МагъчIваялъе рес

ТIабигIиял балагьазул къурбанал


ГIахъуша мухъалда аскIоб шагьранухде кьуруги ччукIун гьелда гъоркье ккарал полициялъул хIалтIухъанасул хъизам жеги батун гьечIо. Гьевги малъун лъабго чи хун вугилан абулеб буго. Нух бацIцIад гьабиялъул хIалтIаби гьабсагIат чIезе тун руго.

ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ министерлъиялъ абулеб буго тIадеги кьуру ччукIун бачIиналъул хIинкъи бугин гьабсагIаталъги. Эркенлъи радиоялъ цIех-рех гьабуна Дагъистаналъул цогидал мухъазда тIабигIиял лъугьа-бахъиназул рахъалъ кинаб ахIвал-хIал бугебали.

ГIахъуша мухъалъул ШукътIа ва ЦуликIани росдада гьоркьоб бугеб шагьранухда ккун буго гьеб лъугьа-бахъин. Кьуруги ччукIун бачIун нух къотIун буго гьениб жакъаги. Информ.алатазухъа щварал баяназда рекъон гьенибе гъоркье полициялъул хIалтIухъанасул тIубараб хъизам ккун буго.

Гьале тIубараб анкь буго гьел ралагьизелъун хIалтIи гьабулеб бугелдаса. Амма жеги ратун гьечIо.

Гьеб ккун букIана щуабилеб ноябралда. Хадусел къояз гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ министерлъилъ тIобитIараб данделъиялда гьеб идараялъул нухмалъулев хисулев Халилов Олегица лъазабуна ччкIун бачIараб кьуру нухдаса бацIцIад гьабизе цо гуреб цо чанго моцI хIажалъулилан.

11 ноябралда Дагъистаналъул хIукуматалъ данделъи тIобитIана гьеб суалалда тIасан. Вице-премьер Джафаров Рамазаница абуна гьениб ччукIун бачIараб кьуриялда гъоркь полициялъул хIалтIухъаби ратун гьечIилан.

Нух бацIцIад гьабиялъул рахъалъ хIалтIаби чIезе тун руго гьенир, щайгурелъул жеги-харги хIинкъи буго нухде кьуру нахъойги ччукIун бачIиналъул.

«Дагестангеомониторинг» хъулухъалъ хадурги хIалтIаби байбихьизе рукIиналъе изну кьун хадур гурони гьениб хIалтIизе байбихьизе гьечIилан абулеб буго ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ министерлъиялъул Дагъистаналда бугеб бетIераб идараялъ.

ТIадеги баянал Эркенлъи радиоялъухъе щвечIо. Гьезул пресс-хъулухъалъул нухмалулъейгун бухьен гьабизе санагIат ккечIо нижее.

ГIахъуша мухъалад ккараб лъугьа-бахъиналда бан нижеца хIукму гьабуна Дагъистаналъул цогидал мухъазда кинаб хIал бугеб нухаздаян цIех-рех гьабизе.
Гьедин Дагъистаналда тIабигIиял балагьазул рахъалъ бищунго хIинкъи бугеллъун ккола ЦIунта ва ЛъаратIа мухъал.

ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ министерлъиялъул гьеб мухъалда бугеб бутIаялъул нухмалъулев МустIафаев Каримица бицана нижее мухъалда тIабигIиял балагьазул рахъалъ бищунго хIинкъи бугелъун кколин кьиндалил гIужалъ гIанси тIун бачIин.

Ахирал соназда гьелъул рахъалъ гIадамасе кIудияб къварилъи ккечIого хутIанин. ГIемерисеб нухалда такрарлъулеллъун кколин ихдал ва риидал цIадал хIалакараб мехалъ иххал рахъун нухал хвезарун кIудиял квал-квал колел рукIин.

МустIафаев Карим: «Аслияб куцалда гIансиялъул къварилъи букIуна ТIомуразул рахъалдехун, лъаратIаса тIадехун мухъазда, гъоркьехун кIудияб къварилъи букIунаро.

ГIанси тIун бачIиндал нухал къан гIемерал квал-квал ккараб мех чанги букIуна, нижеца хIаракат бахъулаха кIудияб техника битIун жиндир заманалда нухал къачIазе.

ЭР: «ТIабигIиял балагьал гьукъун бажарулареблъи лъалеб жо буго, гьеб нилъеда гьикъун кколаро. Нужер мухъалда гIемерал такрарлъулел хIужаби ругелъул гьелдаса цIуна-къаялъул мурадалда цереккунго кинал тадбирал тIоритIулел?»

МустIафаев Карим: «Нижеца гьава-бакъаллад хадуб хал кколеб хъулухъалъул кумекалдалъун гIадамазда цебеккунго лъазабулаха гIанси тIун бачIине бугилан».

Гьоркьоса къотIичIого гIанси тIун бачIиналъул хIинкъи букIунин цIунтIа мухъалдагиян бицана Къебедов МухIамадица. Гьев ккола жамгIияв хIаракатчи. Ахирал соназда жиндирго кисиниса гIарацги кьун гьес шагьранух бахъун буго БежтIасан ЦIоралде щвезегIан.

Нухазул къварилъиялъул суал ЦIунтIагун БежтIа кидаго букIанин нахъеккараблъун, ахираб заманалда ГIабдулатIипов республикааялъул нухмалъуде вачIаралдаса гьелъул рахъалъ лъалеб цебетIей лъугьун бугин.

Жибго мухъалда бугеб гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ министерлъиялъул бутIаялъул хIалтIи беццизе ккараб хIалалъ гьечIилан абулеб буго МухIамадица:

Къебедов МухIамад: «Гьадинаб бакIалда кьуру тIун бачIине бегьулин, гIанси тIун бачиIналхул хIинкъи бугилан цебеккунго лъазабуларо гьез. Къварилъи ккун хадуб цогидал гIадамазда цадахъ рортун рачIуна гьел. ЦIакъ хашаб куцалда унеб буго гьезул хIалтIи».

ГIахъуша мухъалда кьуру ччукIун бачIун хвезабураб нухлул манзил бащалъулеб буго 700 метраялда. Автомобилал хьвадизе гьениса санагIалъи гьечIолъиялда бан гьабсагIат къачIалеб буго ХIапщима росдада аскIосан бугеб шагьранух.
XS
SM
MD
LG