МагъчIваялъе рес

ТамихI гьабулеб буго МВД-ялъул хъулухъчагIазе


Дагъистаналъул нухмалъиялъул буюрухъалда рекъон, тамихIалде цIана республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул ункъо полковникги, анлъго подполковникги, цо майорги.

Гьелъие гIиллалъун ккана исана 17 февралалда МахIачхъалаялда "Тимур" абулеб кафеялда ккараб хIужа. Гьениб полициялъул хIалтIухъанас чIвана цадахъ квана-гьекъолев вукIарав лъабго чи.

Гьеб мехалда Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабун букIана нагагьлъун полициялъулав гIайибиявлъун чIезавуни, гьев хIалтIудаса нахъе рехулин, гьединго гьесда тIадехун ругел хIакимзабазе тамихIги гьабизе бугилан.

Байбихьуда абулеб букIана гьев лъабавго чи вагъизе лъугьун вугин, гьеб мехалда гьел ратIа гьаризейин гьоркьов лъугьарав полициялъул хIалтIухъанасухъа ярагъ бахъулел рукIун ругин гьел. Цинги гьев лъабасдаго дандечIей гьабизелъун полициялъул хIалтIухъан гьаваялдегицин кьвагьдон вугин, амма гьел гIодоруссун гьечIила.

Лъабабго жаназаялъул хал гьабидал, хас гьабун гьезул щивасул ботIролъ речIчIун батун букIана. ЦIех-рехалъул комитеталъул вакилзабаз бачIинахъего рикIкIунеб букIана гьеб чIвай-хъвеялъе гIилла батизе бегьулин цоцаздехун рокьукълъи букIин. Щайин абуни гьел киналго цоцада лъикI лъалел рукIун руго. Масала, чIваразул цоявги полициялъул хIалтIухъанасул цее йикIарай лъадул вац кколев вукIун вуго.

ПалхIасил, гьев полициялъулав ккола МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул полициялъул хIалтIухъан, капитан Якъубов Феликс.

Гьес гьабураб такъсиралъе гIоло тамихI гьабуна, цебехун бицухъе, полициялъул 11 хIалтIухъанасе. Гьезда гьоркьоса ункъоял хъулухъалдаса гIодор чIезаруна. Гьел ккола МахIачхъала шагьаралъул полициялъул нухмалъулев ГIали АхIмадовги, Советский мухъалъул полициялъул нухмалъулев МухIамад ГIабдулатIиповги, гьев хисулев ТIагьировги, Советский мухъалъул участкаялъул полициялъулазул нухмалъулев Мусаевги.

Кьварараб бадибчIвай гьабун буго жанисел ишазул министерлъиялъул кIуди-кIудиял хIакимзабазе - масала, ИсмагIиловасе, Маккашариповасе. Полициялда хIалтIизе данде кколареллъун лъазарун руго ГIумархановги, Давудовги, цогидалги.

Живго дов лъабго чи чIварав Якъубов Феликс полициялдаса нахъе рехун вуго.
ГьанжелъагIанги чанги кканин республикаялда гьединал хIужаби, амма цадахъго гьевгунияв хIакимчиясе гьебгунияб тамихI гьабулароанин рикIкIунеб буго цо-цояз. Гьеб кколин дагь-дагьккун хIукумат къвакIулеб букIиналъул магIна, гьединго Дагъистаналъул полициялъулазе гьединаб тамихI гьаби Мскваялдасан гьабулеб политикаялъул хIасиллъун бихьулеб буго Бияхъай МухIамадовасда. Гьев ккола цеве "Черновик" газеталъул вукIарав бетIерав редактор.

Бияхъай МухIамадов
Бияхъай МухIамадов
Бияхъай МухIамадов: "Гъоркьисала гьединабго гIадаб хIужа ккедал, Ленинский мухъалъул полициялъул нухмалъулев вукIана нахъе вахъун. Дица "Черновикалда" жанисел ишазул министрасе рецц-бакъ гьабун макъалаги хъван букIана. Амма дагьалъ чIун рагIана гьев чи Гъарабудагъкент мухъалъулищали полициялъул нухмалъиялда тун вугилан. Шамил мухъалда бугеб ЦIекIоб абулеб росулъа гIолохъанчи ГАИялъул хIалтIухъабигун дагIбадизе ккун, цинги Ленинский мухъалде цIех-рехалъ вачараб бакIалда гьевги полициялъулалги рагъизе ккун, чIвай-хъвей ккун букIана. Гьелдаса хадув хъулухъалдаса вахъун вукIана гьев чи. Гьединлъидал хал гьабизе ккола гьевго гIадин цойги бакIалда хъулухъалда толищ гIайиб ккун рахъарал полициялъул хIалтIухъабияли. Гьедин толел ратани, гьеб кколаха гьадинго, заманаялъ гIадамал гIодориччазаризе гьабулеб жо. Гурони гьеб буго Москваялдасан гьабулеб политика".

Хъулухъалда вугеб мехалда кафеялдаги вукIун полициялъул хIалтIухъан гьекъолдулев, щибгIаги цIуна-къай гьечIел гIадамал чIвалев вукIунев ватани, гьелъул магIна ккола Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул система кутакаб хъарцинлъиялда букIин. Гьединаб къимат кьолеб буго гьеб хIужаялъе Дагъистаналъул нухмалъиялъул пресс-хъулухъалъ. Гьединабго магIнаялъул кIалъай гьабун букIана церегIан къояз тIобитIараб Халкъияб Мажлисалъул сессиялда заманаялъ республикаялъе нухмалъи гьабулев Рамазан ГIабдулатIиповас.
XS
SM
MD
LG