаздаса, улкаялъул регионаздаса поэтазул, хъвадарухъабазул кIудияб къукъа буго республикаялде бачIун. Юбилеялъул аслиял тадбирал гьатIан ва инти къояз рукIана ресупбликаялъул тахшагьаралда. Талат къоялъ юбилеялъул тадбирал халат рахъине руго шагIирасул ватIан Хунзахъ ва ЦIада росабалъ.

Исана тIубараб сонго Расулил сонлъун лъазабураб Дагъистаналда жеги сентябрь щвелалдего байбихьана кIудияв шагIир гьавуралдаса 90 сон тIубялъул хIурматалда батIи-батIиял тадбирал тIоритIизе. Республикаялъул щибаб мухъалда, щибаб шагьаралда гIадин унел руго Расул ракIалде щвезавиялъул къоял. Амма аслиял тадбиразде Дагъистаналда рукIана сенттябаралъул 7-б къоялдаса байбихьун. Шамат къоялдаса байбихьун Дагъистанлде Россиялхул батIи-батиял регионазадса гурелги къватIиса хIукуматалдасаги руго гIемерал гьалбал рачIун.

Хъвадарухъубазул цолъияъул нухмалъулев АхIмадов МухIамадица бицана живго Расул чIагояб мехалъ тIоритIулел рукIарал юбилеяздаги вукIинчIин гьедигIан гIемерав гьобол Дагъистаналде вачIун. Кинавниги 90 батIи-батIияв литератор, шагIир, хъвадарухъан творческияб интеллигенциялъул чанго батIияв вакил вачIун вугин гьел къояз республикаялдеян.

Расулил юбилеялъул аслиял тадбирал байбихьана сентябралъул микьабилеб къоялъ. Радалго гьалбал щвана Таргъу магIарда бугеб шагIирасул хабаде гьелдаса хадур Республикаялъул миллияб бибилиотекаялда тIоритIана гургинал столал, къаси ЛъарагIазул театралда балагьарзе бихьизабуна Расулил машгьураб «МагIарулай» абураб поэмаялад рекъон лъураб театралъул сцена.

Сентябр лъул ичIабилеб къоялъ радал киналго гьалбал щвана шагIирасул цIар кьураб тахшагьаралъул аслияб проспекталда, ГIурус театралда аскIоб бугеб Расулил монументалда тIугьдул лъезе. Гьелдаса хадур киналго къокъана Ленинил Комосмолалъул цIаралда бугеб тахшагьаралъул ахикь букIараб данделъиялде. «ХIамзатовасул ХъахIал Къункъраби» абураб тадбиралъе лъолеб байбихьи букIана гьеб. Республикаялъул хIукуматалдаса, Халкъияб Мажлисалдаса, МахIачхъалаялъул нухмалъиялъул рахъалдасаа чагIиги гахьаллъана гьенир. КIалъазе рахъунел щинал гIадамаз гIемерл хинал рагIабаздалъун ракIалде щвезавулев вукIана Расул. КъватIиса гьалбадерида гьоркьор гIемер рукIана гIумруялда берчIван шагIир вихьизе щвечIел, амма гьесул хвел гьечIел асарал жидерго мацIалде руссинарурал чагIиги. Мисалалъе ГIиракъалъул тахшагьар Багъдадалъул пачалихъияб университеталъул профессор ХIасан Дия Алдиница жидерго мацIалде русинарун руго Расулил гIемерал асарал. Дагъистаналъул хъвадарухъабазул цолъиялъул дандчIваялда жиндица абунин гьалдаса хадурги щибниги мухьги босичIого шагIирасул жегиги асарал руссинаризе хIадур вугин живилан бицана гьес нижергун гара-чIвариялда.

ГIенеккаразе асар гьабураб кIалъай гьабуна Вьетнамалдаса гьабол Хуанг Тхи Туаница. 1961 соналъ гьес гьес Советияб хIукуматалда босун буго тIадегIанаб лъай. Расулгун гьев дандчIван вуго 1994 соналъ.


ХIамзатил Расул хIалтIулев вукIараб рукъ
ХIамзатил Расул хIалтIулев вукIараб рукъ
Мисриялдаса хъвадарухъан АхIмад Аль-Хамисияс гьадин ракIалде щвезавуна Расулгун жив дандчIвараб куц:

АхIмад Аль-Хамиси: «ТIабигIаталда меседги къанагIат гурони букIунареб гIадин гIадамазда гьоркьовги гьединабго даражалъул чи вукIана Расул. Гьев гIадал чагIи къанагIат гурони рахъунаро заманаялда. Дица гIемерал кучIдул руссинаруна гьесул нижерго мацалде. РакIалда буго дунго гьевгун дандчIвараб куц. Мосвкаялда жиндирго квартира букIана гьесул. Гьениве дун тIаде къабул гьавуравго жание лъугьун ячIана цо чIужугIадан. Лъай-хъвай гьабе дир хъизан ПатIиматилан абуна Расулица. Хадуй ячIана цо яс. Гьай ди яс ПатIимат йигилан абуна гьес. Хадуй цоги яс ячIиндал дица гьикъана, Расул гьайги ПатIиматишилан. Гьеб мехалъ Расулица абуна гьечIин, гьайги ПатIимат йикIарайни дун ПатIиматил гIелмабазул доктор вахъине вукIаниланги абун (киналго релъула)».

Итини къоялъ гьалбал гьединго щвана гIемерал сонал Расулица жаниб тIамураб тахшагьаралъул Горькиясул къватIалъуб бугеб шагIирасул минаялъуре. Гьеб минаялъуре Расул чIаго вукIаго швана гIемерал батIи-батIиял гьалбал. Гьеб магIарулазул гIадаталда рекъон жиндирго шагIирасул васиятги тIубан гьалбадерида дандчIвай гьабуна Расулил ясаз, гьесул гIагарлъиялъ. ТIаде рачIарал гьалбадерие гIуцIун букIана кIудияб кванил тепси.

Гьелдаса ахадур киналго анна Гьудуллъиялъул рукъ абун цIар лъураб культураялъул кIалгIаялъуре. ШагIирасул гьудулзабазул форум абун цIар лъураб гьеб тадбиралде вачIун вукIана Дагъистанлъул цIияв президент Рамазан ГIабдулатIипов, республикаялъул цеве вукIарав нухмалъулев МухIу ГIалиев. Чачаназул президент Рамзан Къадировас Расулил кучIудул цIалараб куцалъ асар гьабунин гIадамазеян бицунеб букIана хадуб.

МагIарулазул «Миллат» газеталъул бетIерав редактор БисавгIалиев МухIамад шагIирасул гIумурялъул ахирал соназда вукIана гьесул кумекчилъун. Кудияв шагIирасул хIурматалда гьал къоязда республикаялда тIоритIулел тадбиразда тIасан бугеб жиндирго пикру гьадин загьир гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе:

БисавгIалиев МухIамад: « Расул чIагояб мехалъ гьарулел юбилеял тIуран батIиял рукIана гьанже ругездаса. Доб мехалъ киналго гьесул щибаб рагIуда, гьесул кIалъаялда хадур халккун рукIунаан. Гьесул щибаб рагIи къиматаб букIана гIадамазе. Исана Расулги гьечIого кIодо гьабулеб бугеб гьесул 90 сон тIубаялъул тадбир кIудияб политикияб кIваралде буссун бугилан абила дица. ЦIивищарав президент Рамазан ГIабдулатIиповасги абуна жиндирго кIалъаялад Расулил юбилей къо нилеца хурхинабизе кколин Дагъистаналъул цIияб политикиябгун культурияб рукIа-рахъиналъул рахъалъ цебетIеялъул кьучIалдаян. Жибго юбилейги кIудияб даражаялда унеб буго гIемерал кавкзалъул субъектаздаса, улкаялъул батIи-батIиял регионаздаса ва къватIиса пачалихъаздаса гIемерал гьалбал рачIун руго. Расулил къо цIакъ кIудияб даражаялда унеб буго».

КIудияв шагIир ХIамзатил Расулил 90 сон тIубаялъул хIурматалда тIоритIулел тадбирал жеги халат рахъине руго Дагъистаналда. Талат къоялъ юбилеялъул къоял рукIине руго шгIирасул ватIан Хунзахъ ва гьесул инсул росулъ ЦIадабги. Тадбиралъул гIахьалчагIазул цо бутIа ине буго Гъунире. Гьединго республикаялъул чанго шагьараздаги рук1ине руго рохалилал данделъаби.


XS
SM
MD
LG