МагъчIваялъе рес

Блогеразул даптар. 11 - 17 феврал.


Гьаб анкьалъ Дагъистаналъул интернет-годекIаналда цересел анкьаз гIадин бищунго цIикIкIун гьоркьор лъолел рукIана республикаялъул тIалъиялда унел хъулухъалъулал хиса-басиял. Цо-цояз бицунеб букIана киналгIаги хиса-басиял гьечIин, долго чагIи хъулухъалда тун ругин, цогидаз бицунеб буго гьел заманаялъ хъулухъалда тарал чагIи ругин ва чанго моцIидасан хIалтIи гьабун бажарарал чагIи хутIун, цогидал хъулухъалдаса нахъе гьаризе ругин.

«Фейсбукалда» гьоркьор лъуна араб анкьалъ цIи хъулухъалда тIамурал чагIи. Вице-премьерлъун тIамурав ФСБялъул генараласул хIакъалъулъ хъвалеб буго Зарема Баматали абураб цIаралда гъоркь хъвадарулей блогералъ. «Дида ккола гьес хал гьабизе бугин къуваталъул идарабазул хIалтIул ва гьениб бугеб ришватчилъиялъул. Гьеб рахъ бищунго цIикIкIун хиса-басиял гьаризе кколеблъун бихьулеб буго», - ян хъвалеб буго блогералъ.

ГIемер бицунеб буго щай хисичIевин лъайкьеялъул, финансазул ва культураялъул министрал. ТIоцевесе хисизе чи ватичIин, кIиабилев лъикIав гIаданлъи бугев чи вугин бицана Р. ГIабдулатIиповас. «Дагъистаналъул журналистал» абураб группаялда Abu Saidица хъвалеб буго гIемер цого хъулухъалда рукIарал чагIи хисизе ругилан жинцаго гьарурал лъазабиял тIуралел гьечIин президентас. Гьесие жавабалъе Василав Василов абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас бицунеб буго кватIичIого гьел киналго ине ругин хъулухъалдаса.

«ЦIияв президентасул гьечIо гьездаса нечезе бакI, хIалтIи цебетIолеб гьечIони хъулухъалдаса нахъе гьаризе руго гьел», - абун ракI чIун буго цоги блогерасул.

Ахираб заманалда Дагъистаналда унел политикиял процессазул хIакъалъулъ блогосфераялда гIемер жиндирго пикраби загьир гьарулев Москваялдаса тохтур ГIабдурашид Саидовас «Эркенлъи» радиоялъе загьир гьабуна гьеб темаялда тIаса жиндирго пикру.

ГIабдурашид Саидов: «ЦIиябин абулеб ХIукуматалда хутIана къогогIаги соналъ цо хъулухъалда хутIарав финансазул министр ХIамид ХIамидов. Гьев чи хисиялда хьул букIана гIадамазул. ГIамал берцинав чи вугилан тана гьев. ГIамал къваригIун гьечIо гIадамазе, хIалтIи къваригIун буго. Культураялъул министр куц берцинай йигила. Куцги хIажат гьечIо, хIалтIи гьабулеб бугони. Культураялъе критика гьабуна, амма культураялъул министр хисичIо. Берцинай йигилан гьейги тана хъулухъалда. Берцинал чагIи цIакъ гIемер руго Дагъистаналда, ращдаздаса цIикIарал гIадамал берцинал руго, гьел киналго тезе бегьулищ хIалтIи гьабизе лъалеб гьечIони.

МухIу ГIалиев президент вугеб заманалда Сорбоннаялда цIализе ритIун рукIана гIолилал Дагъистаналдаса. Кир гьел ругел, щай рачуларел хIалтIизе Дагъистаналде? Вахьнабийищ гьенире ритIарал? Ратани раче, ратичIони тамихIалде цIай гьел ритIарал чагIи. Дагъистан кидаго бечедаб букIана гIакъилал, лъай бугел гIадамаллъун, кидаго букIана Россиялъул канаб бокIонлъун. Лениницаги гьедин хъвана жиндир хIалтIулъ. Жакъа гьедигIан гIантал чагIийищ Дагъистаналда ругел, къого министерлъиялда тезе къого цIодорав чигойищ ватулев гьечIев?».

Къурбан Мурадов абураб блогерас Livejournal.com сайталда хъвалеб буго цониги гIолохъанав чи хIалтIуде восун гьечIин, хIатта тIоцебе гьедин лъазабуниги абун. «Цебе бицана гIолилал хIалтIизе кколин, хадуб бицана гIолилазда гьоркьор лъай бугел ратулел гьечIин, цинги бицана хералги хашго хIалтIулел гьечIин. ТIалъи гIуцIулеб буго долго дол цере рукIарал цIогьаздасан ва ришватчагIаздасан», - абун хъвалеб буго гьес. Адвокат Расул Къадиевас жиндирго блогалда бицунеб буго кинал тIалабазда рекъон, сундухъ балагьун хIалтIуде росулел жеги жинда бичIчIичIин, хъулухъалда росаразухъ балагьун.

Цойги блогераз гьоркьоб лъураб тема ккана Дербент мухъалъул Белиджи росулъ кIиго гьитIинаб лъимер чIвай. Такъсир рагьиялъе мухIканал далилал ругониги, цо-цо блогерал щаклъулел руго ккурав гIолохъанчи гIайибияв вукIиналда. Наима Исаева абурай блогералъ хъвалеб буго, кIудияб ахIи-хIур бахъинабураб такъсир хехго рагьиялъе гIоло бокьарав чиясда тIад къазе бегьулин гьеб. «Ккурав гIолиласул гьурмада вуххиялъул лъалкIал руго, дун щаклъула гьев вас гIайибияв ватиялда», - абун хъвалеб буго блогералъ. «Гьесул гIайибалда щаклъизе бакI гьечIо, батун буго гьесухъ букIараб нус, гьес рикъарал меседил алатал, живгоги мукIурлъулев вуго камераялда цеве», абун хъвалеб буго МухIамад КIуяда абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас.
XS
SM
MD
LG