МагъчIваялъе рес

РетIел яги лъай. КъваригIаралда гъоркь хIучч цIай!


Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбасана школазда ретIунеб ратIлил хIакъалъулъ ТIолгороссиялъул халкъияб фронталъ хIадурараб къануналъул проект. Гьелъул рахъккуна Пачалихъияб Думаялъгун Федерациялъул мажлисалъги. МухIканго абуни, гьеб проект ккола лъай кьеялъул къануналъулъ гьарулел хиса-басиял.

Советияб заманалда тIубараб улкаялда букIана цо форма. Гьанжейин абуни дагьалъ эркенлъи кьолеб буго гьеб рахъалъ. ТIолгороссиялъул халкъияб фронталъ хIадурараб къануналъул проекталда рекъон, щибаб школалъе рес кьезе буго кьер, ратIлил фасон, куц тIаса бищун гьеб форма жинцаго чIезабизе. Гьеб суал лъималазул эбел-инсудаги дандбазе буго. Гьединго язихъал хъизаназдаса лъималазе гьеб ретIел хIукуматалъ босизе буго.

Школазда цо ккураб ратIлил къагIида букIинабиялда хурхараб къануналъул проекталда тIасан бахIсалги гара-чIвариялги ругелдаса лъагIелниги бугин, гьеб ишалда гъорлъе цIалел ругин ратIлил устарзабиги гьеб букъулел предприятиялгийин бицана журналистазе халкъияб фронталъул вакилги, «Ирсилал» абураб холдингалъул нухмалъулей Любовь Духанкиналъ.

Дагъистаналда гьеб рахъалъ цIакъго тату хвараб хIал бугин абизе бегьула. Жалго мугIалимзабаз абула цIалдохъаби батIи-батIияб ратIлилъ рачIунел гуребги, умумуз цоцалъ къец бараб кинигин, хIаракат бахъулеб бугила жиде-жидер лъималазе хириялдаса хирияб босизе ретIел. Ясал рачIунел ругила школазде бал-маскаразде гIадин. Гьелдаго цадахъ рес гьечIел хъизаназдаса лъималаздаги бечедаздаги гьоркьоб кIудияб кIкIал лъугьунеб бугила. Гьединлъидал гьеб батIалъи тIагIинабиялъул мурадги буго доб Москваялда къабул гьабураб къануналъул проекталъул.

Амма Дагъистаналда иш гьеб проект къабул гьабиялдалъунги лъугIизе гьечIо. Щайин абуни исламалъул тIалабал цIакъго хIуччихъ ритIизарулел эбел-инсуца тIадаблъун гьабун, яги жидедаго берцин бихьун цо-цо ясаз школазде хIижабал чIвала. Амма гьанже къабул гьабураб къануналда рекъон, пачалихъиял школазда гьукъизе буго гьел чIвазе. Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьун гьелъ хIалуцинабизе буго цо-цо бакIалда гьеб суалги.

Амма хIижабазда дагIба балеб бакIалда лъималазе щолеб лъаялда базе кколин дагIбаян рикIкIунеб буго ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Хунзахъ мухъалдаса мугIалим ХIасанова ПатIиматица.

ХIасанова ПатIимат: «Умумузда бичIчIуларин ккола жидецаго абулеб жо. Гьезул лъималазе кIийилал кколел ругин, гьезул хьвада-чIвади квешаб бугин абураб мехалда, школалде къалев чи дагьав вукIуна гьезул. Амма жидер ясазда хIижаб чIвазе толел гьечIилан кIиабилеб къоялде кIанцIула гьел школалде. КIийихъан стандарталин абула гьединал жалазде. Бусурманчиясда тIадаб буго лъай босизе. Лъай босизе уна школалдеги. Гьедин хIижабазе гIоло дагIба гьабичIого, чIахIиял классазде рахараб мехалдагIанги чIвани гурони, гIисинал классазда ясаз кIазал берцинго рухьун тани бегьилин кколаха дида. Гьанже рукIине руго данделъаби – жидер лъимал, дин инжит гьабулеб бугилан. Амма гьеб битIараб гьечIо, цIодорал чагIаз гьеб дагIбаялъул рахъги кквезе гьечIо».

ТIарикъаталъул устар жанив вахъараб ЧIикIаб росулъ школлъималазул ратIлие кинал нухал ратаралали ЭР-ялъе бицана I4 соналъ мугIалимлъун хIалтIарай Зайнаб ГIалимирзаевалъ.

Зайнаб ГIалимирзаева: «ГIисинлъималазда хIижабалги чIвазарун, гьел чIвазе риччачIони, лъимал школалде риччаларин чIей мекъаб жо буго. Лъимал кире ритIулел ругелали лъазе ккола. Школалде ритIулел ратани, гьел рукIине ккола цого хIалалда. Школформа гIадада ургъун букIараб жо гурелъул. Дица школа лъугIулеб мехалда тIубан рехун тун букIана гьеб ретIунеб къагIида. Гьедин бокьа-бокьараб ретIелги ретIун рачIунаан лъималги. Рес бугелги гьечIелги чагIи рукIуна. Къойил хис-хисун ретIел ретIине гьечIезда тIад релъанхъизейинги лъугьуна лъимал. Тарбия школалда гуребги мадрасаялдаги кьезе бегьула, гьедин данде ккечIони… Гьедин цо ккураб куцалъ ретIунеб бугони лъикIин кколаха дида. Масала, ЧIикIаб росулъ ясазе биччалел рукIинчIо 3 см-са борхатаб эгъе бугеб хьит ретIине. Гьединго гьез ретIунаан халатал гордалги, ботIрода къалаан хъахIал кIазалги. 11 класс лъугIун хадуб, эбел-эменги ахIун, гьез гьарулаан зикруги мавлидалги. ГIезегIан берцинго букIанаха».

Гьаб кIиябго мисалалда данде кквезе бегьула гъоркьисала Ставрополь мухъалда ккараб хIужа. Жиндир яс хIижабги чIван школалде йиччалей гьечIилан директоралда тIасан гIарза хъван букIана диваналде гьенив гIумру гьабулев цо дагъистанияс. Гьединабго пикруялъул дагъистаниял дагьал гьечIелъул, гьанже школазда хIижаб унголъунги гьукъани, лъимал рокъор чIезаризе лъугьинин цо-цо эбел-эменин абураб пикруги буго.
XS
SM
MD
LG