МагъчIваялъе рес

"Рукъалъул" туснахъалъул хьулгун


МахIачхъалаялъул вукIарав мэр СагIида Амиров Лефортово туснахъалдаса азарханаялде вачун вуго. Тохтурзабазул халгьабиялдаса хадув гьев рокъов туснахъ гьавун тезеги бегьулин лъазабулеб буго «Известия» газеталъ.

ЦIех-рехалъул идарабазул хIалтIухъан Арсен ХIажибегов чIваялъул гIайиб гIунтIизабулев вугев, СагIид Амиров, Iиюналдаса нахъе Лефортово туснахъалда вуго. Гьесул адвокатаз, гIагарлъиялъ, ва жамгIиял идарабаз бегьулебщиналъубе гьев сакъатав чи вугин, живго жинцаго тIубан бажаруларин гьев гьединлъидал рокъов туснахъ гьавейин хъварал кагътазги щибго хисизабичIо.

ЧанцIулго Амировасул адвокат Марк Крутерица лъазабун букIана жал, унтарав чиясе рукIине кколел сурсатал ругеб бакIалде, яги хасаб азарханаялде гьев вачине рес кьезегIан гIодоре риччазе гьечIилан. Диванханаялъги чан нухалъ Крутерица СагIид Амировасе тохтурзабиги кумекчагIиги къваригIунин, чара гьечIого хIажатал гьел ресал чIезарейин гьесиейилан кагъталги, гIарзалги хъваниги, цониги нухалъ гьелъухъ гIинтIамичIо. Гьедин букIаниги Марк Крутерица батIи-батIиял нухал ралагьулел рукIана Амиров туснахъалъуса рокъове вачине. Жеги официалияб къагIидаялъ цониги идараялъ ракIчIун лъазабичIо Амиров азарханаялде вачун вугилан. Халгьабиялъе гьев вачун вугин абулеб бугеб Москваялъул 20 азарханаялъул бетIерлъиялъги жеги я вугин СагIид Амиров гьенив я гьечIилан лъазабулеб гьечIо.

МахIачхъалаялъул администрациялъул пресс-секретарь ва Амировасул гIагарав чи МуртазгIали МуртазгIалиевас «Эркенлъи» радиоялъе бицана СагIид Амиров гьаб сагIат азарханаялда вегизавун вугинан.

МуртазгIали МуртазгIалиев: « Жакъа радал дун кIалъана СагIид Амировасул адвокат Марк Крутергун, гьес бицана гьаб сагIат Амиров азарханаялде вачун вугилан, тохтурзабаз гьесул чорхол щиб хIал бугебали, сахлъи кин бугебали халгьабизе бугилан. Гьев вуго унтарав чи, сакъатлъиялъул I группа буго гьесул. Живго жинцаго тIубанги бажаруларо гьев. Гьалгощинал соназ гьесда аскIо рукIана хасал гьесда хадуб хъулухъ гьабиялъе ругьунгьарурал чагIи, яги гьесул хъизан. Гьесие къваригIуна хасаб квен ва дараби. Вилълъине кIунгутIи гурониги гьесул чакаралъул унтиги бугелъул. КигIан ниж тIаделъаниги хасал тохтурзабиги течIо гьесда аскIор, жидеца букIине кколеб хъулухъ гьабилинги абун, лъаларо гьез гьабулеб хъулухъалдаги гьезул тохтурзабаздаги щибго божилъи гьечIо дир. Гьединлъидал гьадин тIадчIун гьев рокъове вачиналъе ресал ралагьулел рукIарал гьесул адвокатал. Гьанже азарханаялда халги гьабун, тохтурзабаз чIезабизе ккола гьев рокъов туснахъ гьавун тезе бегьулищ яги бегьуларищали»

Гьелда тIадеги МуртазгIалиевас «Эркенлъи» радиоялъе бицана сахлъиялъул рахъ нахъе ккун букIаниги живго СагIид Амиров къвакIун чIун вугилан, щай гурелъул жинда щибго гIайиб гьечIолъи лъалеблъидалила гьесда. Гьев жинго жинцаго чIвазехъин вукIанин абиги гьел гьадингоял гьерсал ругила, киданиги гьединаб иш гьабулев чи гьечIин Амировилан.

«Известиялъ» гьединго хъвалеб буго буго азарханаялде СагIид Амровасухъе щивниги виччалев гьечIин. Гьесул адвокат Марк Крутериецин кьечIин гьевгун дандчIвазе ресилан. Гьеб информциялъул рахъалдасан жинца щибго абун бажаруларинги лъазабуна «Эркенлъи» радиоялъе МуртазгIали МуртазгIалиевас.
КигIан захIматаб такъсир гьабун букIаниги Россиялъул къануналда ва Дунялалъулго инсанасул ихтиярал цIунулел идарабазул чIезабиялда рекъон унтарав такъсирчиясе медицинаялъулаб кумекги гьесие хасал шартIалги чIезаризе кколин, сахлъиялъул рахъ нахъе ккун бугони кьварараб тамихI дагьаб бигьаяб тамихIалдеги сверизабизе бегьулин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналда бугеб инсанасул ихтиярал цIунулеб «Меморияал» идараялъул юрист Елена Денисенкоца.

Елена Денисенко: «Такъсирчиясе, яги гьеб гьабиялда щаклъи бугесе диванханаялъ бихьизабураб тамихI хисизабизе бегьула гьев захIматго унтун вугони ва туснахъалъув тIамун тун бажарулареб хIал бугони гьесул. Амировасул абуни гьев сакъатлъиялъул I группа бугев чиги вугелъул, тIадеги диабетги бугин гьесулин абулебги гьечIищха. Гьеб унти бугезе гьоркьоса къотIичIого хасал дарабиги, инсулинги къваригIуна гуони гьел комалдецин ккезе бегьула. Гьедилъидал Амиров азарханаялдаса рокъов туснахъ гьавизе вачинеги бегьула. Крутер вуго хIалбихьи бугев ва цIаррагIарав адвокат. Гьес тIоцебесеб къоялдаса нахъего Амировасул унтуде мугъчIвай гьабулеб букIана. Гьедин гьанжеги азарханаялде гьев вачиналъе гIемераб хIалтIи гьабун буго гьес. Узухъда тохтурзабаз чанцIулго халги гьабун чIезабизе ккола гьесул хIал ва кив гьев тун лъикIилан абураб хIукмуги гьезго къотIизе ккола. Кинал унтаби ругони такъсирчи туснахъалъуса азарханаялде вачине кколев, кин гьесул халгьабизе кколебали, кинаб ва кин кумек гьабизе кколебалиги гьеб кинабго чIезабизе ккола Россиялъул ХIукуматалъ»

СагIид Амиров туснахъалда вугеб гIан мехалъ МахIачхъалаялъул администрациялда лъугьунел хиса-басиял лъугIулел гьечIо. Гьал къоязда Рабадановас мэрхисулейлъун тана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул мугIалим Татьяна Гамалей. Цебе гьеб хъулухъалда йикIарай Ольга Портнягина ва тIоцевесев мэр хисулев БахIанд МухIамадов жидеего бокьун хъулухъалдаса нахъе ана.
XS
SM
MD
LG