МагъчIваялъе рес

Цоясеги лъагълъи лъугIана Дагъистаналда


Ржевалдаса Евгений Скородумов лагълъиялдаса ворчIана"Альтернатива" абураб гIуцIиялъул волонтер Закир ИсмагIиловасул (квагIиса) кумекалдалъун.
Ржевалдаса Евгений Скородумов лагълъиялдаса ворчIана"Альтернатива" абураб гIуцIиялъул волонтер Закир ИсмагIиловасул (квагIиса) кумекалдалъун.

Дагъистаналда хIалтIул лагълъиялдаса хвасар гьавуна гьал къоязда Ржев шагьаралдаса Евгений Скородумов. Гьесул рагIабазда рекъон, Дагъистаналде гьев вичун вуго полициялъул хIалтIухъабаз. Дагъистаналда вехьлъун хIалтIулев вукIана гьев. ХIалтIул лагълъиялдаса гьев эркен гьавуна «Альтернатива» багъа-бачариялъул волонтераз.

23 сон барав Евгений Ржевалдаса Волгоград шагьаралде щвана 2009-леб соналда. Гьенив гьев хIалтIулев вукIана «Луна-паркалда». ГIолохъанчияс бицаралда рекъон, гуккизеги гуккун хIалтIудаса гьев нахъе къотIана харжги кьечIого. Гьабизе жо тIагIарав гьев вокзалалде ана рокъове тIадвуссине пикрабигун. Вокзалалда, документал ралагьизеян, гьев чIезавуна полициялъул хIалтIухъабаз.

Паспорт нахъе кьолеб букIун гьечIо полициялъулаз ва ахIи бахъинабизе лъугьун вуго Евгений. Полициялъ гьев ккун вуго ва жанисел ишазул идараялде вачун вуго.
Радал мех щвезегIан жив идараялде чIезавунин бицулеб буго Евгенийца. Хадуб полициялъулаз жив дагъистаниязе вичанилан, бицана гIолохъанчияс.

Гьел дагъистанияз гьев Ростов мухъалде вачун вуго. Гьенив жив картошкадул гектаразда хIалтIулев вукIанилан бицана Евгенийца. Гектаразул хважаинас абулеб букIун буго гьесда хIалтIи лъугьун хадуб харж кьелин ва рокъове витIилин. Амма харж гьесда бихьун гьечIо, тIадежоялъе гьесул документалги рилун руго. Лъабго сон бан буго Евгенийца дагъистаниязул гектаразда хIалтIулаго.

Гьел гектаразул хважаинас ферма босун буго Дагъистаналда. Гьеб фермаялда вехьлъун хIалтIулев вукIун вуго Евгений. Гьениса лъутун вуго гьев. Амма нухда вугев Евгений ккун вуго цогидал чагIаз. Гьез гьев жидехъе Южно-Сухокумскалда вачун вуго ва вехьлъун хIалтIизе тIамун вуго. ЛъагIелги бащадабги бан буго гьес гьениб. Гьев хважаинасги абулеб букIун буго гьесда документал гьарилин, харж кьелин. ТIадежоялъе гьев хIинкъизавун вуго лъутани чIвалиланги абун.

Южно-Сухокумскалда лъай-хъвай ккарав васасул кумекалдалъун интернеталда «Альтернатива» гIуцIиялъул телефонал ратун руго Евгение. Гьедин волонтераз гьев хвасар гьавуна.

«Альтернатива» гIуцIиялъул Дагъистаналда вугев вакил Закир ИсмагIиловас бицана «Эркенлъи» радиоялъе Евгений рокъове витIанилан.

«Гьев ватана Южно-Сухокумск шагьаралда гIагарда бугеб цо хъутаналда. Гьенив гьев тумасухъ хIалтIулев вукIана, гьесул гIи-боцIида хадув валагьун. Харжги гьесие кьолеб букIун гьечIо, квен-ретIел гурони. Волгоградалъул полициялъ I500 гъурщида вичарав гьесда жиндирго ихтияралги жоги кисса лъалеб. Гьевгун ккарабщинаб лъала Тверь мухъалъул депутат Илья Холодовасда. Гьединго Евгениил киналго хважаинзабазул цIаралги руго полициялъухъ. Живго Евгений батIаго кIалъалев гьечIо. Ункъо сон бана гьес хIалтIул лагълъиялда. Ине бакIги букIинчIо гьесул».

Депутатасул кумекалдалъун Евгение рукъги кьезе буго ва хIалтIиги балагьизе бугоян абуна ИсмагIиловас.

«Альтернатива» багъа-бачариялъул лъазабиязда рекъон, исана Дагъистаналда халтул лагълъиялдаса гьез хвасар гьавуна лъеберго чи. Гьел хвасар гьариялъе полициялъги кумек гьабуна, амма лагъзал ккун рукарал чагазе тамих гьабизе харакат бахъулеб гьечо низам цунулезилан лъазабулеб буго «Альтернативаялъ».
XS
SM
MD
LG