МагъчIваялъе рес

Буйнакскалдаса кIиго яс ялагьулей йиго


Дагъистаналда цIикIкIунел руго гIадамал тIагIиналъул ва гьел рачун иналъул хIужаби. Дагьал церегIан къояз рокъоса къватIире ун щибниги хабар гьечIого тIагIун руго Буйнакскиялъул педагогикияб колледжалда цIалулей йикIарай кIиго яс. Гьебго Буйнакск шагьаралда кIиго анкь гIанасеб заманалда жаниб викъун ун вуго лъабго чиги. Инсанасул ихтиярал цIунулез абулеб буго цере рукIарал гьединал хIужабазда дандеккун рикъун аразул гIемерисел гьоркьоб заман ун хадуб ратулел ругин гьанжеян.

ТIагIун иналде цее гьей кIияйго яс гIумру гьабун рукIун руго Пятигорск шагьаралда, гьениса тIагIунги руго. Гьеб баян «Эркенлъи» радиоялъе кьуна Буйнакскиялъул пед. колледжалъул нухмалъулес. Амма жалго ясазул хIакъалъулъ кинаб бугониги баян кьезе разилъичIо гьев. ХIайдарбегова Лаюзаги, ГIабдулакъадирова ГIайнаги тIагIун урго маялъул анцIила анкьабилеб къоялъ. Гьелдаса нахъе гьезул хIакъалъулъ щибниги лъалеб баян гьечIо. Жидер хIалтIухъабаз ралагьулел ругин тIокIаб щибниги баян гьечIин жидехъилан абуна республикаялъул жанисел ишазул идараялъул пресс-хъулухъалъги.

Амма Буйнаксикялда ахирияб заманаялъ цIакъго гIемерлъун руго щалали лъаларел чагIаз гIадамал рикъиялъул хIужабиги. ЦIохIо 17 маялдаса нахъе гьенив викъун ун вуго 3 чи. ТIоцеве викъун ун вуго ХIасанов абурав чи гьев викъиялъул гIарзагун прокуратураялде ячIун йиго гьесул чIужу. КIиго къоялдасан викъун ун вуго Ильясов ХIажимурадги. Ва гьале маялъул къоло анлъабилеб къоялъ викъун ун вуго Аташев Азамат. Гьел киналго хIужабазда нахъе МахIачхъалаялъул цIех-рехалъул комитеталдаса гIадамал ругилан абулеб буго Багьавудинова Заремаца. «Правозащита» абураб централъул Буйнакскиялда йигей вакил ккола гьей. ТIадехун рехсарал киналго гIадамал рикъиялъул хIужабазул цIех-рех гьабулеб буго гьелъ. Гьадин бицана гьелъ «Эркенлъи» радиоялъеги.

Багьавудинова Зарема: «Рикъаразул ахирисев Аташев Азаматил гIарзагун прокуратураялде ун йикIаго дун дандчIвана цIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъангун, ГIашурбеков бугин ккола эсул фамилия. Дица гьикъулеб буго гьаб щиб нужеца гьабулеб жоялъул магIна, гьеб жо гIадан викъи ккола гурищ. Гуро, гуро нижеца гIадамал рикъуларо, гьеб буго гIадатияб цIех-рех тIобитIиялъул тадбир. Батани щайха нужеца гьев ботIролъ жоги кьабун инжитаб куцалъ автомобилалда жанив къазавун вачуневилан гьикъидал гьев лъугьана жинда бичIчIулеб гьечIин дуца лъил бицунеб бугебали. Дица бицунеб буго дир диналъул вац салафиясул. Гьеб мехалъ гьев дун жойиде гьайичIого велъулев вуго гьев, кинав вацила дуе гьев вукIунев, гьединав чи диналъул вацлъунищила дуца рикIкIунев абун. Гьеле гьединаб буго гьезул гIадамасдехун бугеб бербалагьи».

Гьел хIужабазда бан батIи-батIиял идарабазде гIарза битIун буго Багьавудиновалъ, амма хIасилал жеги гьечIо.

ЦохIо Буйнакскиялда гурелги гIадамал рикъиялъул хIужаби цIикIкIунел руго республикаялъул цогидал шагьараздаги. Гьедин дагьал церегIан къояз МахIачхъалаялдаса АгъамухIамадов Камил викъиялъул гIарзагун тахшагьаралъул Советский мухъалъул жанисел ишазул идараялде вачIун вуго гьесул вац. Гьединабго гIарза гьес битIун буго «Правозащита» централдеги. Гьеб идараялъул хIалтIухъан Тарасова Фатимаца бицана «Эркенлъи» радиоялъе бищунго гIемерал гIарзаби гьаб моцIалъ рукIанин исана, амма рикъун арал киналго гIадамал чIаго-гIатIго ратанин гьоркьоб заман ун хадуб.

Тарасова Фатима: «Нилъеда киназдаго лъалаха рикъун арал гIадамал гIемерисел араб бакI лъачIого тIагIунеллъи, амма рохизе ккараб хIужа буго гьаб моцIалда рикъун арал гIемерисел рати, рухун, кьабун, сакъатлъун ратаниги, гьел ратана, гьеб кIудияб талихI бугин абула дица.

ЛъагIел байбихьаралдаса нахъе гIадамал рикъиялъул бищунго гIемерал хIужаби рукIана гьаб моцIалъ, амма гьел киналго ратана.

ЦохIо Дагъистаналдаса гурелги жидерго гIагарал рикъиялъул гIарзагун. «Правозащита» централде рачIунел руго Россиялъул цогидал регионаздаса гIадамалги. Гьедин дагьай цеегIан жиндирго рос тIагIун вукIиналъул гIарзагун ячIун йиго Татарстаналдаса чIужугIаданги. Амма гьеб гIарзагун Дагъистаналда бугеб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялде унилан гIемераб кIалгьикъиги щун буго гьей гIаданалъе."
XS
SM
MD
LG