МагъчIваялъе рес

Блогеразул даптар


Дагъистаналъул интернет-годекIаналда гьаб анкьалъ бищунго машгьураб тема букIана нахъойги МахIачхъалаялъул мэр Саид Амиров туснахъалъув тIамиялда ва гьесул бакIалда вачIарав МуртазагIали Рабадановасул хIалтIуда хурхараб. Блогераз кIвар кьолеб буго щив кколев М. Рабаданов абураб суалалде. Цеве вукIарав мэрасда сверухъ М. Рабадановасул гIагарал чагIи ратIулел руго.

Мисалалъе, Саид Амировасул гIагарлъиялъ тахшагьаралда гьабулеб бизнесалда бухьараб жиндирго бизнес буго Рабаданов МуртазагIалил вацгIал Рабаданов Рабаданил. Блогер МухIамадова Хадижатица «Livejournal.com» сайталда жиндирго блогалда хъвалеб буго гьадин: «Бихьулеб буго Рамазан ГIабдулатIиповас жиндиего данде кколев ва гъоркь рукIараз дагIба баларев чи хъулухъалда лъун вукIин. Гьев тIамулаго тIоцебесеб иргаялда гьесул шагьаралъе нухмалъи гьабизе бугеб гьунаралъухъ балагьичIого, политикияб рахъалде цIикIкIун кIвар кьун буго президентас», - абун хъвалеб буго блогералъ.

Камулел гьечIо цIияв шагьаралъул нухмалъулесда хIалтIи гьабун бажаризе гьечIилан рикIкIунелги. «ГIемерисел къуват бугел политиказул буго тахшагьаралда бизнес. ГIадлу гьабизе ккани гьезухъа гьеб бахъизе ккола. Бахъизе ккани къваригIуна цеве вукIарав гIадав мэр. Дида М. Рабадановас хисизабизе кIолеб жо щибниги бихьулеб гьечIо», - абун хъвалеб буго Фейсбукалда Амина Амировалъ.

«Кин бахъилеб вацгIаласухъа бизнес?»-абун жаваб кьолеб буго гьелъие цоги блогерас. ГIемерисел блогеразул пикруялда рекъон, цIияв шагьаралъул нухмалъулес гIемер жо хисизе гьечIо, амма гьев вукIине вуго киналго политикиял къуватаздаса бащдаб къадаралъ рикIкIадав, гьебго заманалда цохIо президентасе мутIигIав нухмалъулев. Цойги гьесул тIокIлъилъун бихьулеб буго блогеразда гьев жиндирго тушбаби гьечIев, дандечIей гьабулев чи дагьав чи вукIин.

Цойги блогосфераялда гIемер гьоркьоб лъураб тема ккана Дербент шагьаралъул къватIалда Азербайджаналъул цеве вукIарав президент ХIайдар ГIалиевасул цIар теялда хурхун бахъараб ахIи-хIур. Лъалеб букIахъе, гьелда дандечIей гьабулеб буго аслияб къагIидаялъ лезгиязул культурияб автономиялъ, «Садвал» абураб лезгиязул миллияб рагъа-рашариялъ ва цоги жамгIиял гIуцIабаз. Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун «Эркенлъи» радиоялъе жиндирго пикру загьир гьабуна «МугIрузул халкъазул конфедерация» абураб халкъазда гьоркьосеб жамгIияб гIуцIиялъул вакил МухIамадов МухIамадица.

МухIамадов МухIамад: «Дир хIисабалда гьеб жо ккола Азербайджаналъ нилъер республикаялда гьабулеб асар цIикIкIин. Нилъеда гьабсагIаталда рагIулеб жо буго улкаялъул президент Дмитрий Медведевас гьабулеб букIараб къватIисеб политикаялъул дандерижи. Нартил ва газалъул политикаялъе гIоло Дагъистаналъул президент МухIамадсалам МухIамадовасги рагIи абичIого кьуна Азербайджаналъе Самур гIурул лъим. ГIорхъи цебеккун кидаго букIана гIурул доб рахъалдаса. Дагьалъ цере жеги кьуна Азербайджаналъе 2000 гектар мучIдузул. ГьабсагIаталда президент Р. ГIабдулатIиповасе ирсалъ щун буго гьеб политика ва гьелда хурхарал проблемаби.

Щай Дербент шагьаралъул къватIалда ХIайдар ГIалиевасул цIар лъолеб абун цIехани, дида рагIана «Садвал» абураб лезгиязул миллияб багъа-башариялъул вакилзабаздаса, Имам Яралиевасе Бакуялда кIудияб ракьул бутIа кьун бугин гьелъухъ. Жинцаго гьес абулеб бугила, гьеб иш Р. ГIабдулатIиповас рахъги ккун гьабулеб бугин. Дида гьеб жо гьереси бугин ккола, щайгурелъул президентас гьединаб политика рагьун гьабула. Дербенталъул мэр вичун восун вуго, жиндаго цадахъ жиндир миллаталъул интересалги ричулел руго гьес. Гьадинго гьеб политика гьабиялъе гIилла дида бихьулеб гьечIо. ХIайдар ГIалиевас Дагъистаналъе ва хасго Дербенталъе пайдаялъе гьабураб хIалтIиги лъаларо. Гьеб жо буго Дагъистаналде Азербайджаналъул экспансия».

Блогер Расул АхIдуевас хъвалеб буго, Имам Яралиевас нагагьлъун МахIачхъалаялъул мэрасда хадувго гIадин жинда хадур чагIи рачIани Азербайджаналде лъутизе гъоркьбакI къачIалеб бугилан.
Дагъистаналъул блогераз кIвар кьолеб цоги тема буго Шамалда унеб рагъ. ГIемерисел рахъ кколеб буго официалияб тIалъиялда данде рагъулел къуватазул.

Аль Къадисия абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас Фейсбукалда гьадин хъвалеб буго: «Россиялъ бусурбабазул биялда тIад гIарац гьабулеб буго, ай ярагъ бичулеб буго Башар Асадил аскаралъе. Киналго Россиялда ругел бусурбабаз гьеб цо кIалалъ гьеб хIужаялъе къимат кьезе ккола, щайгурелъул нилъер улкаялъул кумекалдалъун гъурулел руго нилъер вацал-суннитал». Камулел гьечIо Шамалъул официалиял нухмалъулезул рахъ ккун хъвадарулелги. Гьедин хъвалеб буго Фейсбукалда аслияб къагIидаялъ къуваталъул идарабазул вакилзаби ругеб «Кавказпресс» абураб группаялда.

Цойги тема букIана Красодар шагьаралда тIобитIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул чемпионаталда хурхун. Блогосфераялда киназго баркулеб буго ункъо меседил медаль босарал Дагъистаналъул гугарухъабазда.
XS
SM
MD
LG