МагъчIваялъе рес

Полициялъулазе хIинкъи бугев арестант


ГIалиев МахIамад
ГIалиев МахIамад

Терроризмаялде хурхен букIиналъул щаклъи бугин абун, Москваялда ккун ва жаниве тIамураб бакIалда бадиб щакъидул къалам къазабун, моцIица комаялда вукIарав дагъистанияв азарханаялдаса туснахъалде щвезавун вугин лъазабулеб буго информалатаз. Амма низам цIунулез хIаракат бахъулеб бугин гьев вугеб бакIалъул балъголъи гьабизе, гьес жиндиего гIазаб кьуразул цIарал къватIир чIвазаризе бегьиялдаса хIинкъунин, рикIкIунеб буго гьесул гIага-божараз.

26 декабралдаги цIидахъан тIагIун вугин террорзималъулъ гIахьаллъи гьабиялда щаклъи букIун ккурав Дагъистаналдаса ГIалиев МухIамадилан лъазабулеб буго гьесул гIагарлъиялъ. Къуваталъул идарабаз Москваялда ккун хадуб, Ставрополь икълималъул заманалъ гIадамал жанир тIамулеб туснахъалда цин вухун, хадуб гIакъуба кьун, бадиб щакъидул къаламги къазабун азарханаялде ккун вукIана гьев ГIалиев. Комалдаса рекIеде вачIун кIиго къо бан букIинчIила гьес гьев къуватазул идарабаз азарханаялдаса туснахъалде вачун араб мехалдайин бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьесул яц ГIалиева Аминатица.

Гьедин 24 декабралъ тохтурзабаз азарханаялдаса вачине гьукъаниги къуваталъул идарабаз лъиданиги щибниги абичIого вачун вуго гьев. ГIагарлъиялдаги гьев кив вугевалицин лъалеб букIун гьечIо, адвокаталъ ахIи бахъинабураб мехалда цIех-рехалъул идаялда абун буго гьев туснахъалде вачун вугилан. Гьев вачун араб туснахъалъул азарханаялъул тохтурасги абун буго гьев жиндида вихьичIилан, гьеб азарханаялдацин течIого туснахъалда жанив тIамун вукIун вугин гьевилан абун ццин бахъун руго ГIалиевал. Гьелдаса хадубги 26 декабралда туснахъалдаса тIагIун ватун вуго гьев. Жидеда щибниги жо бичIчIизабулеб гьечIила лъицаниги, киналгIаги баяналги кьолел гьечIила. Жидерго бажариялдалъун лъанила гьев цойги асIоб бугеб шагьаралде вачун ун вукIинилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе ГIалиевасул яц Аминатица.

ГIалиева Аминат: «Гьев Ставрополалдаса 200 километралъ рикIкIад бугеб Георгиевск абураб шагьаралде вачун ун вукIин лъана нижеца. Щиб гьабизе, кив тIамизе гьев вачаравалиги лъицаниги кинабгIаги баян кьолеб гьечIо. Нижецаго цIех-рех гьабун хадуб лъана гьеб Георгиевскалда цо кинабали бичIчIулареб туснахъ букIин. ГьенивегIаги ун ватилаха гьев, тIокIабги гьеб шагьаралде щибизе вачиневали лъаларо дида МухIамад. Кивениги вачунеб хIалищха гьесул бугеб, гьанжего гьанже дагьабго мадар лъугьун бачIине букIана гьесул, рекIедеги вачIун, цо-цо жо абулеб букIана гьес, дагьав вигьун гIадин вукIана. Гьедин вукIаниги живго вахъунчIезе яги вилълъине кIолеб хIалцин букIинчIо гьесул. Гьелда тIадеги кIиго къоялъ цIа-кан бахун гьеб гIодобе ккезабизе кIоларого букIана гьесул. Гьеб хIалалда вугев чи вачун ун ватана азарханаялдаса. Тохтурзабаз виччалев вукIун гьечIо гьечIо нахъе вачине, гьев цIунун рукIарал чагIазухъеги гьев кивениги вачине бегьуларин абураб кагъат кьун букIун буго гьез, амма азарханаялъул бетIерав тохтурас гьев нахъе вачине бегьулин абурал документазда гъулбасун буго. ТIад ретIелцин ретIинчIого, хинаб юргъаналда гъорлъги жемун сакъатал гIадамал раччулеб хасаб бакIидаги рекIинавун вачун ун вуго гьев».

Гьединго Аминатица бицана я цIех-рехалъул идарабаз я цойгидал хасал идарабаз жидехъ ва жидер адвокаталъухъ гIинго тIамулеб гьечIин, гьез я жидеца хъварал кагътазул, гIарзазул хIисабцин гьабулеб гьечIила, гьезухъан жаваб щвеялдаги жидер хьулго гьечIилан. Гьединго адвокаталъухъе МухIамадил ишалда хурхун кьезе кколел документал кьолел гьечIила, гьелда диван кида бугебалицин лъазабуларила заманалда, палхIасил щиб гьабунги адвокат гьеб ишалде гьоркьое лъугьинчIого йикIине жал гьарулел ругила гьезилан абураб пикру буго Аминатил.

Гьединго ГIалиев МухIамадил гIагарлъиялъ абулеб буго гьев рекIеде вачIун вахъиналде азарханаялдаса туснахъалде вачиналъе гIиллалъун батизе бегьулила гьесда кIалъазе кIолеб букIин, гIадамал лъалел рукIин гьесда. Гьеб хIалалда вукIаго гьес жиндиего гIакъуба кьурал чагIазул цIарал рициналде вачанин къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз гьев азарханаялдаса нахъейилан рикIкIунеб буго гIагарлъиялъ.

Гьединго МухIамадил яцалъ «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьесие гIазаб кьеялъул ва гьесул чорхое кIудияб зарал гьабиялъул рахъалъ жидер гIарзалда хурхун халгьабицин байбихьун гьечIила жеги. Гьеб лъугьа-бахъиналда бан некIого такъсиргьабиялъул иш рагьизе кколаанила, амма гьел цIех-рех чагIаз кIваралъ нахъбахъизабулеб бугила гьеб иш.

Гьезда гьеб ишаллъул гьадинаб кIудияб ахIи-хIур бахъинилан ккун букIун батиларила, гьанже щиб гьабилебали лъаларого ххенелел хутIун ругин гьелилан. КьучIгьечIелщинал лъазабиялги гьарун жидедасаго гIайиб хъущтIизабизе лъугьун ругила гьелилан. Гьедин цIех-рехчагIаз МухIамадица жинцаго къазабун бугин бадиб къаламилан абун лъазабун буго. Гьеб тадсикъ гьабиялъе видео-записьги бихьизабулеб буго гьез.

Гьеб записалда лъилниги гьумер бихьулеб гьечIо, тIад тIагъурги лъурав, цо чияс эххедеги борхун бетIер къаламалда тIад къазабулеб бихьизабулеб буго гьениб, амма цониги чиясул я гьумер, яги гьениб бадиб къараб къалам бихьизабун гьечIо. Гьединлъидал гьеб жидецаго цIех-рехчагIаз бахъараб, ургъараб жо бугилан рикIкIунеб буго ГIалиева Аминатица. Тохтурзабазул баяналда рекъонги чиясда киданиги кIвезе гьечIо жиндаго бадиб гьеб къазабизе, инсанасул бадир рукIунел нервабаз ва унтуца чи рекIедаса инавулила, гIадалнахуде щвезегIан гьеб къазабун гьесухъ бажаруларилан рикIкIунеб буго тохтурзабазги.

XS
SM
MD
LG