МагъчIваялъе рес

УФАСалъул бербалагьи жиндирго буго...


11 октябралда монополиялда данде чIараб федералияб хъулухъалъул (УФАС) Дагъистаналда бугеб вакиллъиялъ лъазабуна Дагъистаналъул энергосбытовая абулеб компаниялъ Хасавюрталда лъим къатIинабизе бегьулароанилан.

Щайин абуни лъехъ гIарац кьоларел гIадамазда цадахъго гьелъ лъедаса махIрум гьарун ругила гьоркьоса къотIичIого гьелъухъ гIарац кьолел гIадамалги. Гьединлъидал Дагъистаналъул энергосбытовая абулеб компаниялъ хIисаб гьабизе кколаанин лъехъ налъи гьечIел гIадамазулги, социалиял объектазулгиян бицана ЭР-ялъе монополиялда данде чIараб федералияб хъулухъалъул пресс-секретарь Наталья Шкандыбаца.

Наталья Шкандыба: «Гьел объектал ккола школал, гIадамал сах гьарулел идараби, административиял минаби. Гьезда хадур налъи букIун батанигицин, къотIинабизе бегьулароан гьенибе лъимги канлъиги. Гьединаб дагIбаялъе хIукму къотIула диваналда. Дагъистаналъул энергосбытовая абулеб компаниялъ нижеца гьаб лъазаби гьабилалдего битIизабуна гьеб гъалатI. Гьединлъидал гьабсагIаталда гьелдехун дагIба базе бажаруларо нижехъа. Амма лъел станциялде электроэнергияги гьоркьоб къотIинабун Хасавюрт шагьар хадубккунги гьададинго лъедаса махIрум гьабун батани, гьеб энергосбытовая абулеб компаниялда хурхун монополиялда дандечIарал тадбирал тIоритIизе ругин лъазабулеб буго нижеца».

Монополиялда данде чIараб федералияб хъулухъалъул пресс-секретарь Наталья Шкандыбаца бицана шагьаралда гьединаб хIал бугилан гIадамаз ялъуни цогидаб бакIалдасан жидехъе гIарз бачIинчIила. Гьеб бачIун гурони энергосбытовая компаниялда хурхун хIалтIи гьабизе жидерги рес букIунарила. Гьанже гьеб ахIвал-хIалалда тIасан прессаялда ахIи-хIур бахъун бугелъул гьабунила жидеца хасаб лъазабиги.

ЭР-ялъ цебеккун бицун букIана анкьица лъимги гьечIого хутIарал Хасавюрталъул гIадамал 9 октябралда митинг гьабизе рахъиналъул. Амма цо-цояз гьелъие батIияб магIнаги кьолеб букIана. Гьел ругин Хасавюрталъул мэр Сагидпаша ГIумахановасда дандечIун Чачаналъул нухмалъулев Рамзан Къадировасги Дагъистаналъул Пенсиязул фондалъул нухмалъулев Сагид МуртузагIалиевасги къватIире рахъинарулел ругел гIадамалилан лъазабиял кьолел рукIана интернеталдасан.

«Энергосбыталда» цебе налъи буго киналго Дагъистаналъул цогидал шагьаразулги мухъазулги. Хасавюрт шагьаралъул гьеб налъи бахунеб буго 29 млн гъурщиде (цогидал баяназда рекъон гьеб 60 миллион гъурущ рагIула). Гьеб рахъалъ беццилеб хIал гьечIо МахIачхъалаялъулги. Абула энергосбыталда цебе гьелъул миллиард гъурщиде гIагарун налъи бугилан.
Къануналда рекъон, «Энергосбыталъул» ихтияр гьечIо гIарац кьечIин абун тIубараб шагьар электроэнергиялдаса ва лъедаса махIрум гьабизе. Гьеб компаниялда тIадаб буго масала, сордо-къоялъе шагьаралде лъим кьабизе гIураб къадар электроэнергиялъул чIезабизе. Гьединго ихтияр буго гIарац кьечIеб электроэнергия гьоркьоб къотIинабизеги. Гьединлъидал гьеб бакIалда хIилла гьабулеб бугин «Энергосбыталъин» абураб пикру буго республикаялда цо-цоязул.

Масала, рузман къоялъ къватIибе бачIараб «Миллат» газеталъ кьолеб буго гьелда тIасан гьадинаб баян. Лъим кьабулеб станиция хIалтIизе 5 сагIаталда жаниб электроэнергиялъул 1000 килловат хIажат батани, гьез гьеб электроэнергиялъул къуват кьолеб буго 25 сагIаталда жаниб. 24 сагIаталде бикьарабго электроэнергия дагь бачIунеб буго. Лъим кьабулеб станциялъе гьеб къуватги гIоларого чIолел руго лъим кьабулел алатал ва шагьар хутIулеб буго лъим гьечIого. Прокуратураялъ тIалаб гьабурабго бихьизабула къануналда рекъон кьезе кколеб, счетчиказдаса цо сордо-къоялъе кьураб 1000 киловатт. КигIан заманалда жаниб гьеб кьураб абураб жоялда хадуб кIолеб рагIула хъаравуллъи кквезе. Гьебго гьабун буго Хасавюрт шагьаралдаги, амма цохIо прокуратурагун къанун гуребги, дова Сайгидпашаги вугелъул, гьесда кIун буго гьеб ток биччазабизе ва лъим бачIинабизе.

Дагьавниги загIипав мэр вугони багьанаде лъим гьечIолъиги ккун, проблемаби гьаризе кIолаан рубильникалъул жаваб кьолез ва хасал политикиял къуватазин рикIкIунеб буго «Миллат» газеталъ. Сайгидпаша ГIумаханов гьелдаса ворчIана ва Хасавюрталда лъим буго гьабсагIаталда.

Хасавюрт шагьаралъ «Энергосбыталда» цебе бугеб налъи бецIизе ккола гьаб моцI ахиралде щвезегIан. Гурони рес буго гIадамал цIидасанги лъедаса махIрумлъизе.
XS
SM
MD
LG