МагъчIваялъе рес

ХарачIисев викъана МахIачхъалаялда


3 июналда МахIачхъалаялда викъарав АхIмад Къудбудиновасул хIакъалъулъ тIаде лъалеб жо гьечIин бицана ЭР-ялъе гьесул лъади ГIабдураева ПатIиматица. Диагностикаялъул централде ясалъул хал гьабизе рачIун рукIун руго гьел.

Бицен гьабулеб хIужаялъул хIакъалъулъ гьадин бицунеб буго ЭР-ялъе ПатIимат ГIабдураевалъ.

ПатIимат ГIабдураева: «Диагностикаялъул централда рукIана ниж ясалъе УЗИ гьабулел. Машинаялъур гIодор чIун рукIана гъолги (Къудбудиновги гьесул вацгIал Адам МухIамадовги – ЭР). Ниж къватIире рачIиналде ун ватанаха. ТIокIав кив вугевали лъалеб жо гьечIоха. Гъов вацгIаласдаги вихьизе тун гьечIоха, гIодов вегизавун вуго гъоз гъов».

ЭР: «Нужеца гIарза цохIо «Мемориалалде» гурони кьун гьечIо, уйинщ?»

ПатIимат ГIабдураева: «Нижеца сон киса-кибего хъвана. Амма кив вугевали лъалеб гьечIо».

ВацгIалгун цадахъ Диагностикаялъул централъул азбаралъуб чIараб машинаялъуса къватIире рахъинехъин рукIаго, яргъид ворчарав анцIгогIан чи тIаделъун вугин АхIмад Къудбудиновасдеги гьесул вацгIал Адам МухIамадовасдегиян бицана ЭР-ялъе «Мемориал» централъул МахIачхъалаялда вугев вакил Сиражудин МухIамадовас. ХваштIан кIиялго гIодор регизарун ругила, ботIрода лъураб тIагърил шурун цебегIан цIан букIиналъ жинда гьезул гьурмал рихьулел рукIинчIин бицун буго Адам МухIамадовас. Хадуб гьесул цIараладсан ЭР-ялъе гьадин бицана Сиражудин МухIамадовас.

Сиражудин МухIамадов: «Рагъаруге! ян кьолеб буюрухъ дагъистаниязул кIалъаялъул лугъаталда рагIулеб букIиналъ, гьел чагIи Россиялдаса командировкаялъ Дагъистаналде рачIарал низам цIунулел гурел, Дагъистаналдасаго низам цIунулел рукIин бичIчIун буго Адам МухIамадовасда. БачIинахъего телефонги бахъун ун буго доз гьесухъа, цинги гьесул вацгIал Къудбудинов АхIмадги жидерго машинаялда рекIинавун ун руго. АхIмад Къудбудинов бакIал раялда хIалтIулев вукIун вуго. Гъоркьисала анлъго чигун (бусурбабигун) цадахъ Унсоколо мухъалъул полициялдеги вачун вукIана гьев. Гьеб мехалда гьесде гIайиб гIунтIизабулеб букIана низам цIунулезда дандечIей гьабунилан. Гьедин анлъго моцIги туснахъалъуб бан, исана 15 маялда къватIиве вачIун вукIана Къудбудинов АхIмад. ГIагарлъиялъ рикIкIунеб буго жанив лъезе къваригIун ургъараб хIилла букIанин гьесие гьеб доб мехалда, гьанжейин абуни гьев викъун вугин низам цIунулез».

МахIачхъалаялдаса Къудбудинов АхIмад викъулеб заманалда гьесул ХарачIи росулъ аскарияз хасаб операция тIобитIулеб букIана. Гьезул щаклъи буго Шамалъул хIукуматалда рагъулел гIадамазда гъорлъе гьеб мухъалдаса гIолохъаби унел рукIиналда. Гьедин гьабсагIаталдаги вуго ХарачIиса гIолохъанчи МахIачхъалаялда туснахъ гьавун. Низам цIунулез абулеб буго гьев Шамалдаса тIадвуссун вачIанин, амма досул гIагарлъиялъ бицунеб буго вукIинчIин, гьев Мисралде гIараб цIали гьабизе ун вукIанин.

XS
SM
MD
LG