МагъчIваялъе рес

Школалъулги букIине ккола антитеррористияб хIалтIи


1 ноябралда МахIачхъалаялда тIобитIана терроралда дандечIараб комиссиялъул данделъи.

Гьелъие гIиллалъун ккана ахирал къоязда республикаялъул тахшагьаралда ккараб терактги, чIвай-хъвеялги. Гьединго республикаялъул нухмалъулез какана терроралда дандечIун мухъаздагун шагьаразда гIуцIарал комиссиязул хIалтIи. Абуна цебеккун терроралъе гIоло туснахъ гьарунги рукIун гьанже къватIире риччарал гIадамазда хадуб букIине кколедухъ халкколеб гьечIилан, гIолилал экстремистазда хадур инаредухъ гьабулеб профилактикияб хIалтIиги мукъсанаб бугилан, халкколеб гьечIин школазда тарбия кьеялда хадубги.

Республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас абуна гIадлу-низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби какулин гIемерисез, амма гьел какилалде цере цин лъай кьеялъул иш кин гIуцIун бугебалиги балагьизе кколин. Школа лъугIун хадубги батIи-батIиял махщелал малъун, данделъаби тIоритIун лъимада хадуб халкквей чIезабун букIунаан советияб заманалда. Гьанже жидедаго тIадал дарсалги кьун гьел ричча-рихъан тун руго. Гьелъ лъималги къваригIел гьечIебщиналда хадур унел ругин, гьезие кьолеб тарбияги цIакъго загIипаб бугин абуна терроралда данде чIараб комиссиялъул данделъиялда республикаялъул нухмалъулес. МугIалимзабазе гьедигIан рекIее гIоларо гьеб пикру.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Гьедин батани, лъицаха гьалщинал гIунгутIабиги, ришватчилъиялъул гьалщинал хIужабиги риччалел ругел. Жидер лъималги цIалдохъабиги изну гьечIого яргъид гIуцIарал къокъабаза гъорлъ ругел мугIалимзабиги школазул директоралги щай гьанжелъагIанги хIалтIулел ругел? Гьедин батани нилъеца школаздасанго гIезарулел ругоха гьел. Нилъер школаз хъачагъалги, террористалги, экстремисталги, фанатикалги хIадурулел ратани, пачалихъалъ гьезда тIад гьабщинаб гIарац щай харж гьабизе кколеб?»

Республикаялда буго гIолилал Башар Асадил низам цIунун Шамалде рагъизе иналъул масъалаги. Масала, гьал къоязда Бабаюрт мухъалъул Геметюбе росулъ букIана гьелъул бицараб данделъи. Гьениса 10 гIолохъанчи ун вуго дове вагъизе.

Дагъистаналда терактал гьарулел гIолохъабазул ригь 20-30 сон бугин абула низам цIунулез.

Республикаялъул школазде унел гIолилазул суал гьоркьоб лъун букIана 31 октябралда МахIачхъалаялда тIобитIараб парламенталъул данделъиялдаги. ЦIакъго диниял эбел-инсуца лъимал пачалихъиял школазде риччалел гьечIин бицана гьениб коммунистазул вакилас. Чанго соналъ цебе гьединаб хIужа ЦIумада мухъалъул Агъвали росулъ букIана.
XS
SM
MD
LG