МагъчIваялъе рес

Сардилъ бахъараб кьвагьи


Генуб росу
Генуб росу

16-абилеб марталъул къасде сагIат 10 тIубалеб заманаялда Буйнакск шагьаралдаса Генуре рачIунаго, Ишкартали росулъехун сверулеб бакIалда кьвагьун буго Генуса ХIажигIабдулаев Базарганил живго бетIергьанаб Мерседес джип.

Цадахъ рукIун руго 22 сон барав гьесул вац Дагъистаналъул халкъияб магIишаталъул институталъул 3 курсалъул студент Шамилги, гьезулго гIагарав чи Рихьуни ГЭСалъул хIалтIухъан 27 сон барав ГIабдулаев Рамазанги.
Гьел лъабалго машина кьвагьараб бакIалдаго хун руго.

БатIи-батIиял руго гьеб хIужаялда хурхун информалатазул баяналги, масала «Интерфакс-Юг» сайталда абулеб буго машина кьвагьиялъе гIиллалъун ккараб алат, гьез машинаялда жанибги лъун росулъе босун унеб букIун бугилан.

«РИА Дагестан» сайталда хъвалеб буго машинаялда рекIинабун букIун бугин гьеб кьвагьизабураб алатилан. Буйнакск мухъалъул цIех-рехалъулазги, полициялъулазги абулеб буго экспертиза лъугIичIого машина кьвагьиялда хурхун мухIканаб баян кьезе кIоларилан.

ХIажигIабдулаев Базарганил букIана гIумроялъул 33 сон, гьев вукIана минаби раялъул тIадегIанаб лъай бугев чи. Гьесул бажариялдалъун ЦIияб Генуб росулъ бан буго щуго щуготIалаялъул мина.
Хъизан кватIун гурони ячун гьечIо Базарганица. Гьесулги гьитIинав вац Шамилилги нахъе хутIичIо цониги лъимер. Гьезда цадахъ хварав ГIабдулаев Рамазанил нахъе руго хъизанги цо васги цо ясги.

16 марталда Буйнакск мухъалъул Эрпели, Ишкартали, Хъарани росабазул сверухълъиялда рохьазда россиялъул аскарияз тIоритIулел рукIун руго хасал рагъулал тадбирал.
Аскарияз киналго нухлулазул машинабахъ чIухьги балеб букIун буго. Гьедин букIинги лъалаго, Базарганица жиндирго машинаялда жаниб кьвагьулеб алат босизе рес гьечIилан абулеб буго гендерил гIадамаз. Живго Базарган щибго хIажат гьечIеб ишалдехун хурхен гьечIев, тIекъаб пишаялда тIадги рекъоларев, рохьилаздехун махIлъиги гьечIев чи вукIанилан бицунеб буго гьев лъалел рукIарал гьесул росуцояз.
XS
SM
MD
LG