МагъчIваялъе рес

ГIабдулатlиповасул хIалтIуе къимат кьезе байбихьана


ГIабдулатIипов Рамазан
ГIабдулатIипов Рамазан

Заманаялъ Дагъистаналъе нухмалъи гьабизе Рамазан ГIабдулатIипов вачIаралдаса араб моцIгун бащадабгIан заманалда жаниб гьес гьабураб хIалтIул хIасил гьабизе байбихьун буго Дагъистаналъул цо-цо экспретаз.

Гьаб къокъабго заманалда жаниб цIияв нухмалъулесул хIаракатчилъиялда жаниб цоязда бихьулеб буго битIараб, букIине кколеб политика, цогидаз гIаксалда жидерго разигьечIолъи загьир гьабулеб буго.

«Жиндиргун пикру гIахьал гьабулел чагIи ГIабдулатIиповасда аскIор гьечIеблъи гьеб цохIо беццав чиясда гурони бихьулареб хIужа ккола. Гьеб кинабго гIезегIан мухIканго жиндаго Рамазанидаги бичIчIулеб бугин, хиянатлъи гьабулев чи жинда аскIов гьечIолъи вукIин гьебги гIунги тIокI бугин гьесие. РакI-ракIалъ Рамазанидаги, гьев гьаниве витIарав улкаялъул нухмалъулесдаги божулел чагIи гIицIго гIадатияб халкъ буго жакъа Дагъистаналда». Дагъистаналъул цIияв нухмалъес кIиго моцIгIан заманалда жаниб гьабураб хIалтIул хIасил гьабун Кавказская политика сайталъ кьураб баян ккола гьаб.

Гьебго пикру «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна жамгIияв хIаракатчи ГъазимухIамадов ГIалисултаницаги. Дагъистаналда гIадлу-низам гьабизе ГIабдулатIиповас гьабулеб къеркьеялъулъ гъежгурун гьесие кумек гьабулел чагIи жакъа хIукуматалъул министерлъиялда гьечIилан абуна гьесги. Щайгурелъул гьезул цIикIкIарасеб къадар бугин МухIамад гIали МухIамадовасго куцарал, гьесул асаралда гъоркь гIурал хIакимзаби. ЖамгIияв хIаракатчияс рикIкIунеб буго унго-унголъун ГIабдулатIипов Рамазание кумек гьабизе бокьарал гIадамал ругин жамгIиял хIаракатчагIиги, гIадатияб халкалъул пикру загьир гьабулел гIадамалги . Гьес гьадинан бицан «Эркенлъиялъе»:

ГъазимухIамадов ГIалисултан: « Гьесул хIалтIул цебетIей бараб буго федералияб нухмалъиялъги, Дагъистналда бугеб гьезул вакиллъиялъги, къануналдаги Конституциялдаги рекъон букIине кколедухъ хIалтIи гьабиялда. Мисалалъе жанисел Ишазул идарялъги, ЦIех-рехалъул комитеталъги, ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъги улкаялъул пачалихъиял мурадалги цIунун хIалтIи гьабизе байбихьичIони Дагъистаналда щибниги гьабун бажаризе гьечIо ГIабдулатIиповасухъа ва гьев анцIгогIан цеветIурав политикасдаги. Щайгурелъул ахираб къого соналда жаниб чороклъун буго пачалихъалъул система. Гьеб бацIцIад гьабизе ГIабдулатIипвасе тIадехун рехсарал чагIаз кумек гьабичIони щибниги лъугьунаро гьаниб».

Республикаялъул нухмалъуде вачIун тIоцересел къоязго ГIабдулатIиповас ХIукуматалъул нухмалъулде министралъун тIамурал чагIазда рази гьечIолъи загьир гьабуна доб мехалъ гIемерав чияс. Дагъистаналда жинцаго гьабизе бугеб хIалтIул бицунаго ГIабдулатIиповас абулеб букIна 10 соналдасаги цIикIкIун хIукуматалъул батIи-батIиял хъулухъазда хIалтIарал, ришватчилъиялъул гурони мацIги лъаларел гIадамал жинца яризаризе ругиланн, гьезул бакIалде тIамилин лъай бугел, гIолохъанал гIадамал. Гьеднаб кIалъайги гьабун хIукматалъул кабинет цIидасан гIуцIулаго министраллъун гьенирго рукIарал чагIи тIамидал гьелъул магIна бичIчIуларого рукIана киналго. Гьелъие гIилла баян гьабулаго Рамазаница абун букIана доб мехалъ лъай бугел, гIолохъанаб ригьалъул гIадамал ратичIин жинда республикаялдайилан. ГIабдулатIиповасул гьеб политкаялъул тIубанго рахъкколеб буго ГIалисултаницаги:

ГъазимухIамадов ГIалисултан: « ХIисаб гьабеха, киса ралагьунха ГIабдлатIиповас гьединал рацIцIадал, батIи-батIиял тухумазде гъорлъе унарел, бажари бугел чагIи ралагьилел. Мисалалъе росизе бегьилаан Москваялда лъикIаб хIалтIуда ругел гIолилал. Амма кьварун бакъвараб Дагъистаналде рачIиниш дол жидерго цебетIураб бизнесги рехун тун. Дир пикруялда бугелдаса пайдаги босун хIалIти гьабизе хIаракат бахъулеб бугоза Рамазаница. Гьеб битIунги буго».

Амма гIаксалда гьелдаса рази гьечIолъи загьир гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Хасавюрталдаса ЖамгIияв хIаракатчи Уладиев Сулейманица. ХIакъикъаталдаги цIакъго дагьаб заман гурони инчIин ГIабдулатIипов Дагъистаналъе нухмалъи гьабизе вачIаралдаса, гьедигIан къокъаб заманалда жаниб гьесухъа гурев, цогидав бокьарав чиясдаги кIвеларин Дагъистан къокъидаго хьуцIцIилъа къватIибе бахъизе. Амма гьеб араб кIиго моцIида жаниб тIоцебсеб иргаялда гьесул кадровияб политикаялъул хIасилалъухъ балагьун рес бугин чанго рагIи абизеян тIаде жубана гьес. Халкъалда цебего рагIизе бокьараб, хъамал чагIи цIогьалги жинца нахъе яризаризе ругилан гьес абураб калам цIакъ лъикI къабул гьабунин киназго, амма жидир яхI хун бугин гьел рагIаби абулеб мехалъги гьесда аскIор эхетун гьединав 5-6 чи вугеб мехалъилан бицана жамгIияв хIаркатчияс:

Уладиев Сулейман: «Экономикаги, инвестициялги, гIадлу-низамги, жакъа гьадигIан хIажат бугеб рекъел-маслигIатги, халкъалъе къваригIун бугеб ращалъиги, ритIухълъиги, цоцадехун берцинаб бербалагьиги, халкъалъул хIукуматалдехун бугеб божилъги - гьеб кинабго бараб букIуна гъос хIалтIуда тарал чагIазда. Гъосин абуни гъора толел руго дагьалги халкъалда рихарал гIадамал. ГIадатияв, гIезегIан соналги нахъа тарав, гIемерав жоги бихьарав, бичIчIарав чи хIисабалда дир хьул букIана гьанжегIаги гьересиги бицунарел, гIарацги бикъуларел, халкъалъул ургъелги бугел чагIи ракIарилин гъос сверухъе абун. ГьечIо гьел рихьулел. Цо лъабго-ункъо чиги вуго жинцаго Москваялдасан цадахъ рачун рачIарал, нилъги лъаларел, нилъедаги лъаларел. ХутIарал дораго рукIарал чагIи руго, тIаде жоялъе жанир тIамизехъан рукIун, къватIире лъутун ун рукIаралги ахIана тIадурссун.

МагIарулазеги нилъерго чи лебалав, бажари бугев, иш билълъанхъулевлъун вукIине бокьула, гьеб бихьулеб гьечIеб мехалъ халкъалъулги гьесдехун божилъи хола. Дида гьадин ккола: Гьаб нухалъ Рамазанихъа иш билълъинчIони Дагъистаналда церего рукIарал чагIи рачIине руго нухмалъуде тIадуруссун, гьебмехалъ абуни букIаралдасаги азарго нухалъ квеш букине буго иш. ВахI! КидалъагIанха, ле, гьаб зулмуги хIехьон рукIинел? Заман щвана гури гIадлу гьабизе. Гьелъухъ гIащикъалъун халкъги буго.

Гьес абулеб буго гьавги, гьавги вугин хъамалчи, цIогьал, ришватчагIи абун. Гьеб калам гьес гьабулеб мехалъ гьесда аскIор эхетунги руго гьел бищунго цIар арал цIогьалги хъамалчагIиги. Жанир лъеха! КIоларилан абулеб буго цо-цояз гьеб иш гьабизе досда. Йохъ! КIоларевлъун вукIине бегьуларо президент. Гьев вуго имам, гьев вуго цевехъан, гьев вуго халкъалъул вакил. Гьесда нахъа буго пачалихъалъул къуват. Гьеб гIадлу гьабизе кIолеб гьечIони вачIинеги бегьилароан гьев Дагъистаналъе нухмалъи гьабизе».

Гьеб гуреб жеги чанго батIияб мисаладалъун баян гьабуна жиндирго пикру « Эркенлъи радияолъе Сулейман Уладиевас. Гъоркь букIараб хIукуматалъул министерлъиялда рукIаралго чагIи ГIабдулатIиповас теялъул магIна букIине бегьулин сентябралда рукIине ругел рищиязда халкъалъ цIарги чIван тIуванго живго президентлъун вищизегIан Рамазаница жив-живасул гIамал хасиятги хьвада-чIвадиги борциналъул мурадалда ургъунго гьабулеб хIалтIилъунилан абулеб буго цо-цояз.

ЦIиял рищиязда хадув халкъалъги жив вищани гьеб мехалъ тезе ругин гьес хIалтIуда цIиял гIадмал, гьанже ругезда нухги бихьизабун. Амма гьеб пикруялдаги тIуванго рекъолев гьечIо Уладиев, гьоркьаб заман ун хадуб Рамазанида кIвезе гьечIин гьел нахъе ритIизейилан рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчияс. Кин букIаниги къокъабго букIаниги араб кIиго моцIида жаниб Рамазан ГIабдлатIиповас гьабураб хIалтIуда ракIрекъарал гIадамал дагьал гьечIо жакъа. Мисалалъе магIарухъе щведал чанги чияс разиго абулеб рагIана пенсияги, моцIрол харжги ригьалда щвезе байбихьанин жидехъе республикаялде цIияв нухмалъулев вачIаралдаса.

XS
SM
MD
LG