МагъчIваялъе рес

«Экспресс» банкалъул клиентазул цоязде щаклъи буго


"Экспресс" банк банкротлъиялде кколеб мехалда гьелъул клиентаз цебесеб соналъул февралалда жидерго гIарац нахъе тIалаб гьабун тIобитIун букIана митинг.
"Экспресс" банк банкротлъиялде кколеб мехалда гьелъул клиентаз цебесеб соналъул февралалда жидерго гIарац нахъе тIалаб гьабун тIобитIун букIана митинг.

Араб соналъго банкроталде ккараб дагъистаналъул "Экспресс" банкалъул цо-цо клиентазда кIолеб гьечIо жидерго гIарац тIадбуссинабизе. Щай гьединаб проблема бижараб ва кинаб бугеб гIаммаб къагIидаялда гьеб проблемаялда сверун ахIвал-хIал?

«Экспресс» банкалъул клиентазул цо-цоязда кIолеб гьечIо гьеб банкротлъун лъазабун лъагIалиде гIагарун заман аниги гьенисан жидерго гIарац щвезе. Аслияб къагIидаялъ гьел руго гIадатиял гIадамал. Гьединаб баян кьуна «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялдаса адвокат Къадиев Расулица.

Лъалеб букIахъе, банк «Экспрессалда» сверухъ ахIи-хIур байбихьана 2012 соналъул ахиралда. Ноябрь моцIалъ рукIана харбал, банкалъе ахир лъолеб бугин абун, гьединлъидал гIемерал гIадамаз бахъизеги бахъана банкалда цIунараб жидерго гIарац. Хадубккун банкалъ лъазабуна гьеб гьереси бугин ва банк букIараб хIалалъ хIалтIизе бугин, гьересиял харбал риччарал чагIиги тамихIалде цIазе ругилан. Жидер банкалъул коммерческияб къадру гIодобегIан гьабун бугилан диваналде гIарзацин кьун букIана. Амма дагьабго заманаялдаса, ай 2013 соналъул январалда Россиялъул Централияб банкалъ лъазабуна «Экспресс» банк лицензиялдаса махIрум гьабулеб бугин. Гьелъие гIилла бугин федералиял къануназда рекъон хIалтIунгутIи ва Централияб банкалъул тIалабал тIурангутIиян лъазабулеб букIана Центробанкалъул официалияб лъазабиялда.

Къануналда рекъон, банкалда гIарац цIунулел рукIаралщинал, намус бацIцIадал клиентазе кинабго гIарац бецIизе ккола хасаб федералияб страховияб идараялъ. ГIемерисел гIадамазе гьеб гIарац бецIана рехсараб идараялъ Сбербанкалдасан. Амма ахирисел баяназда рекъон, Федералияб хIинкъи гьечIолъиялъул идараялъул цIех-рехчагIазул тIалабалдалъун, МахIачхъалаялъул Советский диваналъ туснахъ гьарун руго 2012 соналъул 8 ноябралдаса 2013 соналъул 12 январалде щвезегIан рагьарал счетал. Ай, гьел кколел руго банкалда сверухъ ахIи-хIур бахъаралдаса хадур рагьарал счетал.

ЦIех-рехчагIазул пикруялда рекъон, банкалда сверухъ ахIи-хIур бахъаралдаса гьенибе гIарацгун ун руго цебеккун банкроталдаса жидеего хайир бугел чагIи. Гьединлъидал, диваналда хал-шал гьабун гурони кьолеб гьечIо гIарац. ГIарац босизе кIолеб гьечIо 11 азарго чиясдаян бицана «Эркенлъи» радиоялъе адвокат Къадиев Расулица.

Къадиев Расул: «МахIачхъалаялъул Советский диваналъ туснахъ гьарун руго гьел гIадамазул счетал араб соналъул апрелалдаго. Гьедаса нахъе унел руго диваналда халгьабиялъул хIалтIаби. Дун гьезул цо-цоязул адвокат вуго, бихьулеб буго хIалтIи цIакъ хIинцго унеб букIи. РакIбацIадго жидер гIарац цIуниялъул мурадалда гьеб банкалде арал клиентазе гIарац кьезеги гIемер заман балеб буго.

ЦIех-рехалъул идараби щаклъизе бакIги буго гьениб, щайгурелъул, цоял гIадамаз жидер бугеб гIарацги гьениса нахъе босулеб мехалда, гьаз ун гьениб гIарац лъеялда щаклъизе бачIуна. Дица жидер ихтиярал цIунулел клиентал гIемерисел руго гIадатиял гIадамал».

ГIадамазул банкалда лъураб гIарац бецIулеб страховияб агентствоялъ лъазабулеб буго «Экспресс» банкалъ банкротлъун гьеб лъазабун хадубги жинда тIадаб хIалтIи гьабун гьечIин. Мисалалъе, банкалъул хважаинзабаз ва цере рукIарал нухмалъулез цIиял, заманаялъулал нухмалъулезухъе киналго ихтиярал кьолел рукIун гьечIо ва банкроталъул процесс рагIалде бахъинабиялъе къваригIараб кинабго информация рагьулеб букIун гьечIо. Къануналда рекъон гьеб тIадаб буго банкалда.

Гьеб хIужа ккола тIадехун рехсарал счетал диваналъ туснахъ гьариялъе ругел гIиллабазул цояб абун лъазабулеб буго Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул официалияб сайталда. Гьединго лъазабулеб буго ЦIех-рехалъул комитеталъ, банкалъул нухмалъулезда ва хважаинзабазда щаклъи бугин банкрот букIине бугин якъинлъарабго гIарацго гьечIого жидецаго банкалда счетал рагьиялда.

Къануналда рекъон, 700 азаргоялде щвезегIан гIарац батани счеталда, гьеб бецIизе ккола страховияб агентствоялъ. Гьеб агентсвоялъул нухмалъулев Юрий Исаевас информалатазе лъазабухъе, лицензиялдаса махIрум гьарурал Дагъистаналдаса Трансэнергобанкалда ва Экспрессбанкалда рагьун буго 12 млрд гъуршиде фиктивиял, ай мекъал счетал. Гьесул рагIабазда рекъон, «Экспресс» банк банкроталде унеб бугилан харбал раккарабго гьенибе гIарацгун рачIунел чагIазул къадар дагьлъичIо, тIадеги цIикIкIун гурони.

Ругел счетаздаса гIарац бахъулеб буго гIадамаз, гьелъул бакIалда цогидаз цIиял рагьулел руго. Гьел рагьулел рукIун руго гIарацги гьечIого, гIицIго хадубккун агентствоялдаса бецIун гIарац щвеялъул мурадалдаян бицана Юрий ГIисаевас. Адвокат Расул Къадиевас рехсолев II азарго клиентги щаклъи бугезул сияхIалда гъорлъе кколел руго гIицIго гьез счет рагьараб заманаялъухъ балагьун.
XS
SM
MD
LG