МагъчIваялъе рес

Салафиязде гьужумал лъугIулел гьечIо


Зарема Багьавудинова
Зарема Багьавудинова

Буйнакскалда гьоркьоса къот1ич1ого салафиязде гьужумал гьарулел ругин къуваталъул идарабазул х1алт1ухъабазилан абулеб буго инсанасул ихтиярал ц1унулез. Гьезул раг1абазда рекъон 13 маялда къануналде данде кколареб къаг1идаялъ полициялъ ккун вуго Г1ашуров Заурги гьесул эменги.

Итни къоялъ Буйнкаск шагьаралда салафиязул минабахъ гьанжеги хасал тадбирал унел ругилан лъазабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез. Дагъистаналъул инсанасул ихтиярал цIунулеб «Правозащита» идараялъул вакил Багьавудинова Заремаца «Эркенлъи» радиоялъе бицана 13 маялъ радал, щибниги бичIчIизабичIого, киналниги гьев кквеялъе гIилла бихьизабулел ва рес кьолел документалги рихьизаричIого, полициялъул хIалтIухъабаз Буйнакскалдаса ГIашуров Заур ккун анилан.

Зарема Багьавудинова:«Радал микьгоялдаго полициялъулаз сверун ккуна Заур ГIашуровасул мина ва гьес гIумру гьабулеб къватIги къана. Заурилги эбел-инсулги минаби аскIор руго, нолъ сордо Заурица гьезул доба бан буго. Жиндирго рокъов гьев ватичIеб мехалда, эбел – инсул минаги сверун ккун гьениса вачун ун вуго Заур ва гьесул эмен. Гьел ккун унелъулги цониги документ бихьизабун гьечIо полициялъулаз. Гьаб сагIат кир гьел ругебалицин лъаларо».

ГIашуровасул гIагарлъиялъ бицухъе гьев щибниги такъсирияб ишалъул чи вукIун гьечIо, гьезул рагIабаза рекъон полициялъулаз гьесда чIвазе бегьулеб цохIого цо багьана букIун буго гьев цIакъго диналда тIадчIарав салафияв вукIин.

Багьавудинова Заремаца «Эркенлъ» радиоялъе бицана ГIашуровазул рокъоб чIухьбалаго рукIине кколел киналго документалги ругеб туманкIбатанин ва гьединго Заурил имгIаласул доба бан чIухь балаго гьединбги документал гьечIеб таманча батанилан. ГьабсагIат гьелъул цIех-рех гьабулеб бугин полициялъулазилан.

Заремаца бицухъе, чIухь балелъул ГIашуровазул бакIалде хехаб заманалда жанир ракIарун руго гIемерал гIадамал. 6 маялъ Буйнакаскалда минаби кьвагьизарун хадуб жал хIинкъулел ругин цогидазеги гьебго жо гьабилебин, гьедилъидал гIадамал ракIаранила ГIашуровазул мина сверун ккураб мехалъилан абулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулелъ.

Дагъистаналъул МВД ялъул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъабаз «Эркенлъи» радиоялъе бицана Буйнакскалда унел ругел хасал тадбиразда хурхун гьабсагIат щибго абун бажаруларин.

Цоги Зарема Багьавудиновалъ бицана I2 маялда МахIачхъалаялда ХIамидовасул къотIнов маскаби тIад хурал чагIаз вихъун ун вугин салафияв МахIач ХIамзатовилан. Гьел чагIаз 707 номерал ругеб чегIераб «Приора» автомобилалда рачIинеги рачIун МахIачил автомобилалда жаниса гьесул лъади къватIие рехун йиго ва МахIачил автомобилалда гьенив гьев живгоги къазавун цереса ун руго. Полициялъул лъазабиялда рекъон гьезухъе бачIун буго МахIач ХIамзатовасул вацас гьев викъун анин хъвараб гIарза, гьелда сверун халгьабиял ва цIех-рех унеб буго.

XS
SM
MD
LG