МагъчIваялъе рес

МугIалимзаби жидерго харж гьариялде ккезарун руго


Дагъистаналъул Лаваша мухъалъул мугIалимзабазе щун буго чанго моцIалъ кьолеб букIинчIеб гIарац. Гьеб ккола гьезул аслияб харжалда тIаде кьолеб, пуланаб классалъе нухмалъи гьабуралъухъ кьолеб азарго гъурущ. Гьеб гIарац кьолеб гьечIилан Дагъистаналъул цогидал мухъазда ругел мугIалимзабзул цебеги букIана гIарз. ГьабсагIат кинаб ахIвал-хIал бугеб гьеб суалалда сверухъали лъазе гьабуна нижеца.

Кинабниги 1,7 миллион бащадаб гъурущ букIун буго Лаваша мухъалда ругел мугIалимзабазе кьезе кколеб налъул къадар. Гьеб ккола пуланаб классалъе нухмалъи гьабуралъухъ кьолеб гIарац, азарго гъурущ. Прокуратурялде гIарза хъван хадуб, гьез административияб ишги рагьун щун буго гьеб гIарац мугIалимзабазе.

Дагъистаналъул цогидал мухъаздаса мугIалимзабазул чанго моцIалъ цебе букIана гIарз жидее гьеб гIарац щолеб гьечIилан. ЦIияб сон байбихьаралдаса нахъе къотIизабун бугин гьеб гIарацилан бицун букIана доб мехалъ «Эркенлъиялъе» Амиродинов МухIамадица. Гьеб къотIизабиялъе гIиллаги рагIула гьадинаб; гьеб гIарац цебе федералияб бюджеталдаса бачIунеб букIун буго, хадуб гьеб регионалияб бюджеталде кьуралдаса къотIизабун буго Москваялъ. Налъул гIаммаб къадар букIун буго 51 милион гъурущ. Гьеб ккинабго гIарац Москваялдаса бачIинабун, гьал къоязда киналго мухъазде битIун анилан бицана Амиродиновас.

ГьабсагIаталда мугIалимзабазе кьечIого хутIараб гIарацул налъиги рагIула, гьеб ккола гьезие отпускаялда ругеб мехалъ кьезе кколеб гIарац

Амиродинов МухIамад «Отпускалъул гIарац щун гьечIо Дербент шагьаралъул мугIалимзабазе, кIиго миллионги хадубги гъурущ. Гьединго Гъаякент мухъалдаги гьебго кIиго миллион гъурущ щун гьечIо. МагIарухъ гьединал гIунгутIаби рукIиналъул баянал гьечIо нижехъ»

МагIарухъ ругел мугIалимазабазул гьединго гIарз буго гьезие коммуналиял бигьалъаби чIезаризелъун кьезе кколеб гIарац кватIизабулеб букIиналъул. Хасало тIурччи босизе кколеб гIарац кватIизабулоеб буго гьезие. Гьеб суал жеги рагIалде бахъун рагIуларо. Гьединазул 19 800 чи вугилан бицана мугIалимзабазул ихтиярал цIунулес.

Амиродинов МухIамад «ТIурччи босанилан тасдикъ гьабураб кагъат бихьараб мехалъцин кьун гьечIо гIарац. Нижеца гьелъул баян щвезабуна республикаялъул прокуратураялде ва захIматалъул рахъалъ министерлъиялдеги. 386 миллиард гъурущ битIанин мугIламизабазеян абураб кагъат буго нижехъ, амма гьеб гIарац кинаб куцалъ бикьарабали захIматалъул министерлъиялдаса нижее жаваб щвечIо»

Эркенлъи радиоялъ дагьаб цебегIан бицун букIана мугIалимзабазул цогидаб гIарацги кватIизабулеб бугилан. Гьеб ккола гьезул харжалда тIаде лъабго моцIида жаниб цо нухалъ кьолеб стимулирующая абулеб гIарац. Гьеб гIарац кьолеб гьечIин жидееян бицун букIана «Эркенлъиялъе», Гъуниб мухъалъул КIогьориб росулъа гIурус мацIалъул ва литератураялъул мугIалим Расулова Хадижатица. Гьеб гIарац дагьаб цIебегIан кьунин жидееян бицана гьелъ, амма тIубан кьечIин, 30 процент тIаса камизабун буго.

XS
SM
MD
LG