МагъчIваялъе рес

Куракул сезоналъ ракIго боххизабулеб гьечIо


Dagestan / Mountain roads are destroyed in Dagestan.
Dagestan / Mountain roads are destroyed in Dagestan.

ЧIалдасан Къородехун бахъараб нух хехаб куцалда къачIачIони, жал митингалде рахъинин чIун руго Шамил мухъалъулгун ЛъаратIа ва цогидал мухъазул гIадамал. Амма гьелъ кьезе жо гьечIин бицана ЭР-ялъе Дагъистаналъул нухмалъулесул официалияв вакил ГIалибег ГIалиевас. Иш батIайисан гьабизе кколила.

ГьоцIалъ лъел электростанциялъе хIажатаб хIориниса чвахараб лъеца жанисан кванан, шагьранухда кIуди-кIудиял кьватIелал лъугьаралдаса лъабабилеб моцI байбихьана. Амма жегиги къавухъего буго анцIиде гIагарун километралъул манзил бугеб нухги, гьенир гьеб цIи гьабиялъул рахъалъ хIалтIи гьабизе букIиналъул бицунеб щибго жоги гьечIо.

ГьанжелъагIан сабру гьабун чIун рукIарал гIадамазул рахIатхвей цIикIкIунеб буго магIарухъ курак барщулеб букIиналъ. Масала, гьениб гIагарда бугеб Гьолокь росдал гIадамазул аслияб бетIербахъи курак бичун лъугьуна.

Дагъистаналъул нухмалъулесул официалияв вакил ГIалибег ГIалиевас тIаде жубана чанго къоялдасан тIаде щвезе бугила КIал кколеб сордо. Гьеб къоялъ халкъ магIарухъе, хабатIе рахине унелъулги букIине бугила кIудияб квалквал.

ГIалибег ГIалиев: «КIал кколеб сордоялъ магIарухъе унеб нух. Данде машина ккани, сагIат бала ГьоцIалъ гьелъие нух кьезе. Мисалалъе, КамАЗ данде ккани, бащдаб километралъ цебе-нахъе кьезе ккола машина. Гьанже КIал кколеб сордоялъ гьениб букIине бугеб жо цебе чIезабулеб буго гьанжего. ГIадамазе бищун хирияб жо нухин абула… Цо жо ургъизе ккеларищ ахIун комиссиягун – цохIо «Дагавтодоралъул» вакилзаби гуроха».

МоцIалъ цебе ЭР-ялъ гьеб суалалда тIасан гара-чIвари гьабун букIана Дагъистаналъул хIукуматалъул вице-премьер МухIамад ГIисаевасулгун. КъачIан жо кколареб хIал лъугьани, жидеца цойги жо ургъилин. Амма гьабсагIаталда жидее цо моцI хIажат бугин гьеб лъеца щиб гьабулебали лъазеян абун букIана вице-премьерас.

ГIалибег ГIалиев: «Гьа, чIанаха – моцIалъги, моцIгун бащдалъги, жеги чIезехъинги руго… Гьанже курак барщулъги КIалкковулъги гурищ гьеб бищунго къваригIун бугеб? Доба ГьоцIалъ кIиго-лъабгониги нухалда дагIба-рагIи ккун буго гIолохъабазул – дуца нух кьезе цоял, гурилан цогидал. ГIиси-бикъинаб жоялдасанлъидал дагIба-рагIи кколеб. Гьанже КIал кколеб сордоялъ щибдай букIина? ГьоцIалъан Буйнакскиялде щун букIина машинабазул читIир. Цинги нух щвечIони, КIудияб сордоялъ ГьоцIалъ чIезе ккелаха киналго. Бищун аслияб жо буго къачIан бажарулищ доб хIорица хвезабураб нух, бажаруларищали лъазаби. Бажарулин абулеб буго гьеб нух бахъарав чияс. Бажаруларин, жеги цойги нух яги тоннель бахъизе кколин абулеб буго цогидаз».

ЧIалдаги Къородаги гьоркьоб бугеб шагьранух бахъана Шамил мухъалда бугеб нухазул идараялъ. Гьединлъидал гьезие цIакъ захIмалъун бугоан 14 соналъ гурони хIалтIизеги гьабичIого гьанже къан букIин. Амма лъица щиб бицаниги нух бигьаго къачIазе кIолин абураб хьул буго гьеб идараялъул нухмалъулев ХIажи ХIасановасул. Гьадин бицана гьес ЭР-ялъе.

ХIажи ХIасанов: «Нижеца къаси-къад чIечIого анлъго соналъ гьабуна гьагъаб нух, 14 соналъ хIалтIизабулебги букIана. Гьале гьанже рахъун гъол ГЭСалъул чагIаз хвезабуна. Гьез къачIазе ккеларищ гьеб?»

ЭР: «ХIажи, цояз абулеб буго гьеб нух къачIазе кIолин, цогидазул пикру буго кIоларин абураб. Дуца щибин рикIкIунеб?»

ХIажи ХIасанов: «ЦIи гьабизе жо гьечIо гъоба. Цебесан ччукIун унеб бакIалъан кьуруги гIанлъун, гIатIид гьабизе ккола гъоб. ХIор лъугIулеб бакIалда хIари чIун буго гьанже гьениб. ТIокIаб ччукIунеб жо гьечIо. Киназего бокьун буго, бокьиларищха, нух рагьизе. Гьенисан гIемерго къокъаб бугелъул гьеб. ГьоцIалъ жанир нухал гьарун ругин абулеб буго. Амма гьениб жаниб данде бачIунеб транспорталъе нух кьезе санагIалъи гьечIо. ПалхIасил, къотIи-къайги гьабуни, гIарацги биччани, нух къачIазе рес буго».

Гьал къоязда къватIибе бачIараб «Миллат» газеталда хъвалеб буго советияб заманалда Унсоколо рарал лъел электростанциязде бачIунеб хIари кколеб бакIлъун гьабизе тун букIанила гьабсагIаталда ГьоцIалъ ГЭС бараб бакI.

XS
SM
MD
LG