МагъчIваялъе рес

Босулеб буго ярагъ, гьитIинабги кIудиябги...


Къануналде данде кколаредухъ гIадамазухъ бугеб ярагъ босиялъул кампания лъазабун букIана Дагъистаналъул нухмалъиялъ 10 июналда. Гьеб программаялда рекъон, Гумбет мухъалда тIобитIулел рагIула цо-цо тадбирал.

Къануналда рекъечIого халкъалъул цIунараб ярагъ бичун босиялъул программа Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ байбихьун букIана исана 10 июналда. Гьеб программа республикаялда халат бахъине буго 2017 соналде щвезегIан ва гьеб мурадалда 4 миллионги 185 азарго гъурущ биччан рагIула Дагъистаналъул хIукуматалъ. Щибго дандечIей гьабичIого мисалалъе, Драгуновасул цIаралда бугеб снайперазул туманкI нахъе кьуни гьелъухъ кьезе рагIула 20 азарго гъурущ гIарац. Автомоталъухъ яргъил бетIергьанасе щвезе рагIула 25 азарго гъурущ, таманча ва револьвер гIадаб ярагъалъухъ абуни 15 азарго гъурущ.

Гьеб тадбиралда рекъон хIалтIи байбихьун буго Гумбет мухъалдаги. Мухъалъул жанисел ишазул нухмалъулесул рагIабазда рекъон гьанжелъагIан гьарурал тадбиразда рекъон бакIарун рагIула ункъо таманча, чанахъанасул цо туманкI, чанго батIияб кьвагьул алат ва батIи-батIияб яргъилаб къуваталъул азаргоялдаса цIикIкIараб гула-херги.

Ахираб заманалда Дагъистаналъул чанго мухъазда цIикIкIана изну гьечIого яргъид гIуцIаразда данде гьарулел хасал тадбирал. Мисалалъе гьел тадбирал чанго нухалъ тIоритIана Гумбет, Шамил, Унсколо ва Гъуниб мухъалда. Шамил мухъалъул ТIелекь росулъ рокъоре жанире рачIун чIвана росдал бегавул, дагьав цевегIан Гьолокь росдадаги ТIелекь росдадаги гьоркьоб бугеб шагьаранухда чIвана участкаялъул полициялъул хIалтIухъан. МоцIалъ цеве гIадин, рогьалил как базе мажгиталде унаго нухда чIван ватана ГьоцIалъ росулъа гIолохъанчи. Гьединал мисалал ругеб мехалда живго цIунизе чиясухъ кодоб ярагъ букIине кколиш, кколариш абураб суалалда тIасан цIех-рех гьабуна «Эркенлъи» радиоялъ.

Жакъа гIадатиял гIадамазухъ кодоб гьедин бицине гIанаб къадаралда ярагъ гьечIилан абуна нижер программаялъе Болъихъ мухъалдаса ХIасанхIажиев Муртузица. Гьев ккола 15 соналъ цебе Болъихъе чачаназул дораса изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъаби рачIиндал халкъияб ополчениялъул нухмалъулевлъун.

ХIасанхIажиев Муртуз: «Жакъа халкъалъухъ кодоб ярагъ гьечIо, букIарабги гьеб бахъун ана гIадамазухъа 1999 соналъул августалъул лъугьа-бахъиназдаса хадуб».

Жакъа ракълилав чиясухъ ярагъ кодоб букIине бегьулин. амма гьелъие чара гьечIеб шартI бугин къануналъ гьеб ярагъ борчине кьураб изну бугониян рикIкIунеб буго МахIачхъалаялдаса Ибрагьимов Керимицаги. Гьесул жиндирго буго гьединаб изнуги кьун босараб ярагъ. Амма Керимил рагIабазда рекъон къануналда рекъон ярагъ кодоб бугел гIадамал дагъистаналда дагьал гурони гьечIо.

Ибрагьимов Керим: «Узухъда гIемер ярагъ буго жакъа халкъалъухъ. Амма киналго дандекъазе бегьуларо, руго гьезда гьоркьор къануналда рекъон ярагъ босаралги, амма гьел дагьал руго. Шагьараздагун росабалъ ругел гIадамазухъ буго кьвагьулеб ярагъ, буго ханжар-нус гIадаб ярагъги. Нилъер халкъалъ къваригIараб къо батулиланги абун хIатта гранатацин букIуна рокъоб цIунун. Изун гьечIо гоярагъ цIуниялъ кида-къадги такъсир гьабиялде вачинчIого толаро чи. Гьеб цIакъ рескъотIараб жо буго жакъа. Дагьабги рескъотIараб мех букIуна пуланаб такъсир гьабурабго кинаб ярагъги хIалтIизабун гьеб гьабурабали лъазе кIоларого ругеб мехалъ».

ХIакъикъаталдаги жакъа Дагъистаналъул бокьараб шагьаралда дандчIвазе бегьула травматалъулаб абулеб тайпаялъул таманчаги тIад борчарал гIолохъаби. Гьеб ккола кьвагьулеб гулла гуреб, черхалда щведал квешго унтулеб тайпаялъул ругъун лъун бажарулеб ярагъ. Тохтурзабаз кьураб къиматалда рекъон гьединаб таманачаялда кIола чиясда хвалилаб ругъун лъезеги, мисалалъе ботIролъ ва черхалъул загIипаб бакIалда гьеб щвани. Хал гьабураб мехалъ гьеб тIад борчине изну кьураб къагъатги буго гьезухъ. ГIемерисез гьеб борчун, хIадурун букIуна ракIалдаго гьечIого дагIба-рагIи ккараб бакIалда чанго чи тIаделъидал гьездаса живго цIунизе мурадалда. Шайгурелъул жакъа чанго чияс тасдикъ гьабураб мисал буго, Дагъистаналда дагIба-рагIи ккараб бакIалда цебе гIадин зарацагун квераца гуреб, кIиабизе кIалъазе регIилалде яргъил кумекалдалъун тIубалеб буго данде вугев чиясул къваригIел.

XS
SM
MD
LG