МагъчIваялъе рес

Интернет-годекIан


Russia -- Blogs review
Russia -- Blogs review

Гьаб анкьалъ блогосфераялда гIемер бицунеб букIана республикаялда унел политикиял хиса-басиязул хIакъалъулъ. Аслияб къагIидаялъ гьоркьор лъолел рукIана батIи-батIиял гIайибалги гIунтIизарун полициялъ ккурал, цоги къануналда данде кколарел тIатинарурал хIужабазул хIакъалъулъ.

Блогер, Фейсбукалда бугеб «Дагъистан» абураб группа бачунев Шахтаманов Мурадица бицунеб буго бищунго блогеразул рахIат хвезабулел суалазул хIакъалъулъ.

Шахтаманов Мурад: «Киналго блогераз кIвар кьолеб пикру буго, Рамазан ГIабдулатIиповас байбихьараб республика бацIцIад гьабиялъул хIалтIи цохIо Саид Амиров жанив тIамиялдалъун лъугIизе тезе бегьуларо абураб. Киналго тIалъиялда ругел ва тIалъи сверухъ ругел цIогьалги ришватчагIиги нахъе гъезе кколилан рикIкIунеб буго блогераз, гIуцIулеб буго вертолеталъ росун ине ккаразул сияхI. Президентасда данде ругезги, гьесул рахъ кколезги гьеб суалалда тIадчIей гьабулеб буго. Мисалалъе, данде ругез абулеб буго гьес жиндие данде кколарел чагIи гурони, цоги чанго туснахъалъул лъезе мустахIикъал чагIи тун ругин. Амма лъица щиб бицаниги, Р. ГIабдулатIиповасул галабазухъ балагьарабго бихьулеб буго тIалъи бацIцIад гьабиялъул хIалтIи хадубккунги гьабизе букIин. Чанго мухъалъул нухмалъулев ва парламенталъул депутат туснахъалъур тIамиялъ гьелъие нугIлъи гьабулеб буго».

Бицунеб букIана «Цолъараб Россия» партиялъул депутат Хунзахъа МухIамадов МухIамад парламенталъул сессиялда кквеялъул хIакъалъулъ. Блогеразул гIемерисез рикIкIунеб буго гьев кквеялъе кьучIал гIиллаби ругилан. «Щай гьев гьанжелъагIанги тарав, церего рукIана гьев кквезе гIурал гIиллаби», абун хъвалеб буго Фейсбукалда АхIмад Булат абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас. Гьесда тIад рекъолев вуго Мурад Мухтаров. Гьес хъвалеб буго гьесда цадахъ жеги чанго чи кквезе кколев вукIанин. Цо-цояз кIвар кьолеб буго ккурав депутат дагьалъ цеве Россиялъул Олимпиялъул комитеталдаса нахъе гьавурав биснесмен АхIмад Билаловасул вацгIал вукIиналде. «Кинабго Москваялда релълъун гьабулеб буго ахираб заманалда. Дова модаялдаса АхIмад ана, гьаниб гьесул вацгIаласде гьужум гьабулеб буго», - ян хъвалеб буго ХIажи Мурзаевас.

Блогераз гьединго кIвар кьолеб тема буго Дербенталъул къватIалда ХIайдар ГIалиевасул цIар кьеялда хурхун ва Азербайджаналъе 2000 гектар ракьул кьеялда сверухъ бахъараб ахIи-хIур. Сабина Мевлютова абурай блогералъ хъвалеб буго Дербент цадахъго Азербайджаналъухъе кьезе бегьулин гьанже. «КъватIазда цIаралги доз толел ругони, ракьалги дагь-дагьккун росулел ругони, нилъ Азербайджаналъе кьураб хIисаб бугогури», - абун хъвалеб буго гьелъ.

Гьединго блогераз бицунеб букIана хамиз къоялъ тIобитIараб парламенталъул сессиялъул хакъалъулъ. Бищунго цIикIкIун бицунеб букIана 17 капекалъ лъималазул пособие цIикIинабизе гьабураб хIукмуялъул хIакъалъулъ. ГIемерисел релъулел руго гьеб хIукмуялда тIад. «ЦIакъ сахаватал чагIи ракIарун руго нилъер парламенталда. РакIалдаго гьечIоно тIамун бачIараб гIарцуда щиб гьанже гьабилеб?», - абун хъвалеб буго Зарема ГIабдурахIимова абурай блогералъ.

Гьединал рукIана Дагъистаналъул блогосфераялда гьаб анкьалъ гьоркьор лъурал аслиял суалал.

XS
SM
MD
LG