МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялдаса авиакомпаниял тIуризарулел руго


20 декабралда тIобитIараб Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул сессиялда хIисабалде росарал суалазул цояб букIана МахIачхъалаялъул аэропорталда хурхараб.

Депутатаз аэропорталъул бицана бищун цебе. ГIадамазе гьенир шартIал рагIа-ракьанде щун чIезарунгутIиялдасаги, батIи-батIиял мурадалда гIарацги бакIарун белтал хиралъизариялдасаги байбихьун рехсана рейсал нахърахъиялъулги, цогидалъулги гIайибал. Гьедин МахIачхъалаялъул аэропорталда дандчIварал гIечIого гIунгутIаби дагъистаниязда Москваялде Внуково аэропорталде щведалги дандчIвалел руго гьел. Цогидал регионаздаса гIадамазда дандеккун дагъистаниязул хал батIайисан гьабулеб буго гьениб, гьединго гьез цадахъ баччулеб къайиялдехун рукIунел руго кIудиял тIадкIалъаял. Интернеталда сайталдаги лъечIого, аэропорталъ балъго гьабулеб буго жидерго хIалтIи. ТIадкIалъаял руго аэропорталда хIинкъи гьечIолъи цIуниялдехун. Масала, авиациялъул техника чIолебги гIадамал хьвадулелги бакIал гIорхъабаз ратIа тIезарун рукIине хасаб манзилалъ. Амма бихьизабурабгIанасеб манзил гьечIо гьениб.

Парламенталъул вице-спикер Сейфулагь ГIисакъовасул рагIабазда рекъон, исана августалда "Авиалинии Дагестана" гIуцIиялъул кредиторлъиялъул ва дебиторлъиялъул налъи букIун буго 658 ва 306 миллион гъурущ.

ПалхIасил, гьел киналго гIунгутIаби тIатинаризелъун Халкъияб Мажлисалъул депутатаз хасаб къокъа гIуцIун букIана. Гьедин гьез прокуратураялдегун ХIисаб кьеялъул палатаялде кагъат хъван буго МахIачхъалаялъул аэропорталда сверухъ цIех-рех гьабеян. Абизе ккола аэропорталдехун тIадкIалъаял монополиялда дандечIараб федералияб хъулухъалъулги ругилан. Гьедин ахираб кIиго соаналда жаниб гьелъ аэропорталда хурхун гьеб хъулухъалъ микьго батIияб цIех-рехалъул иш байбихьун букIана.

Гьедин бицана Сейфулагь ГIисакъовас. Гьесдаса хадув кIалъана Марат Илясов. Гьев ккола пачалихъалъул буголъиялъул министр. Республикаялъул кверщаликь тун жо кколарин аэропорталъул, инвестор валагьичIогоян абуна гьес. Федералияб кверщаликьа босун чанго соналъ цебе республикаялъухъе кьолеб мехалдаго рукIанин гьанже гуреб гьанже аэропорт банкроталде кколел гIадал гIаламаталинги бицана министрас. Гьедин 2012 соналда 3 млрд гъурщил хIисабалда гьелъул багьаги гьабун букIун буго. Гьеб мехалда республикаялъул нухмалъиялъ инкар гьабуна гьелда гъоркь гъулбас гьабизе. Щайин абуни гьеб гIемерго учузаб багьа бугин рикIкIунеб буго гьез. Гьединлъидал республикаялъул хIукуматалъ хъата-масан хитIаб гьабизе кколин аэропорт босизе ракIалда бугев инвесторасдейин рикIкIунеб бугоан Марат Илясовас.

Марат Илясов: «Аэропорталъул налъабиги рецIун, жиндир бетIергьанлъиялда бугеб аэропорт хIисабалда хехлъи гьабун гьелъие нухмалъи гьабизе лъугьайин абизе ккола инвесторасда».

Гьелъие инвесторлъи олигарх Сулейман Керимовасул «Нафта-Москваялъ» гьабизе букIиналъул баянал руго.

Депутат Хидировас гьикъана биххун тIатIала ккезехъин букIин лъалаго республикаялъул кверщаликье щайин аэропорт кьураб.

Бицен гьабулеб суалалда тIасан пикру загьир гьабуна монополиялда дандечIараб федералияб хъулухъалъул нухмалъулев Къурбан Кубасаевасги. ГIадамал доре-анире раччаралъухъ багьа гьедигIан кIудияб букIунароанин авиалиниязда конкуренция бугебани. Гьедин Дагъистаналдаса нахъе ана чанго авиакомпания. ГьабсагIаталда хутIун буго гIицIго лъабго компания.

Къурбан Кубасаев
Къурбан Кубасаев
Къурбан Кубасаев: «Щай нахъе унелин цIехедал, гьел авиакомпанияз рехсолел руго жал Дагъистаналъул авиалинияздаса нахъе иналде кккезарурал бакIалъул хIакимзабазул цIарал».
Гьеб мехалда спикер Хизри ШихсагIидовас абуна аэропорталъул хIалтIуе квалквал гьабулел гIадамазул цIарал нужеца рехсолел ратичIони, гьеб кьучI гьечIеб хабар кколин.

Республикаялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдусамад ХIамидовас абуна анцI-анцI, анцIила щу-щу соназ аэропорталъе нухмалъи гьабурал чагIаз язихълъиялде ккезабунин гьеб, аэропорт цебетIезабизеян пачалихъалъухъа къарзалъе гIарацги босун, сунда тIадин гъоз гъоб харж гьабураб? Гьезул цонигиясе тамихI щайин гьабичIеб.
Амма гьел ва цоги суалазе жавабал лъицаниги кьечIо.
XS
SM
MD
LG