МагъчIваялъе рес

СанагIатал гурел гьалбал


Азербажаналда бугеб Динчи росулъ
Азербажаналда бугеб Динчи росулъ

Азербайжаналда гIумру гьабун ругел магIарулазул Закатала мухъалъул Динчи росулъ июналъул ахиралда тIобитIулеб букIана кIудияб тадбир. Дагъистаналъул лъабабилев Имам Генуса Шамил гьавуралдаса 215 сон тIубаялъул хIурматалда гIуцIараб гIалимзабазул мажлис. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабизе ун рукIарал Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул вакилзабазе кIудияб квал-квал гьабуна Азербайжаналъул гIорхъода. Лъабго анкь гIанасеб заманги таможниялъул «асирлъуда» бан Дагъистаналде нахъвуссун вачIана автономиялъул вакил МикагIилов Мурад.

Азербайжаналъул таможниялъ бачIинахъего багьана чIван буго гьазухъ кодохъ букIараб къайи-цIаялде. Автомномиялъул рахъалдаса росарал Динчи рлсадал жамагIаталъе росарал сайигъатазда гьоркьор рукIун руго магIарул мацIалъ хъварал тIахьал, гIарабалъ хъварал мавлидал, видеодискал, ансадерил устарзабаз гьарурал тIад накъищ кьабураб батIи-батIиял алаталги. Аваразул автономиялъул рахъалдаса абураб рагIиялда бер речIчIарабго карабиххун лъугьанин гьел. Кинаб автономияйин щиб гьабулеб гIуцIи гьебиланги абун нужехъ бугеб къайи-цIа къануналда рекъечIого гIорхъи бахун къватIибе босулеб къайи кколилан лъугьун руго таможниялъул хIалтIухъаби. Гьеб куцалда къоги унеб букIун ахирги Хачмасалда вугев Бадрудинил гIагарав чиясул дора рештIун урго гьел къаси. ХIасил-калам киналго документалги таможниялъул хIалтIухъабазухъ тун таксиялдаги рекIун ун руго Бадрудинги Мурадги Закаталаялде. Амма гьенирги цIиял ракIбакъваял рихьизе хъван букIун буго гьезда.

МикагIилов Мурад: «Жибго цIадудасагIаги хIинкъулей руго гьенир магIарулал абураб рагIудаса. Къоло анлъабилеб къоялъ букIараб мажлисалдаса хадуб нахъисеб къоялъ шагьаралъул паркалда гьабизе ракIалда букIана кеп-ихтилаталъул байрам. Амма гIагарде къазе биччачIо гьеб, бокьун бугищила кечI-бакъаналъул церерахъин, Шекиялда ( Азербайжаналъул шагьар, авт:) жидецаги тIоритIизе ругила тадбирал, гьениб жидер мацIалда гьабейила, гурони биччаларилан чIана».

Шамил имам ракIалде щвезавиялъул хIурматалда 26-абилеб къоялъ Динчи росулъ тIобитIараб гIадаб даражаялъул мажлис жинда жеги бихьичIилан мукIурлъана Бадрудин Ибрагьимовги. МагIаруллъиялъул махIги, яхIги чорхолъ бугел, магIарул рагIул къиматги гьабулеб, миллатцоялги рекIее гIагараб халкъ бугин жакъа Азербайжаналъул Закатала ва Белокан мухъалда, амма гьелъие квал-квал гьабулеб бугин Азербайжаналъул тIалъиялъ, гьеб тIалъиялъул зулмуялъукьа хIинкъун биччачIин Динчи росдал бегавулас мажлиса тIобитIун хадусеб къоялъ ихтилат-кепгун кьурди-хъаталъул тадбир тIобитIизе.

МикагIилов Мурад, жамгIияв хIаракатчи
МикагIилов Мурад, жамгIияв хIаракатчи

Ибрагьимов Бадрудин: «Дица кидаго абула гьитIинаб миллат къварид гьабулеб пачалихъалъул букIинесеб букIине гьечIилан. Гьебго жо гьабулеб буго жакъа Азербайжаналъги. Амма нилъ магIарулал руцIцIун чIезе бегьуларо, Аваразул миллиябгун маданияб автономия жакъа гIолохъанаб гIуцIи ккола, гьелъул хIалтIи цебетIезе кверчIвазе ккола нилъ киназго»

Россиялъул къватIисел ишазул Дагъистаналда вугев вакил ГIалиев Бадрудинцица кIудияб квер бакъи гьабунин гIорхъода ккун чIезавурав Мурадил документал нахъе щвеялъе, гьесулги Автономиялъулги кумек щун букIинчIебани чанго багьанаги батун жанив тIамизеги рес букIанин гьез Мурад.

МагIарулазул миллиябгун маданиб автономия Азербайжаналда къабул гьабулеб бугин экстермистияб гIадин. Гьезул нухмалъиялда автономиялъул хIаракатчилъиялъулъ щибниги экстермиталъулаб кьучI гьечIеблъи бихьизабизелъун Дагъистан бахун къатIибехунги гьелъул хIалтIи гIатIид гьабизе кколилан абулеб буго Бадрудиница. ЦохIо регионалияб гуребги халкъазда гьоркьосеб гIуцIиялъул даражаялде бахинабизе кколин гьелъул хIаракатчилъи.

Ибрагьимов Бадрудин, жамгIияв хIаракатчи
Ибрагьимов Бадрудин, жамгIияв хIаракатчи

Ибрагьимов Бадрудин: «Чодаги рекIун чабхъад рахъунел магIарула цере рукIана. Гьанже заман батIияб буго. Жакъа хвалчадул бакIалда хIалтIизабизе ккола бегIераб рагIиги, гъваридаб лъайги. Дипломатияб «чабхъеналъе» кьезе ккола нух. Гьеб нухалда унаго гIемераб хIалтIи гьабулеб буго миллияб автономиялъги, аслияб хIалтIи жеги цебе буго. ХIажат буго жакъа дагьабги гIатIилъуде, къватIисел пачалихъаздаги нилъер калам рагIулеб даражаялде рахине».

МагIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъ хадусеб сапар биччас бичани бухьине буго ЦIоралде. Августалъул къоло цобилеб къоялъ Къварел мухъалъул Тиви росулъ тIобитIизе буго кIудияб байрам – росдал къо. Гьединго нахъисеб къоялъ гьеб росулъ базе бугеб мажгиталъе кьучIги лъезе буго, ИншаАллагь. Рес рекъарав чи гьеб рохалилаб табиралда гIахьалъи гьабизе гьоболъухъ ахIулел руго цIоралъул магIарулаз.

XS
SM
MD
LG