МагъчIваялъе рес

"БагIарал" адвокатазе клиентазухъе нух рагьараб буго...


ЦIех-рехалъул комитеталъги Жанисел ишузул министерлъиялъги Дагъистаналда инсанасул ихтиярал хвезарулел ругин лъазабуна гьал къоязда тIобитIараб адвокатазул пресс-конференциялда. Гьенире гIахьаллъана МахIачхъалаялдаса ва Гъизилюрталдаса адвокатал. ЦIех-рехалда гъоркь ругезул ихтияразул бицана бищун гIемер пресс-конференциялда.

Дагъистаналъул Адвокатазул палатаялъул президент Борис Агузовас абуна цIех-рехалда гъоркь ругезул ихтиярал хвезариялда гъорлъ ругин гьадинал масъалаби: гьезухъе адвокатал ричангутIи, гIакъубаби кьей, гьел ругел бакI лъазабунгутIи, гьезул ихтиярал цIунизе «багIарал», ай, низам цIунулезул тIалабал тIуразарулел, адвокатал рихьизари ва гь.ц.

«Кавказ» абураб адвокатазул коллегиялъул нухмалъулев Константин Мудуновас адвокатал чIваязул суал борхана. Гьеб коллегиялъул адвокат МухIамад ГучучгIалиев къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз чIванилан абуна Мудуновас. РакIалда щвезабила, 12 июлалда Семендералда чIвана ГучучгIалиев. Лъица ва сундухъ гьев чIваравали цIех-рехалъ жеги чIезабун гьечIо. Гьесул вас Сиражудин Гучуалиев полициялъулаз ккуна 31 маялда, гьез лъазабуна гьев рохьилазда гъорлъе уневлъун вугилан. Гьединго низам цIунулез лъазабуна Сиражудин Гучуалиев МахIачхъалаялъул мэр Саид Амировасул буюрухъал тIубалев чилъун вукIанин.

Адвокатазул пресс-конференциялда Мудуновас абуна, цIех-рех чагIаз Сиражудин ГучучгIалиев тIамулев вугин Амировасда тIаса гьересиял баянал кьезе, амма гьев мукIурлъулев гьечIолъидал къуваталъул идарабаз гьесул эмен чIванилан.

Пресс-конференциялда бицана чIварал адвокатазулги рухарал адвокатазулги. Гьел такъсиразулъ гIайибал низам-цIунулезда ратичIин абуна адвокатаз.

Адвокат Бакри Бакриевас абуна гьединал такъсиразулъ гIемерисала жалго низам цIунулел ва полициялъулал рукIунин гIаибаллъун. Мисалалъун гьес бачана Хасавюрталдаса адвокат Сапият МухIамадова ОМОНалъул хIалтIухъабаз юхи. Дол хIалтIухъабазе тамихI гьабичIо, тIаде жоялъе жийго МухIамадовалъжда хурхун рагьана такъсир гьабиялъул иш, гьелъ полициялъулазда хъубалщинал рагIаби рикIанин бицана Бакриева.

Гъизилюрталдаса адвокат Салимат Къадыровалъ бицана Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда хъулухъазда сверун рагъ унеб бугин ва гьелдаса зарал гIадатиял полициялъулазе бугин. Къадыровалъ бицана гьелъ Гъизилюрталдаса полициялъулав МухIамад Пираевасул ихтиярал цIунелел ругин. ЦIех-рех чагIаз рикIунеб буго гьес инкассаторазухъа гIарац бахъанилан. Къадыровалъ бицаралда рекъон, Пираев Дагъистаналдаса Карачаево-Черкесиялде вачун вуго низам цIунулез, адвокатги вичалев гьечIо гьесухъе. Гъизилюрталъул жанисел ишазул идараялъул нухмалъулев ГIалиасхаб Заирбековасда тIаса гIарза хъвазе тIамулев вуго гьевилан, абуна Къадыровалъ. Гьелъул рагIабазда рекъон, цодагьалъ цеве Пираев Дагъистаналде вачана ва гьабсагIат гьев вуго Гъарабудахкент мухъалъул цIех-рехалъулаб туснахъалда. «Гьениве гьесухъе вачIун вукIана Дагъистаналъул жанисел ишазул нухмалъулев хисулев Алексей Салютин ва гьес Пираевасда абуна нахъе вичазе вугин Заирбековасда тIаса гIарза хъвани», - илан бицана Къадыровалъ.

ЦIех-рехалда гъоркь ругезул ихтиярал хвезариялъул бицунаго Бакриевас абуна низам-цIунулез гIакъубаби кьун хадур гьел чагIазул къануналдехун ва гIумруялдехун бербалагьи хисун. Мисалалъе, гьел чагIи рохьилазде гъорлъе ине бегьулин къисас цIехезеян абуна адвокатас.

Бакри Бакриев: «Къанун хвезабиялъ ва зулмабазул хIужжабаз бижизабула дандечIей. Такъсир гьабиялъул цо-цо ишазул анализги гьабун, суал кьезе бегьула: лъица чIвалел ругел полициялъул хIалтIухъаби? Гьел чIвалезда гъорлъ руго полициялъ ва цIех-рех чагIаз гIакъубаби кьурал чагIи. Россиялъул къанунал хIалтIулел гьечIеблъиги бихьун, гьез къисас тIалаб гьабулеб буго къануналги хвезарун. Гьединаб ахIвал-хIал букIине буго Дагъистаналда, гIакъуба ва къанунхвезари чIезаризегIан».

«БагIарал» адвокатазул бицана адвокат Акиф Бейбутовас. Гьесул рагIабазда рекъон, гьединал адвокатал гIемерлъулел руго. ЦIех-рехалда гъоркь ругезул ихтиярал цIуниялъе гьезул гIагарлъиялъ ккурал адвокаталги ричачIого низам цIунулез «багIарал» адвокатал рачунен ругилан бицана Бейбутовас. Адвокатазул палатаялъул президент Агузовас гьелда тIаде жубана «багIарал» адвокатазе дисциплинарияб тамихI гьабулин. Бейбутовасни абуна гьединал адвокатазул сияхI гIуцIизе кколин ва гьеб интернеталда лъезе кколин.
XS
SM
MD
LG