МагъчIваялъе рес

Кавказалъулазе армиялде нух рагьана


ТIоцебесеб апрелалдаса Россиялда байбихьана армиялде гIолохъаби ахIиялъул тадбир. Исана ракIалда бугин ватIан цIунулезул кьеразулъе 154 азарго гIанасев гIолилав ахIизеян лъазабулеб буго Улка цIуниялъул министерлъиялъ. Гьединго Дагъистаналдаса гьенире ахIулезул квота нахъе бахъун буго гьаб нухалъ. Шималияб Кавказалъул республикабазе кинабниги гIурхъи чIвазе гьечIилан лъазабуна улка цIуниялъул вакилзабаз.

Армиялде гIолохъаби ахIиялъул исанасеб тадбиралъулъ рукIине руго гIемерал хиса-басиял. Гьедин щибав гIолиласе кьезе рагIула киналго гьесул баянал тIад хъвараб электронныяб карта. Гьелда жанир хъван рукIине рагIула солдатасул цIар, гьавураб бакI, къо-моцI, черхалъул роцен, цIайи, гьединго сахлъиялъул хIакъалъулъ баяналги. ЦIияб элкетронныяб картаялъ хисизе бегьулин хъулухъ гьабулесул рагъулаб билетилан абулеб буго Улка цIуниялъул министерлъиялъул вакилзабаз.

Кинавниги гьаб соналъул ихдал Россиялде армиялде ахIизе рагIула 154 азарго гIолилав. Армиялде гIолохъаби ахIиялъул тадбир халат бахъине буго тIоцебесеб апрелалдаса байбихьун 15-абилеб июлалде щвезегIан.

Гьединго исанасеб тадбиралдаса байбихьун армиялде хъулухъ гьабизе унев гIолиласе кьезе рагIула рацIцIа-ракъалъи чIезабиялъе хIажалъулел сурсаталги, гьелда гьоркьор шампунь, цаби чурулеб ва мегеж кIкIвалел алаталде гIунтIун киналго къваригIунебщинаб къайи-цIа.

Гьединго гьаб соналдаса байбихьун армиялде гIолилал ахIулеб лъазаби тIад хъвараб кагъат гьесухъе битIизе рагIуларо тIокIалъ, гьелда хадув гIолохъанчиги живго вачIине кколев рагIула армиялде ахIиялъул тадбир байбихьун кIиго анкь арабго. ВачIинчIого чIун, хъулухъ гьабиялдаса лъутулев гIолиласда тIадин абуни административияб яги уголовияб такъсир гьабиялда рекъон тамихIалде цIазе вугиланги лъазабулеб Улка цIуниялъул министерлъиялъ. Гьелъул нухмалъулев Сергей Шойгул рагIабазда рекъон гьединазул къадар жакъа Россиялда рагIула анлъазарго чи.

Гьединго хиса-басиял гьарун руго сахлъиялъул рахъалъ армиялде рачинчIого толел гIолилазул рахъалъги. Гьанже кIиабилеб стадиялда ругел артроз, гьоркьа рахъа хIетIе битIи гIадал унтаби ругел гIолилазги бегьула армиялда хъулухъ гьабизе, десантазул аскаралда флоталда ва хасаб хъулухъалъул аскаралда хутIун хутIарал рагъулал бутIабазда.

Россиялъул армиялъул Генералияб штабалъул нухмалъулев Тонкошкурков Василийица лъазабуна Шималияб Кавказалъул республикабазда хурхун киналниги квотаби рукIине гьечIин исана, армиялде ахIулел гIолилал ахIизе ругин цогидал россиялъул регионаздаса ахIулезул къадаралда бащад. Мисалалъе араб соналъ дагь гьабун букIана Дагъистаналдаса армиялде ахIулезул къадар.
Гьедин 2013 соналъул ихдал Дагъистаналдаса рагъулаб хъулухъ тIубазабизе ахIизе хIисабалде босун букIана 1500 азарго чи витIизе, амма хIакъикъаталдайин абуни 800 гурони чи витIун вукIинчIо доб мехалъ Дагъистаналдаса рагъулаб хъулухъ тIубазабизе.

БатIи-батIиял гIиллабазда бан хъулухъ гьабиялдаса махIрум гьарурал чагIи малъичIого сахал, базалиял, ватIаналда цебе тIадаб борч тIубан бажарулел гIолохъабазул 25 азаргоялдаса бахъараб 30 азаргоялде щвезегIан чи вугин жакъа республикаялдаян абулеб буго Дагъистаналъул рагъулаб коммиссариаталъул нухмалъулес.

2012 соналъул хасалихъе рагъулаб хъулухъ тIубазе Дагъистаналдаса ахIун вуго 120 чи, амма хIакъикъаталдайин абуни хIисабалде босун букIараб къадар 200 чи вукIанин, бичIчIуларин щай гьеб къадар дагь гьабурабилан рази гьечIого вукIана доб мехалъги.

«Регнум» агентлъиялъ кьураб баяналда рекъон гьаб соналъул ихдал хIисабалде босун рагIула Дагъистаналдаса армиялде азарго гIанасев гIолилав ахIизе. Гьезул 310 чи ахIизе рагIула тахшагьар МахIачхъалаялдаса.

Дагъистаналъул рагъулаб комиссариаталъул хIалтIухъан: «Кинавниги хIисабалде босун буго азарго гIанасев чи витIизе. Гьезул къадар дагь гьабиялъе ккараб аслияб гIилла букIана контракталда рекъон хъулухъ гьабулезул къадар цIикIкIинабулеб букIин улкаялдаго. Амма гьаб нухалъ ахIулел гIолилазул къадар кингоги цIикIкIун букIине буго цебеялдаса. Цере нижеца тIадчIей гьабулеб букIун батани тIадегIнаб лъай щварал гIолилазда, гьанже цересан ахIизе руго армиялда хъулухъ гьабулеб ригьалде щварал гIолилалги».

Россиялъул улка цIуниялъул министр Сергей Шойгуца лъазабуна соналдаса соналде дагь гьабизе бугин армиялде ахIулел гIолилазул къадар. Гьезул бакI кквезе бугин контракталда рекъон хъулухъ гьабулез. Жакъаялде гьединазул къадар Россиялъул армиялда рагIула 250 азарго гIанасев чи. 2021 соналде гьезул къадар 500 000 чиясде щвезегIан цIикIкIинабизе ракIалда буго Россиялъул Улка цIуниялъул министерлъиялда.
XS
SM
MD
LG