МагъчIваялъе рес

Анкьго миллиард камураб бюджет


2013 соналде Дагъистаналъул бюджет къабул гьабуна арбагI къоялъ республикаялъул Халкъияб Мажлисалъ тIобитIараб иргадулаб сессиялда. Гьелъул къадар букIине буго 70 млрд. гъурущ. Гьелъул аслияб бутIа - 50 млрд гъурущ ккола федералияб бюджеталдаса гьединго трансфераталъул кумекалдалъун бачIараб гIарац, хутIараб кколин магъалабаниги цогидабги бакIалдаса бачIарабниги гIарацилан бицана гьеб данделъиялда финансазул рахъалъ министерлъиялъул нухмалъулев ХIамидов ГIабдусамадица.

БачIунеб соналде боджеталдаса харж гьабизе бугеб гIарцул къадар букIине рагIула 78 млрд. гъурущ, гьедин бюджеталъул дефицит 7 миллиард гъурущ кезехъан бугилан хъвалеб буго гьеб баяналда.

Бюджеталдаса харж гьабулеб гIарцул аслияб бутIа хурхараб букIине буго социалиял масъалабазда. Гьел ккола моцIрол харжал, лъималазул пособие, цIалулел студентазе кьолеб стипендия ва гьеб гуреб цогидабги.

Бюджеталъул дефициталъе ругел аслиял гIиллабазда тIасан цIех-рех гьабидал финансазул министерлъиялъул бюджет бикьа-къотIулеб идараялъул нухмалъулев МухIамадов Исламица бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистан дотациялъулаб республика букIин гуребги, кьолел магъалабзул къадаралда хадуб халкквеялъул хIалтIи тIаса-масаго тун букIиналъги бугин гьеб гьедин.

Араб соналде дандеккун Дагъистаналъул бюджет лъикIаланго къадаралъ цIикIкIун букIаниги дотациялъулаб гIурхъи додинабго бугилан абуна нижер программаялъе экономист ТIайгиб Мусаевасги.

Мусаев ТIайгиб: «Халкъияб мажлисалъул нухмалъулев вугоан ахирал соназде дандеккун бищунго кIудияб бюджет кколин гьабилан. Амма хIисабалде босулеб гьечIо инфляциялъ 8-10 процент кваналеб букIин гьелъул. 70 миллиард гъурущ батани бюджталъул гьелъул 8 миллиардниги инфляциялъ кванала. Магъалабиги ракIарулел ругони кумек гьабизе кIола гIадамазе, амма бюджет къабул гьабураб гIоларелъул, гьеб хIалтIизабизеги кколелъул».

ТIайгиб Мусаевас хадубги абуна Россиялъул цогидал регионазде дандеккун балагьани социалиял масъалаби тIураялъе тIубараб куцалда гIолеб гьечIин Дагъистаналъ къабул гьабураб бюджет. Кинабго гIарац букIине кколеб къагIидаялъ щолеб букIарабани халкъалъул рукI-рахъинги гIизагIан бигьалъилаанин, амма гьелда жаниб цебетIейго гьечIилан.

Мусаев ТIайгиб: «Цогидал хIукуматазда дандеккун Россиялда бюджеталдасан социалиял масъалаби тIураялъе гьабулеб хIалтIи цIакъго хираго чIолеб буго гьелъие. Нилъер экономикаялъе гIадатияб жолъун ккола гьеб».
Бугониги ТIайгиб Мусаевас рикIкIунеб буго гьал къоязда Халкъияб Мажлисалъ къабул гьабураб республикялъул бюджеталъул дефицит гьедигIанго кIудияб гьечIилан, социялиял хIалтIухъабазул мурадал тIуразе гьеб гIарац гIезе кколилан рикIкIунеб буго гьес.

Мусаев ТIайгиб: «Бюджеталдасан гIарац бачIунел гIемерисел хIалтIухъаби руго сахлъи цIуниялъул гьединго лъай кьеялъул идарабазда. Гьанже къабул гьабураб боджет буго гьезул харж гьоркьохъеб куцалъ 15 азарго гъурщиде швезегIан цIикIкIинабизе кIолеб даражаялда хIадур гьабураб. Щвезе ккола гьезие гьединаб харж».

Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталда хIалтIулев экономикиял гIелмабазул кандидат МухIамадов МухIамадзагьидица абуна «Эркенлъи» радиоялъе республикаялъул бюджеталдаса гIарац кинаб куцалда харж гьабулеб бугебали гьелда хадуб халкколеб гьечIилан. Федералияб дотациялда рараллъун рукIинчIого рукIине республикаялъул экономикаялде тIадеги цIиIкIун гIарац бачIунеб рес хIалтIизабулеб букIарабани дефициталъул къадарги дагьлъизе букIанилан.

МухIамадов МухIамадзагьид: «Бюджеталъул гIарац кинаб къагIидаялъ харж гьабулеб бугебали чIванкъотIун абизе дида кIоларо. МагIишаталъул кинаб бугониги бутIаялде гьеб лъолеб бугони, узухъда гьеб букIине ккела хайир кьолеб, мунпагIатаб къайи-цIа къаватIибе биччалеб идара, гьединаб бакIалдасан тIаде щолеб хайирги цIикIкIун букIина. Гурого я халкъалъе, я экономикаялъе пайда кколареб куцалъ кибе унебали лъаларого харж гьабулеб бугони гIарац, гьеб бугоха бищунго унтараб суал».

ТIасияб соналъе бюджет къабул гьабулаго гьелъул рахъ ккуна Дагъистаналъул 80 депутатас, халкъалъул вакилзабазул гIицIго цо чияс гурони инкар гьабичIо гьелдаса.
XS
SM
MD
LG