МагъчIваялъе рес

БетIергьан кив вугев гIаммаб буголъиялъул?


Советияб заманалда гучалда рукIарал, цIигьабун гIуцIиялъул заманалда лъугIун арал гIаммаб магIишаталъул бутIабазул цо-цоял жакъаги хIалтIулел руго. Гьединазул цояб, ЧIарада мухъалъул микьго росу цолъун гIуцIараб кооперативалъул хIалтIудаса рази гьечIолъи загьир гьабулеб буго гьел росабазул цоялъул жамагIатчияс. Жакъасел шартIазда ва цIияб программаялда рекъон гIаммаб магIишат гIадамазе пайда кьолеб куцалда цебетIезабизе мурад буго гьесул. Амма кинал ресал гьелъие ругел ва кIолищ жакъасеб Дагъистаналда росдал магIишатги хIалтIизабун хайир щвезе?

ГIаммаб магIишаталъул цолъараб кооператив гIуцIаралдаса исана ункъабго сон бугилан бицана Доронуб росдал жамагIаталъул вакил НурмухIамадов СултIанмажидица. 1979 соналда Дагъистаналъул росдал магIишаталъул институтги лъугIизабун, боцIул тохтурасул махщалида рекъон Карл Марксил цIаралда бугеб гIаммаб магIишаталъул бутIаялда хIалтIулев вукIун вуго гьевги. Амма гIемерго мех иналде нухмалъиялъулгун рагIиги дандеккечIого Россиялде гочун гьенив вукIун вуго гьев ахираб заманалъ гIумру гьабун.

Гьеб гIамаб магIишаталде гъорлъе унел росаби ккола ЧIарада мухъалул Гьилиб, Рилъаб, Лъарабазулъ, КIутIихъ, ГьогIаб, Цемер, Доронуб ва Къарануб. 2008 соналда гьеб микьабго росдал гIаммаб магIишат цолъизабуралдаса кооперативалъул хутIун ругел гIи боцIул къадаралдаса кинабгIаги хайир щолеб гьечIолъиялъ рахIатхвезабун бугин жиндиран бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе:

НурмухIамадов СултIанмажид: « Цин-цояв цин цогидав нухмалъулевги хисун 18 азарго бетIер букIараб бакIалда жакъа хутIун буго гIага-шагарго 7 азарго бетIер».

Гьеб анкьазарабго бетIер хутIизегIан хутIараб щинаб кибе араб чан хъураб, чан капурго хварабали цIех рех лъицаниги гьабун гьечIилан бицана СултIанмажидица хадубги.

Гьеб киналъуго хIасилги гьабизе, кооперативалъул цIияв нухмалъулевги вищизе микьабго росадал бетIераб шура жаниб бугб Гьилиб росулъ жамагIаталъул данделъи тIобитIизе бугилан бицана гьес.

Араб шамат къоялъ гьеб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна «Эркенлъи» радиоялъул мухбирасги. Амма бачIинахъего абизе ккола киналго цо пикруялде рачараб, цоцалъ рекъон низамалда гIуцIараб тадбир букIинчIин гьебилан. ГIаммаб магIишаталъул копретивалде гъорлъе унеб микьабго росдал чи вачIаниги кIудияб къадар гIадамазул бачIинчIо гьенибе. Ункъабго соналда жаниб жинцаго гьабураб хIалтIулги, гIи-боцIул хIакъикъияб къадар кигIан бугеб, кигIан хайир гьез кьурабали ва цогидалги суалазе жавабал кьезе гьеб данделъиялде вачIинчIо СПК-ялъул нухмалъулев Нурудинов ХIажиги. ТIадбан гIи къинлъулеб, хъутаналда шокъробе бахун хIалтIи бугеб мехалъ киниха гьев вачIинев росулъейилан гьесул рахъкколелги камулел гьечIоан.

Кин бугониги тIобитIана жамагIаталъул данделъи. КIалъазе рахъаразда гьоркьор рукIана Карл-Марксил цIаралда бугеб колхоз гIуцIизе байбихьаралдаса гъежгурун гьенир хIалтIарал, гIухьбиги, бригадиралги. Щивасул букIана жиндирго пикру. ГIемерисел хIакъикъаталдаги мукIурлъулел рукIана жидер умумудаса байбихьун гIемераб гIетI тIун цебе тIезабураб магIишат букIанин жидер, жакъа гьеб нахъеккун бакьинарин жидееейилан.

Гьеб гьедин букIине бокьи цо хасал чагIазул мурад кколилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе СултIанмажидица хадубги. Халкъяб Мажлисалъул депутат, Дербенталда бугеб полпиххунеб чогърол заводалъул нухмалъулев СагIадулаев МухIамадие къваригIун бугин гьедин дагь-дагькккун гIи-боцIул къадарги дагьлъизабун гIаммаб магIишаталъул хутIараб буголъиги, 13 азарго гектаралда бугеб хъутаналъул ракьги жиндего буссинабизе, гьес малълъухъе хIалтIулел чагIи кколин мухъалъул гьанже вугев нухмалъулев Ибрагьимов МухIамадги, СПК- ялъул нухмалъулев Нурудинов МухIамадгиян бицана гьес.

Шамат къоялъ Гьилиб букIараб данделъиялъул хIасилал гьарулаго хIукму ккана кооперативалъул бугеб гIи-боцIул хIакъикъияб къадарги лъазе, гIухьбигун гара-чIвариги гьабизе Кочубеялъул мухъалда бугеб хъутаналде микьабго росдал кIи-кIи вакиласдаса гIуцIараб къукъа битIизе.

ГьатIан къоялъ ниж щвана гьеб хъутаналде. СПК-ялъул бригадир Сулейманов АхIмадица бицана гьабсагIат бугеб хъвай-хъвагIаялда рекъон къинлъизе ругелги малълъун гIаммаб магIишаталда бугин кинабниги ункъазаралда хадуб бетIер. Гьединго дандчIвана гIухьбигун, Карл Марксил цIаралда бугеб мехалъго гIаммаб магIишаталъул боцIул бетIерав тохтурлъун вукIарав МухIамадов МикагIиллгун, гьевги рази гьечIоан жакъа СПК-ялъул бугеб ахIвал хIалалдаса.

МухIамадов МикагIил: « ГIаммаб магIишаталда лъица щиб гьабулеб бугебали жаваб кьезе цIакъ захIматаб иш ккола. Ревизия гьабичIого буго чанго сон. Гьеб гьабулеб гьечIони кинаб гIаммаб магIишат гьеб кколеб. КигIан бетIер тIаса араб, чан хутIун бугеб, кигIан хайир кьурабали хIисаб суал букIине кколариш? ХIасилал кьурал данделъаби тIоритIулелин рукIуна гIаммаб магIишаталдехун бухьенго гьечIел чагIиги рачун. ХIама хIортIе бачаниш, бачана...»

ГIухьбузулгун гьикъа-бакъи гьабидал гьезги цо пикру загьир гьабичIо жидерго гIумру-яшвалъул. Я моцIрое харж, я боцIуе кIалцIи хер, я цогидалги шатIал гьечIин жидееян гIарз гьабуна цо кIигояс, цогидазин абуни кинабго лъикI бугилан, щолеб мухьалдаса рази ругилан лъугIизабуна бачIинахъего хабар.

СПК-ялъул нухмалъулев Нурудинов ХIажи рази гьечIо жамагIаталъе гьелъ кинабниги хайир кьолеб гьечиIлан абураб жоялда, цохIо рагIабазадалъун гуреб чIван къотIарал хIужабаздалъун жинца гьеб баян гьабилиланги абулеб буго гьес
Киназего пайда кьолеб куцалда цIияв нухмалзъулевги вищун кооператв цебетIезабизе пикру буго НурмухIамадов СултIанмажидил. Гьелъие жакъа гIураб ресги, хIукуматалъул рахъалдаса кумекги бугилан рикIкIунеб буго гьес.
Амма жакъасел Дагъистаналъул шартIазда гьеб цебетIезабизе кIоларилан рикIкIунеб буго хIалбихьи бугев фермер, Буйнакск мухъалдаса ГIабурикIов ГIабдурахIманица

ГIабурикIов ГIабдурахIман: « Кооперативалъул магIна буго нусго вугониги анцIго вугониги чиги данделъун, жидерго буголъиги ракьги цойиде босун, демократияб куцалда жидеего нухмалъулевги вищун гIуцIулеб магIишат. Къануналда реъкон гьедин хIалтIулеб кооператив Дагъистаналда гьечIо. Нагагь гьоркьоса нахъе вилълъун жиндирго магIишат гIуцIизе бокьани чиясе кьолиш нилъер гьаниб гьесие хIалтIизабизе ракь? Кьоларо. ЦIар букIун гурони, хIакъиъкияб кооператив гьечIо Дагъистаналда. Гьеб цо щуго-анцIго минуталда жаниб бицун тIубалеб суал гуро, гъваридаб масъала буго».

Аграрияб потенциалалъухъ балагьани экологиялъул рахъалъ рацIцIадал ва лъикIал нигIматаздалъун регионалда цо жибго гуребги улкаялъул кIудияб бутIаги хьезабизе кIолин Кавказалдаян абун букIана дагьаб цебегIан Пятигорскиялда тIобитIараб данделъиялда улкаялъул премьер Дмитрий Медведвевас.

ХIукуматалъул бетIерас абулеб букIана ахал гьариялде ва хIайванал гIезариялде хасго кIвар кьезе кколин ва гьел мурадазе Шималияб Кавказалде инвестициялги рачIинаризе кколин.

Амма бицанщинаб хабар гIумруялде бахъунеб букIарабаниДагъистаналда церего меседил кIалгIаби разе бегьилаанин, цохIо бицунел рукIин хIасил кколеб гьечIин гьелъуллан абуна гьелда тIадеги ГIабурикIов ГIабдурахIманица. Умумузул заманалдаго батараб къагIидаялъ харицелалъ херги бецун, хурги бекьун мунгоги хъизанги хьихьизе кIолеб даражаялдаса тIокIаб жо гьечIин жакъа росдал магIишаталъулилан рикIкIунеб буго фермерас.
XS
SM
MD
LG