Цебе киданиги тIобитIичIеб гIадаб акция гьабуна гьал къоязда МахIачхъалаялда хIайваназул ихтиярал цIунулез. 70 гIан гIолилал ракIарун рукIана Бергьенлъиялъ 50 сон баялъул цIаралда бугеб шагьаралъул ахикь.
Гьел киназго жамагIатги республикаялъулги шагьаралъулги нухмалъиги ахIулеб букIана къватIул кутул гьабзазул масъалабазде кIвар кьезе. Шагьаралъул коммуналиял хъулухъалъул хIалтIухъабаз гьел къватIахъ гIемерлъараб мехалда чIван гурони, гьезул тIокIаб кинаб букIаниги тIалаб гьабуларин, гьединаб вахIшияб бербалагьиялде дандечIун ругин жидеца гьелъие протест лъазабулеб бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб акция гIуцIаразул цояй волонтер Ольга Рябкиналъ. Гьелъ бицана гьединго къватIул хIайваназул масъалабазде кIвар буссинабизелъун жидеца автопробеггицин гьабунилан. Дагъистаналда жеги гьединаб тадбир киданиги тIобитIун букIинчIин абизе бегьула.
Ольга Рябкина: «Гьел автопробегалги митингалги тIоритIулел руго дагьабниги нилъер пачалихъалъул гьеб проблемаялде кIвар буссинабизе. Гьел хIайванал чIавачIого кквезеги ккун хасал гьезул тIалаб гьабулеб бакIазде кьолеб хIал букIине къваригIун буго нижее. Нилъер гьаниб гIадаб вахIшияб бербалагьи гьел къватIул хIайваназдехун бугеб бакIго батиларо. Гьезул ургъел бугеб цохIониги идара гьечIо. Шагьаралъул нухмалъиялъги гьеб суалалде кIварго кьоларо. Шагьаралда гIадлу букIинабизейила, рацIцIалъи чIезабизейилаги абун зама-заманалдасан гьел кутузде гьабзазде чан гьабизе рахъуна коммуналиял хъулухъазул хIалтIухъаби. Гьеб буго гIорхъолъа араб вахIшилъи. Нижеца абулеб буго гьел къватIул хIайванал ккун гьел цIакъго гIемерлъичIого рукIине тIанчIи гьабулеб хIалги гьабун тейин, яги хасал бакIал гьарейин гьединал хIайваназул тIалаб гьабулеб. Гьеб тIалабалъул рахъкколезул гъулбасалги ракIарун руго нижеца. Гьел масъалабазулги захIмалъазабулги бицун Дагъистаналъул хIукуматалдеги президентасдеги хитIабги хIадурулеб буго».
Гьединго Ольгаца бицана «ЗооЛайф» абулеб чанго гIолилав данделъараб гIуцIи бугила жидер гьел хIайваназул ихтиярал цIунулеб. Гьезул бажариялдалъун МахIачхъалаялда кIиго лъагIелгIан мехал цебе рагьанила тIоцебесеб гьел къватIул хIайванал хьихьулеб бакI, ай приют. Гьелда хурхун жидерго ругел захIмалъабазулги бицана гьелъ.
Ольга Рябкина: «Гьаб сагIат приюталда буго 60гIан кетоги 9 гьойги. Гьелги гIемерисеб мехалда нижерго гIарцуде хьихьун рукIуна. Гьаб сагIат тIокIал хIайванал гьенире рачине рес гьечIо, гьенир ругезегицин шартIал чIезаризе захIмалъулеб буго, гьезие бакI гIолеб гьечIо, гьел сахгьаризе ва кваназе жо босизе гIарац гIолеб гьечIо нижер. Гьелде тIадеги гьеб бакI нижеца цо чагIазул азбаралъуб гьабун буго. Гьеб бакIалъухъги моцIи-моцIие I0 азарго гъурущ кьезе ккола. БитIараб бицани гьаб сагIат цIакъ захIматго буго нижее гьеб иш нухтIа билълъинабизе. Гьеб иш жибго тезе ккелаан гIадамаз кумек гьабулеб букIинчIебани. Нижеца социалиял сайтаздасан гьел хIайваназе хIажаталъе гIарац бакIарулел акциял тIоритIула. КIицIулниги къватIиреги рахъун рахIму-цIобалъул концертги экспозицияги тIобитIун букIана гьезие гIарац бакIариялъе гIоло. Амма гьаб сагIат нижер рахъкколездаса кколарезул къадар цIикIкIун буго. Нуж регIун ругила, гIадада холел гIадамалги тун, нуж гьел кутузде гьабзаздейищила регIун ругелин лъугьуна нижеде цо-цоял. Цойгидал лъугьуна нуж цIогьалги гьересичагIи ругин абун. Кин букIаниги квешаздаса лъикIал, нижер рахъккурал чанги гIадамал ратулел руго».
Гьел къватIул гьабзазулгун кутузул суалалда хурхун баян кьолаго МахIачхъалаялъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъан ГIалимирзаева Зайнабица лъазабуна цIакъго рескъотIун бугони гурони коммуналиял хъулухъазул хIалтIухъабаз гьел хIайванал чIваларилан. Гьединго гьелъ лъазабуна шагьаралъул администрациялъ гьаб сагIат гьединал хIайваназул тIалаб гьабизе хасаб бакI базе санагIалъи гьабулеб бугилан.
ГIалимирзаева Зайнаб: «Гьаб сагIат гьел къватIул хIайваназул суалалде администрациялъул коммуналиял хъулухъалъ кутакалда кIвар буссинабулеб буго. ГIемерисеб нухалда гьезул хIалтIухъабаз кквезеги ккун шагьартун къватIире риччала гьел. Гъоркьиса соналда жаниб 9I7 кето-гьой ккун буго гьез. Риччаралъуса тIадруссинчIого рукIинищха гьел, гьединлъидал гьел гIемерлъулелги ругел шагьаралда. ЦохIониги гьединал хIайванал рукIине гьезул тIалаб гьабулеб бакI гьечIолъиялъул буго проблема. Гьединлъидал гьаб сагIат администрациялъул бакIал раялъул ва архитектураялъул бутIаялъул хIалтIухъабаз гьеб бакI базе сагIаналъи балагьулеб буго. ЧIвазеги гьел хIайванал цIакъго ресскъотIиялъ гурони чIваларо. Масала, гIадамазда тIадречIчIулел, ккун бажаруларел хIайванал чIвала, хутIарал ккун къватIирехун риччала».
Гьединго Зайнабица лъазабуна аслияб къагIидаялъ гьел къватIул кутузул гьабзазул иш Дагъистаналъул ветеринарияб комитеталъ тIаде босизе кколилан. Гьез хIалтIи гьабунгутIиялъ ва гIадамазул гIарзал администрациялде гIемерлъиялъ жидер хIалтIухъаби рукIунила гьел хIайваназде руссунилан.