МагъчIваялъе рес

Мажгиталдаса полициялде: ругьунаб маршрут


27 августалъул къаси Буйнакскалъул мажгиталъуса багьанацин загьир гьабичIого 25 гIан чи щвезавун вуго полициялде. Гьезухъа биоматериалги росун, чанго сагIтидаса гьел нахъе риччанин, лъазабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез. Ахирисез гIарз гьабулеб буго жидеца Цолъарал миллатазул гIуцIиялдецин хитIаб гьабизе кканин.

АрбагI къоялъул сардилъ боголил какдаса хадур Буйнакскалъул мажгит къуваталъул идарабазул батIи-батIиял тайпабазул хIалтIухъабаз сверун ккун букIун буго. БакIалъул гIадамазул рагIабазда рекъон цIакъ гIемераб рагъулаб техникаги, хасаб рагъулаб ретIел ретIарал чагIиги рукIун руго гьеб мажгит сверун ккуразда гьоркьоб. Жидеда цин гьениб хасаб операция байбихьизехъин бугин кканилан бицана гьез. НизамцIунулел мажгиталъуре жаниреги лъугьун гьенир ратарал чагIи хъачIаб къагIидаялъ ккун рачун ун руго. Цо-цоял чанго сагIаталдасан риччанин, цойгидал радаллъагIан полициялда чIезарунин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул инсанасул ихтиярал цIунулеб «Правозащита» идараялъул Буйнакскалда йигей вакил Бурлият.

Бурлият: «Гьел нолъ ккун рукIарал чагIазул цо-цоял килщазул лъалкIалги рахъун чанго сагIталдасан риччан руго полициялъулаз. Цере-цереги ккун рукIарал, полициялда гьел биоматериалал ругел цIакъго хехго риччан руго. Цо-цоял радал лъагIан гьенир чIезарун рукIун руго. ХъачIго кIалъай гурони, жал рухулел яги инжит гьарулел рукIинчIин бицана гьез дида. Щиб гьабизейин жал ккурал, щибизейин гьеб биоматерил кьезабулебин, къануналда рекъон жидиее бокьичIони гьеб кьезе кколарин, гьеб инсанасул ихтиярал хвезаби бугин абун гьел гIолохъаби гаргадараб мехалда, къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби хъетIон руго гьезде. Нужеда щибго гьикъизе гьечIила, жидеца малъарабги гьабун рукIинчIони нужее квеш букIине бугин абун буго гьез. Ккуразда гьоркьор батIи-батIиял ригьалъул гIадамалги рукIана. Гьедин мажгиталъуса, рокъоса ккун гIадамал нижер гьанир гIемер уна, цониги нухалъ низамцIунулез гьел щиб гьабизе кколел чагIийилаги бичIчIизабуларо. Гьеб нижеда бичIчIизабизе тIадаблъун бихьуларо гьезда».

Буйнакскалда гурониги тIолабго Дагъистаналда хасго МахIачхъалаялда гьедин щиб-кинилан абун баянги кьечIого мажгиталъуса гIадамал кквей гьеб гIадалъун билълъараб жо бугин лъазабулеб буго Дагъистаналъул инсанасул ихтиярал цIунулез. Масала исана июль моцIалда жаниб МахIачхъалаялъул Котровасул ва Венгерских бойцов къватIазда ругел мажгитазухъа ккун рачун ун руго 20 цIикIкIун чи. Гьел кинал щал-кинали чIезеги гьарун, гьезухъа ДНК материалги босун, хIинкъалабиги кьун риччан толел ругин низамцIунулезилан абурал баянал кьолел руго Дагъистаналъул «Правозащита» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъ. Гьелъул нухмалъулей Рустамова Гульнарал рагIабазда рекъон низамцIунулез гьарулел гьел къануналде данде кколарел ишазда тIасан гIарз жиндица Россиялъул президентасдаса бахъараб Цолъараб миллатазул гIуцIиялде щвезегIан хъванила, амма гьел кагътазул щибго пайда ккечIин лъазабулеб буго гьелъ.

Гьедин щибниги бичIчIизабичIого, жаниреги лъугьун мажгиталъусаги гьелда сверухълъиялда ругелцин гIадамал кквеялъе гIилла щибин, 27 августалда Буйнаскалда гIадамал щайин ккун рукIаралилан цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ ахIана Дагъистаналъул жанисел ишазул пресс-хъулухъалде. Гьеб пресс-хъулухъалъул нухмалъулей ГIубайдатова Фатинаца абуна кидаго гурила полициялъул хIалтIухъабаз гьединал хасал тадбирал тIоритIулел. ГIемерисеб нухалда хасал тадбирал тIоритIулила Федералияб хIинкъигьечIолъи букIинабулеб хъулухъалъул хIалтIухъабаз. Гьезул хIалтIул рахъалдасан жиндица щибго абун бажаруларила, амма гIадада гьабизе жо тIагIиналъ гьел чагIи кквезе къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби унареблъи хIакъаб жо бугила. ГIемерисеб нухалда цониги къануналде данде кколареб иш гьабиялда щаклъи бугев чи вугони, гьевги гьесул сверухълъиги бачунила низамцIунулез цIех-рех гьабизеги, биоматериал босизегийилан абуна гьелъ.

Адвокат ва инсанасул ихтиярал цIунулей Елена Денисенкоца «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна гIадамазе бокьичIого гьел биоматерила кьезе тIами гьеб бугила къанун ва инсанасул ихтиярал хвезабийилан. Дагъистаналда гьеб иш дагьлъизабизе рес бугила, гьел ккурал гIадамаз гIарзал хъвалел ругони, амма хIинкъун полициялъул ишал къануналде дандекколарел ругин абизе кIоларила нилъер гIадамаздайилан.

Елена Денисенко: «Кквезеги ккун гIадамазда ДНКаялъе материал кьезаби гьеб къануналде данде кколареб иш буго. Гьединал тадбирал тIоритIизе къуваталъул идарабазул ихтияр гьечIо. ГьанжелъагIан гIадамазухъа ДНКялъе хIацIцIуги, килщазул сураталги росулел рукIарал ратании, гьанже гьел видео камераялда цере гаргазе тIамулел руго. Гьеб гьабулеб буго чиясул гьаракь хъвазе, гьел гьаркьалги данде гьарулел руго гьанже низамцIунулез. НизамцIунулел гьедин жидее бокьахъин рукIунароан, гьез къанун хвезабураб мехалда гIадамал гьезде данде рахъунел рукIаралани. Масала, гъоркьиса МахIачхъалаялъул Котровасул къотIноб бугем мажгиталъусан гIадамал рачун унеб мехалда гьеб телефоналде бахъун букIана цо васас, гьеб бахъунин абун полициялъулаз кодоса телефонги босун вухунги вукIана гьев. Гьесул кигIан рокьаниги нугIзалги, далилалги рукIана, амма гьес полициялъулазде данде щибго гьабичIо. ГIарза хъваниги нилъер чагIи ахиралде щвезегIан къеркьоларо».

Гьединго Денисенкоца бицана гIадамазе бокьичIого биоматерил кьезабурал полициялъулаз жидерго хъулухъалдаса цIикIкIун пайда босулеб бугин абун гьезда тIасан гIарза хъвани. Диваналъ гьелъул халги гьабун, къанун хвезабун букIин чIезабуни гьев низамцIунулев 4 соналъниги туснахъ гьавизе бегьулилан.

XS
SM
MD
LG